Дие кIудияб талихIлъун ккана Турциялде сапаралъ ине щвей. МугIалим ва щуго цIалдохъан рекIараб самолет рещтIана Истамбулалъул аэропорталда. Нижеда дандчIвазе вачIун ватана Турциялда гIумру гьабулел магIарулазул цевехъан Шигьабудин Озден.
Турциялда бараб анцIго къоялда жаниб гьалбадерица нижеда рихьизаруна гIемерал тарихиял бакIал. Цо гIажаибаб бакIалъул хIакъалъулъ бокьун буго нужееги бицине.
Истамбул шагьаралда гъоркь буго лъим цIунизе бараб бакI. Гьелда цIар буго Ерабатан. Гьенире лъугьуна ганчIил гьабураб 52 болъоги бахун.
ХIавузалъул гIеблъи буго 70 метр, халалъи – 140 метр ва гIатIилъи – 9800 квадратияб метр. Гьелда жаниб цIунулеб лъел къадар бахуна нусазарго литралде. ХIавузалъул тIох кквезе кIамурабазда гъоркь бахъун чIезабун буго ичIго метралъул борхалъи бугеб 360 колонна. Щибаб колоннаялда гьоркьоб буго ункъо метргун ункъого сантиметр. Кинабниги буго 12 кьер ва щибаб кьералда эхетун буго 28 колонна.
Еробатан бан буго 527-565 соназда Византиялъул император Юстиниан ТIоцевесес. Гьелъул аслияб мурадги букIун буго шагьар лъедалъун хьезаби. Гьаб заманалде щвезегIан чанцIулго къачIанги букIун буго гьеб. Истамбулалде рогIрахъан лъим бачараб мехалда, Еробатан рехун тун букIун буго. 1453 соналда Истамбул кверде босана гIусманияз. Гьеб заманалдаги гIемер хIалтIизабулеб букIун гьечIо Еробатан. 1544 соналда Истамбулалде вачIун вуго Голландиялдаса сапарчи П. Гиллиус. Гьев щун вуго гьеб гIажаибаб бакIалде ва хадубккун газеталда бахъун буго Еробатаналъул хIакъалъулъ хъвараб макъала. Гьеб бакIалъухъ балагьизе гъирабарал туристал гIемерлъулеблъи бихьидал, Истамбулалъул нухмалъиялъ гьеб къачIан буго ва, тарихияб бакI хIисабалда, гьанже гьеб бихьизабула Турциялде щварал туристазда.
Жакъасеб Еробатаналда нижеда ратана гIемерал туристалги. Гьенирго ругоан суратал рахъулел ва батIи-батIиял сувенирал ричулел туркалги. Нагагь Турциялде щвани, нужги а Еробатаналде – цIакъ гIажаибаб бакI буго гьеб!