Гьел рагIабазул автор щивали сразу бичIчIула поэзиялъул дагьабниги бичIчIи бугев чиясда. Щайин абуни, жиндирго цо хасаб мацIги, цIалдолезул рекIелъе тIинкIуледухъ херхарал жугьабиги, хваниги хадур гъолареб философияб магIнаги, мировой классиказдаса къечIеб куцалда калима рекъезабулеб къагIидаги Къородаса ГIибранил вас ХIажиясул гурони гьечIелъул жакъа.
«Бахьикъосазул» басрияв удаман, жиндир мунагьал чураяв МухIамад- Расул Дациевас ХIажиясе сайгъат гьарун хъван рукIана гьадинал мухъал:
«Дуца гьал дурго кучIдул
Китай мацIалъищ хъвалел,
КигIан цIалананиги
МагIна бичIчIулеб гьечIин…»
БичIчIилаанха досдаги, дагьаб мухIканго цIаларабани.
ГIибранил ХIажиясул поэзиялъул гьудулги вукIун, гьесул кучIдузул магIна босизе лъачIого бегьилищ?!
Мичман Дациевас дие бицунаан, гIемер щолаанила жив ГIибраниласухъ гьоболлъухъ. Ва гIемерисеб мехалъ, гIадалъ тIил кьабураб гIадин, кьурун тIадги вуссунаанила. Щайин абуни, «щекъерхалат» тараб бакI батуларого, чанги сардал рогьизе кканила дора. Цинги, батидал, ццин гьалаглъарав жинца, бугеб хIалалъ гьесул азбар бакьулъ речIчIулаанила «сурахIи». Зобал гъугъалеб гIадаб гьелъул гьаракьалъ мадугьаллъиго бахъинабулеб букIанила. ХIажиясе хиралъиялъ, живги риханила гьезда, жив хиралъиялъ, ХIажиявги рихинарищхайила.
Короче говоря, городалдаго рагIанила жал. Халатав залимав живги, жиндир коленаялде вахунарев авги гочунунел рихьидал, рохуца холаго хадур балагьун чIанила тIолго мадугьалзаби.
Амма чесно бицани, человечность бугев чи вугила ГIибранов. Цо нухалъ гьес «подарить» гьабураб холодильникалъ тIубараб лъагIелалъ хинлъи гуреб жо кьечIила. Риидалил бухIараб бакъул чIораз «чIван лъураб» пакъир, хасалоги, кигIан кIудияб цIорол гIерекъ аскIоб лъуниги, кIвечIила цIорозабизе.
Китай мацIалда херханиги щибила жугьабиги, жал къираллъиялъухъ гIащикъал ругони.
Дациевасул гьеб калам канишна рекIее гIуна дие. Даим ГIибранил ХIажиясул кучIдузул тIахьалги остолалда тIиритIун, тIаде лупаги ккун, цIалдолев ватула дун, гьезухъ гIащикълъиялъ. ГIемераб пикру цолъизабун букIуна гьесул щибаб мухъилъ.
ТIахьазул цIаралги рукIуна цо гIажаибал, гIумруялъ ургъаниги, нилъ хадур гъоларел гIадал: «Къоязул къункъраби», «Намусалъул спутник», «БатIиял ракьазда ракI», «Аваразул кицаби — каламазул пачаби» ва гь.ц. Амма «Бакъ хисизабизе кIвезе ккола чиясда» абураб цIаралъ битIахъе цIунцIрахинабуна дир черх. Жибго Бакъ хисизабизе кIвезе ккани … ХIажиясда …бажарана!
«Мун мафия ватани,
Дунги мафия вуго…», –
абун хъвана гьес.
Дур хIал чIахъаяв шагIир! Бакъни щай гурин зобги, моцIги, цIвабигицин мутIигIго гIодизарула ГIибранилас. Хасго чIужугIадан гIодизаюла гьас жиндихъго. МахIмуд гьадингосев чи вуго ХIажиясде дандеккун. ЦохIо гIаданалъухъ инагьдулаго гIадада гIумру тIамуна хъахIабросулъес, гьасул гали бахъанщиналъуй йикIуна рекIел турут… рикIкIадаса хадув валагьун чIезе. ЧIужуялдаса хIинкъичIони…
— ГIибранилав пикрияв поэт вуго,- абун хъвана жиндир мунагьал чураяв ГIабасилас.
Пикруялъул хIакъалъулъ живго ХIажияс гьадин хъвана:
«Пикру, тIадегIанлъи
босулебги мун,
ТIамун гъоркьгун гьав дун
мерхьунебги мун».
МагIарухълъи, гьобол-гьудул вокьиялъ хъварал рагIабиги гIемерал руго ГIибранил ХIажиясул. БакIал кIулал тIаде рахан таниги, тIаде вачIарасе хIурматалъе, нухлул рагIалда, гIагараб Къорода росулъ кIитIалаял рукъзалги ран тана ХIажияс, живго МахIачхъалаялда чIун вугониги. Минаялда тIад подвалал ран ругиланги бицуна цо-цояз, махсаро хIалае ккун. Гьел ратула ГIибраниласул поэзия бичIчIуларел ялъуни жидеда китай мацI лъаларел чагIи.
ГIенеккилищ цо параялъ живго поэтасухъ:
«Мун магIарухълъиги
тIиртIирун ккун чIа,
ЧIалуцаги хвасар
гьарула ралъдалъ».
Хваниги, чи хадув гъолареб гъварилъи буго, жаниб ралъад рехсараб, гьаб кIиго мухъалъулъ.
Гьал рагIаби поэтас, паркалдаса рокъове вачIунаго, тIадагьго рахъ- рахъалдаса паркъун унел мусудулги рихьун, хъварал ратилин тана:
«ТIутIал нахъе гъолеб
хьвануда релълъун,
Нахъ-нахъ валагьула
дунго вихьизе».
ХIажиясул гьаб пикруялъул камиллъиги, гъварилъиги, гIатIилъиги, тIокIкIинги борцунев литературияв критик ракьалда тIад вукIинин дида кколаро:
«Вилълъунаго вилълъуге…»
Жакъа гIемеразда абизе рекъараб калимаги бугебха аб.
НекIого тIубана ГIибраниласул гIумрудул 60 сон.
Кибехун балагьун, кьурун чIараб нилъер Хъвадарухъабазул союз, ХIажиясул юбилейги гьабичIого, гьадинав поэт дунялалдаго гьечIиланги лъазабичIого?!
Хъвадарухъабазул шефги земляклъидал, исанагIаги рачIине ккела цо къаппараб, кьучIаб пикруялде.
КьилимегIералда цебеги, нахъаги, тIасаги, гъоркьаги бугеб участкаялъул КIуяда, Гьонода, Къорода росабазул къавмалги данделъун, цо тIохгIанасеб ходатайство битIизе ккела хIукуматалъухъе ХIажиясул творчески вечер тIобитIейилан ва гьесие Бищунго Халкъияв поэт абураб цIар кьейилан.
МагIаруллъиялъухъ урхъуца холаго, тахшагьаралъул «гьундузухъ» гIумру гьабулев гьайбатав вас гьедин тей адабияталдаги маданияталдаги цебе кIудияб такъсирлъун рикIкIуна лично дица.
ХIасил-калам, ХIамзатов, Шахтаманов, ГIадало, ГIабасилав ана Аллагьасул къадаралъ рачун, къиматав цогIаги шагIир магIарулазеги хIажалъиларищ?!
Ва салам ва калам!
МагIна гьечIеб абуге, ирга щвечIеб, бицунге.
***
Хьул къотIун рокьи тоге, рохь къотIун, рогьо тоге.
***
ШайтIада батани таж, —
Гьеб — дур тIасияб этаж.
***
ГьитIинаб рокъобгицин билулебщинаб тIагIел, —
КIудияб дунялалда талихI билизе чIоге.
***
Эбел ками кIудияб ками буго чиясе, —
Чилъи ками дагьабги бакIаб раччи гьесие.
***
ЦIумги цIум буго даим, гъедуги гъеду буго,
ЦIудул жахIдаги ккезе рес гьечIо рощногъадихъ.
***
Пикру гьабураб лъикIаб,
ЛъикIаб лъаялда гIураб.
ГIатIал хинкIалги цIакъал,
МагIарул ханждал къарал.