11 маялда Владимир Путиница цIияб хитIаб гьабуна халкъалде. Гьесул кIалъаялдаса аслияб хIасиллъун босизе бегьула хIалтIуларел къоязул болжал лъугIанин улкаялдаян президентас аби. Амма эпидемиялде данде гьабулеб къеркьей лъугIун гьечIин тIадеги жубана гьес. Регионалъул нухмалъулезухъе жидехъего кьолеб бугин ихтияр, бакIалда бугеб ахIвал-хIалалдеги балагьун рокъор чIеялъул низам халат бахъинабизеянги лъазабуна. Нахъисеб къоялъ, ай 12 маялда Владимир Васильевас...

