Миллиял мацIазде хасаб рокьигун

Исана февраль моцIалъул 22-23 къояз Санкт-Петербургалда бугеб «Дагъистан» абураб цолъиялда тIо­ритIана рахьдал мацIазул рагьарал дарсал.
Наида ГIусмановалъул нухмалъи­ялда гъоркь гIуцIараб гьеб ишалда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъу­л ва Кавказалъул тIолалгоялде гIунтIун миллатазул вакилзабаз. 
Миллиял мацIазул мугIалимзабаз би­цана жиде-жидер халкъалъу­л, гIа­дат-гIамалалъул, рукIа-рахъи­на­­лъул. Гьединал дарсаз умумузул лъи­кIаб­щинаб цIуниялъе квербакъулин абуна гьенир данделъараз. 
Н. ГIусмановалъ бицана рахьдал мацIал малъиялъул бугеб кIва­ра­лъул, гьелдалъун миллияб маданият, тарих, адабият лъазабизе бугеб реса­лъул хIакъалъулъ. 
Авар мацIалъул мугIалим Му­хIа­мад ХIамзатовас бицана гьеб ма­цIалда дарсал кьезе Санкт-Петер­бургалда байбихьараб куцалъул, рехсана гьенир цIалулел рукIарал батIи-батIиял миллатазул вакилзабазул цIарал. Гьезул чангояс хъварал сочинениял рахъун рукIана «ХIакъикъат» газеталдаги (21.02. 2020. № 7). 
Сочинениял хъван рукIана «Ма­гIа­рул мацI лъазабизе щай дида ра­кIал­де ккараб?» абураб темаялда тIа­сан. 
Гьениб авар мацI лъазабулев Мексикаялдаса АхIмад Гонсалесица ре­кIехъе цIалана Расул ХIамзатовасул «Къункъраби» кечI. МагIарул мацI лъазабулезул цояй, Марияца цIалана Расул ХIамзатовасул «Эбел» абураб кечI. Данделъаразе рекIее гIуна яцал Гюльшан ва Вера Санаялги церерахъин. 
Дандеруссиналда бицана «Дагъистан» цолъи гIуцIарав ГIисахIажи ГIусмановас чIезарун ругел шартIа­зул­ги. 
Ахиралда, ретIун чухъагун, рачлихъ бан ханжаргун цеве вахъарав гьитIинав гIахьалчи, ЧIиркъатIаса Му­хIамад ГIумаровас цIалана «Ма­лъе, эбел, рахьдал мацI» абураб кечI.