50 соналъ цебе кутакалда ракьги багъарун, кIудияб зарал ккана Дагъистаналъул халкъалъе.
Гьеб букIана 1970 соналъул 14 май. Гьелдаса хадуб жеги ункъо къоялъги чIечIин гьеб, зама-заманалдаса кIобокIуланин ракIалде щвезабула гьелъул нугIзаллъун рукIарал ракьцояз.
Биххараб магIишат рукIалиде ккезабуна тIолабго улкаялдасаго кумекалъе республикаялде рачIарал гIадамаз.
Ракь багъарун хадур тIагIарал росабиги ккана. Гьезул цояб буго Буйнакск районалъул Ахакь росу. ТIабигIаталъул беричлъиялъул рахъалъ Аллагьас майилан кьураб гьениб гIумру гьабизе къадар букIинчIеб къагIида гьелъул гIадамазул.
Гьеб буго гендеридаги ЧIикIаб хIоралдаги гьоркьоб. Гьениб аскIосан бахъулеб буго магIарухъе Бузнаса нухги.
ГьабсагIаталда ахакьдерил чагIаз гIумру гьабулеб буго Хъумторхъала районалъул Учкенталда. Гьенире жал гочинариялъул хIакъалъулъ «ХIакъикъаталъе» гьадин бицана ПатIимат Абакаровалъ.
-Педучилищеги лъугIун, росулъе хIалтIизе ячIун тIоцебесеб сон букIана дир.
13 маялда ниж, яцалгун цадахъ, школалдаса рокъоре рачIараб мехалъ ракь багъарана лъикIаб хIалалда. ГьитIинаб мехалда дида бицунеб рагIун гурони, жеги бихьараб жо букIинчIо гьеб. Эбел-эменги рукIинчIо рокъор. Яцазда аскIоре рачIарал мадугьалзабазул лъималги рукIана нижер дора. Ракь багъаризе лъугьиндал, дица гьел киналго рокъоре ахIана. Дида лъачIо гьедин гьабизе бегьулареблъи (гьелъул гIаксалда, къватIире кIанцIизе кколел рукIун руго).
…Заманалдасан лъугIана ракьбагъари. Щущахъ росуги бана. Рихха-хочун гIадамалги лъугьана. ЖабрагIил абурав чиясул мина кьватIун рагIулин, росулъ вугевщинав чи гьениве ана балагьизе. Нижги ана, гIисинал чагIи.
…Гьеб къоялъ бакъанидехун дунял гIодобе биччанин ккараб гIадаб мехалда, киналго къавуде руссана, цинги къаси кьижизе рахана. «Подвиг пионера Лёни Голикова» абураб тIехь цIалулей йикIана дун гьеб мехалда. Сордо бащалъун букIана. Цо заманалда бахъанаха ракьулъан кутакаб гьаракьги, цIидасан байбихьана ракь кIобокIизе. ХантIан къватIире кIанцIана эбел-эменги нижги. Гьеб мехалда къватIиб балеб батана чвахунцIад. БецIаб сверухълъи, ахIи-хIур гIадамазул.
Квачалел рукIун, инсуца зама-заманалдаса рокъове жаниве векерун ун, гьениб батараб парта-магIал, юргъан-турут бачIана къватIибе баччун. Ракьда тIад гьеб кинабгоги тIибитIун, ниж кьижун ккана. Май букIаниги, жеги дунял лъикIаланго хинлъун букIинчIо. Нижер росу буго цIулакьодул гъутIбузги бацараб, жанисан лъар чвахулеб, цIакъ гьогьомараб бакIалда.
Зама-заманалда багъарулеб, чIолеб букIинчIо дунял.
Нахъисеб къоялъ нижеда абуна контораялде ракIарулел ругилан. Рилълъана. Амма гьенире щун заман иналдего ахIи бахъана росда тIаде балагьараб магIарда ругел минаби риххизехъин ругин, гьенир чIарал гIадамазе кумек хIажат бугилан. Гьедин гIадамал рекерана гьенире.
Гьеб параялдаго гьениб магIардасан бачIунеб букIун буго цIцIаназул рехьедги гьезда хадув -гIолохъанчиги. ЧIикIасезул кули гIадаб бакI букIана гьениб гIагарда. Ракь багъарараб мехалда ракьалъ кIкIун ун, кодоре щун гьечIо гьев васги цIцIаниги. ГIадамаз кигIан хIаракат бахъаниги, гьел кодоре щвечIо.
…Гьедин бана кIиго-лъабго сордо. Гьелдаса хадур районалдаса росулъе росун рачIана чIахIи-чIахIиял чадрал. Хъиза-хъизамал ккун, гьенир жанир чIана гIадамал. ЧIолеб цIадги букIинчIо. Цин зоб гвангъун, цIваби раккун, цинги цIад бан – гьеб гIала-гъважа гьабуна дунялалъ.
Росулъ вукIана Агъай абулев, Хъараниса чи, нижехъаго чIужуги ячарав. Как-диналде гьетIи бугев чи вукIана гьев. Гьес абуна киналгоги ракIарун, тавбу гьабизе кколин. Рахун цо борхалъиялдегун, гьабуна тавбуги.
Хадур лъугьана гьенире раккизе районалдаса хIакимзаби. Гьениса гочине кколин суал лъезе байбихьана гьез.
Гьеб хабар рекIее гIечIо росуцоязе. Нижер инсуцаги росулъ рагIи билълъарал цогидал чагIазги жаваб кьуна, хадур балагьун умумузул хабалги тун, жал кирениги унарин. ТIадежоялъе, Чачаналъа гочун росулъе тIад руссаралдасаги 13-14 сон гурони гьечIила жидер. Гьедин гьел лъугьиндал, хIакимзабаз лъазабуна тукенги школаги къалин, колхозги гьаниб букIунарин, гьадаб мегIерги тIаде ччукIун бачIун, нужер росуги биххулин. ТIадежоялъе, ракьги букIана чанго къоялъ кIобокIулебго кIобокIулеб.
Росдада тIадехун бугеб магIарда бакI-бакIал тIун ун рагIулилан, гьеб бихьизе вачIинчIев чи хутIичIо Буйнакскиялдасагун МахIачхъалаялдаса. Расул ХIамзатовцин вачIун вукIана. Нижедаги бихьана гьеб – тIасан гали лъезе бажарулареб кIодолъиялъул кьватIалаби рукIана гьенир. Гьадаб ЧIикIаб хIор бугеб рахъ ккола гьеб. БитIараб-гьереси лъаларо, гьанже бицунеб буго добе нахъе ГЭСалъул лъим тIамиялъ багъарун бугин гьеб ракьилан. Гьедин букIарабани, цогидал росабазе ккелароанха къварилъи. ЦIобокь-Миякьоги биххана гурищ. 31 чиги хвана. Нижер росулъ минаби, Чачаналдаса гочун хадур, гьоркьор бакIалги тун рарал рукIана. ЦIобокь-Миякьо абуни магIарул къагIидаялда – цоясул азбар, цогидасул тIох кколеб куцалда рарал рукIана. Гъоркьан чвахулеб лъарги букIана. Гьединлъидал, ччукIун гьел минабигун, гъозие цIикIкIараб къварилъиги ккана.
Гьединго Буйнакскиялдаги, Хъумторхъалаялдаги, цогидалъубги багъарана ракь. Гьелдаса хадуб цIигьабураб район буго Хъумторхъала район.
— Нужеда районалъул хIакимзабаз кире рахъине бокьилебали гьикъанищ яги гьеб бакI чIванкъотIун жидецагойищ бихьизабураб?
-Нужго гIадин риххарал росаби ругин Экибулахъ, Капчугъай, Шамхалбулахъ, Эрпели росдал цо хъутангиян абуна нижеда. Гьелгун цолъизаризе цо росу базе бугилан.
Цин нижеда бихьизабун букIана чIикIасезда аскIоб бугеб Къакъа абулеб бакI. Гьанжени росуги кIодолъун, гьез цIезабун буго гьеб. Алмалоги букIун буго бихьизабун.
Амма щаяли, гьел бакIалги жалго тун, ниж гьанире, Учкенталде, кканаха. «Лъабго росу» абураб магIна буго гьелъул. Гьадал тIадехун рехсарал лъарагIазул гIисинал росабиги нижер Ахакьги данде кьабун лъугьана гьеб.
БитIун тIогьолъ росарал ахалги тун, гочинаруна ниж гьениса салулги цIураб, жакъа къоялде щвезегIанги лъимги гьечIеб бакIалде. Доб мехалда баччун бачIунаан росулъе лъим. Хадуб каналалдасан бачана. Амма росуги кIодолъун, киназего гIолеб гьечIо.
— Минаби разе хIукуматалъ кумек гьабун батила.
-Кутакалда гьабуна: хIажатаб къайи-цIаги кьуна, Гуржиялдаса, Осетиялдаса гIолохъаби рукIана гьанир жамгIиял бакIал ралел.
— Нужер Ахакье чанго соналъ цее щведал, гIурус пачаясул заманалдаго бараб кьодул щулалъиялъги некIсияб мажгиталъул хутIелазги хIайран гьаюн йикIана дун. Бузнаса нух бахъулеб бакIги гьениб гIагардаго бугин рагIана.
-Бузнасан генал рачIунел рукIаралха Ахакье жидерго дора рижулел нигIматал, нижер тIощалихъ, цIулакьодухъ хисизе. Дида ракIалда бугеб заманалда микьирги цIибилги бачIунаан гьез гьагьаздаги лъун. Максим Горькиясул цIаралда бугеб колхоз букIана ахакьдерил, рахъ-рахъалда хъутабиги ругеб.
Нухда бугеб, ракI гъураб росу букIана нижер. Цояб рахъалда ишкартисел, дагьал тIадегIан – хъаранисел, генал. Кутакалда бечедал рохьалги руго гъора. Камураб пихъги букIунаро. ГъветI-хералъул бицун пайдаго гьечIо. Маялъул бащалъуда ландышал тIегьала. Гьезул авлахъ буго гьениб. Дагьаб мехалъ гьезда аскIор лъалхъани, макьу щола.
— Нуж Учкенталде гочараб мехалдаса нахъе жанив щивго чи гьечIого, тIубанго рехун тунищ Ахакь букIараб?
-БукIинчIо. Гендерил чанго хъизан букIана цебего гьенибе гочараб. ЦIакъ хур-ах хIалтIизабизе махщел бугел бихьинал руго гьезул. Гьеле гьел чIана гьенирго.
Цинги дагь-дагьккун Учкенталдасаги байбихьана нижер гIадамал росулъе нахъруссине. Гьелъие гIиллабиги батIи-батIиял рукIана – ригь арал яги Учкенталда рукIине рес рекъечIел гIадамал рукIана гьел. ТIабигIатги тIубанго батIияб бугелъулха нижер. АнцIго-анцIила хадур соназ анцIгойищали гурони чиго хвечIо Ахакье нахъруссарал нижер гIадамазул. Учкенталде гочинарун хадур абуни, кIурун рана гьел, гьениб гьава-бакъги данде ккечIого.
Гьедин, умумузул росулъе тIад руссун арал ахакьдерил анцIго цIараки батила гъоба гьабсагIаталда. Цо заманалда кутакалда цIилъун бачIунеб букIана. ГьитIинабго школагицин букIана. Амма гьанже чIунтулеб буго. Лъарги къун бугин рагIана.
ШартIал гьечIони, щивха гьенив чIелев?
Росу хIисабалда статус кьуни, гIезегIан жо гьабизе бажарилароанищха гьениб. Гьебги кьун гьечIо.
— КIицIул гочинабураб росу кколеб бугоха нужер гьеб – цин кIикъоабилел соназда Чачаналде, хадуб Учкенталде…
-ЛъабцIул гочинаруна. Имам Шамилил аскаралъе магъало кьезе разилъичIолъиялъ, гьес гочинарун рукIана нижер умумул Чачаналъе. ГIадамал нахъруссинаредухъ росуги бухIун букIун буго.