50 соналъ цебе кутакалда ракьги багъарун, кIудияб зарал ккана Дагъистаналъул халкъалъе. Гьеб букIана 1970 соналъул 14 май. Гьелдаса хадуб жеги ункъо къоялъги чIечIин гьеб, зама-заманалдаса кIобокIуланин ракIалде щвезабула гьелъул нугIзаллъун рукIарал ракьцояз. Биххараб магIишат рукIалиде ккезабуна тIолабго улкаялдасаго кумекалъе республикаялде рачIарал гIадамаз. Ракь багъарун хадур тIагIарал росабиги ккана. Гьезул цояб буго Буйнакск районалъул Ахакь...

