— Эбел, дун якъун йиго!
— Гьале, дир яс, чурпаги, гьале панкъалги, гIорцIизегIан кванай, дир яс! — анги абулаго, кIодоэбелалъ дида цебе лъуна гъадаро цIун багIаргьолоялъул чурпаги, бекун панкъил кесекги.
— ДахIабаба, дие гьаб бокьун гьечIо, дие роллал рокьун руго! — ян абуна дица. Гьей пашманго ялагьана дихъ. ДахIабабада щибха лъалеб багIаргьалил чурпаялдасаги гьанжесеб гIелалъе роллал рокьулеблъи. Жиндир кванда дун чIухIарайлъиги бичIчIун, бадиб магIуги хулун, гьелъ бицана дие, щиб жо кколеб ракъияли.
КIодол къисмат
— ХIажиев ХIасанхIосен (дир эмен) гьавуна 1905 соналда Хунзахъ районалъул ТIануси росулъ. Гьев вукIун вуго бажари бугев чи. Гьесул лъугIун буго росулъ 4 класс, хадуб ГIараниб курсалги. Гьелдаса хадуб батIи- батIиял росабалъ хIалтIун вуго учительлъун: ГьацIалухъ, ЩулалъутIа, ГIебутIа. 1938 соналда ТIануси гIуцIун буго «БоцIул колхоз». Щибаб рокъоса хIайванги бачун, гIемер ругезул – гIемер, дагь ругезул – дагьал, гIуцIун буго колхоз. Колхозалъул председательлъун росдаца вищун вуго дир эмен.
Мунагьал чураяй ГIалил ПатIица гьадин бицунаан дир инсул хIакъалъулъ: «ХIасанхIосен вукIана дир гIел бащадав, гьев киназего вокьулаан. Гьесул букIана росулъ тIоцебесеб патефон. Рукъалъул къедаги бан, гьес биччан букIунаан гьеб, гIенеккизе нижги унаан. Доб мехалъ къаси-къаси клубалда гьабулаан «ччухI», ай кьурди-хъат. Ниж, ясал, эбел-инсуца гIемер риччалароан гьенире. Амма ХIасанхIосен хадув вачIани, гьесда божилъигун, риччалаан. Гьедин киназулго божилъи гIурав, ракIбацIцIадав чи вукIана гьев», — ан.
БацIцIунаго магIугун, хадубги бицана дахIабабаца:
— Нижер йикIана ункъо яс: Равзат, Багисултан, Сапинат, ПатIимат. Хъизаналъул букIана сахаватаб магIишатги берцинаб гIумруги. 1939 соналда байбихьана Хунзахъ тIалъиялдаги «ракьул колхозал» гIуцIизе. Инсудаги, ай председателасда, лъазабун буго ТIануси росулъги «ракьул колхоз» гIуцIизе кколин абун, — ан.
ДахIабабал кIудияй яц Равзатица бицана: Инсуда цIакъ ургъел чIван букIана росдал. Гьесухъе гIемерал росуцоял рачIунел рукIана рокъоре, колхоз гIуцIизе тогеян гьаризе. Гьез инсуда гьарулеб букIана «ракьул колхоз» гьабизе биччагейилан, гьеб гьабуни нилъ ракъуца холилан.
Эмен ун вуго Хунзахъе, колхоз гIуцIиялъул данделъиялде ахIун. Гьениб гьес абун буго: «Дир росу буго тIалабазда тIад, гIадамазухъа ругел ракьалги нахъе росун, колхоз гIуцIани, росу бакъуца хола», — ян. Гьесие кьун буго лъабго сордо-къо, пикруги хисизе, росдал гIадамалги мукIур гьаризе, росулъ «ракьул колхозги» гIуцIизе», — ян.
КигIан гьел гаргаданиги, хIинкъи кьуниги, ХIасанхIосен разилъун гьечIо гьеб колхоз гIуцIизеги, росдал гIадамазухъа рекьулел ракьал нахъе росизеги. Ункъо сонги кьун, эмен туснахъ гьавуна. «Кутакалда захIмат букIана эбелалъе рукъалъул магIишат бачине. Амма гьелъ ниж киданиги ракъун толароан. Нижее цIакъ кумек гьабулаан кIодоэбел Мантагъицаги. Эмен жеги жанив вукIана. Ахирисеб гьесул кагъат бачIун буго, рокъове виччазе ункъо моцI хутIараб мехалда. Гьелда инсуца хъван буго, жив цIакъ унтун вугин абун, — ан бицана дахIабабаца.
— Дида кидаго кIоченаро доб къо – дида рихьана, гIодулаго, нижер доре унел руччаби. Дун гьезда хадуй екерана. Гьеб къоялъ лъана нижеда эмен хваравлъи. Рагъида гIодулел кIодоги, эбелги, гIемерал гIадамалги ратана. Эбелалъ цинги, кодое дунги ячун, ахIана гьадинал магIил рагIаби:
Маххул рачел къала
лочнол тIанчIазе,
Дуца бесдал гьарун,
къватIазда тарал.
Чармил тIукъби рала
дур бесдалазе,
Дуца чиякъ гьарун,
къватIир рехарал!
Рачел къазе ккана эбелалъ. ЦIакъ захIмат букIана гьелъие киналго ракъарал рагъул соназ ункъайго ясалъе ретIинеги квинеги балагьизе. Гьелъул эбелалъ гIумру гьабулеб букIун буго ЛъагIилухъ росулъ. Гьей цIадул унтуца унтун йигилан хабарги бачIун, эбел ун йиго жиндирго эбелалде щвезе ЛъагIилухъе. Гьениса тIадюссун ячIун йиго, гьебго цIадул унтуцаги унтун. ТIокIалъ тIаде яхъине кIвечIо эбелалда. ГIемер заман иналде, гьей хвана. ХутIана гIисинал ясал ва херай кIодоэбел Мантагъ.
ЦIакъ захIматаб ва ракъараб заман букIана гьеб. Мантагъиеги кутакалда захIмалъулеб букIана согIаб рагъул соназда ункъалго бесдалал хьихьизе. Эбел хварайго, кIудияй яц Равзат ункъо классцин лъугIизегIанги течIого, Мантагъица ячана колхозалда хIалтIизе. Равзат йилълъине кколей йикIун йиго рекьарулел оцазда хадуй, бищизе кколеб букIун буго къвалиги, ракъичIого рукIине гIоло. Мантагъие бигьалъиялъе абун, инсул вацгIал ГIалил ХIасаница ниж лъабалго гIисинал ясал щвезаруна ГIараниб букIараб лъималазул рокъоре. Жиндир рухI кIалзухъ букIаго, васасул хIалае гIоло жинца лъимал гьенир толарин абун, Мантагъица рокъоре рачана нахъеги. Амма эмен хваралдаса гьелдаги унти ккун букIана, хадуйго цун эбелги хвараб мехалъ, кIодол цIакъ тату хун букIана. Дир лъабго класс росулъ лъугIарабго, хвана нижер кIодоэбел Мантагъги. Гьеб мехалъ кутакалда ракъи бихьана нижеда, гурхIарас бачIараб ридиги тIаде щвараб тIахьдиги кваналаан нижеца. Дида ракIалда буго, якъиялъ, кьогIаб гагаги бекун, гьеб кваналаан дица, цинги цо нухалъ гьелъ кIалдиб полопги базабун, унтунги йикIана дун. Дицаги яцгIал РапигIатицаги, бугIаялъухъ хисизеянги абун, росун рукIана гьелъул кIодоэбелалъ как базеян рахъарал щватаби. ГIанкизеги гIанкун, гьеб кваналаан нижеца. Нахъеги довго ГIалил ХIасаница ниж щвезаруна добго лъималазул рокъоре. Гьенив директорлъун вукIана нижер инсул вукIарав гьудул ХIажиев Шагьав. Гьев вукIана кутакалда лъикIав, гурхIел-рахIму бугев инсан…
ДахIабабал бадиса гирулеб букIана гьоло-гьологIанасеб магIу.
— ТIаса лъугьа, дахIабаба, — янги абун, бадиса магIуги бацIцIунаго, гъуд кодобе босана дица ва гьелъ тIураб чурпа кваназе лъугьана…
Наслабазул бухьен
Лъималазул рокъоб 10 классги лъугIизабун, дир дахIабаба Сапинат цIализе лъугьун йиго МахIачхъалаялъул медучилищеялде. Гьебги лъугIизабун, гьей хIалтIун йиго акушеркалъун Унсоколо ва ГIараниб росабалъ. Гьанже гьелъул буго 82 сон. Ункъайго яцазда гьоркьой бищунго къобихьарай йикIун йиго Равзат. Яц Багисултан цIалун йиго Буйнакскиялъул педучилищеялда. ХIалтIана ТIануси росдал школалда учительлъун. Бищун гьитIинай яц ПатIиматги ккола учитель. ГIумру гьабун йиго ЦIада росулъ.
Гьез нахъа тун буго кутакалда захIматаб гIумру. Биччагеги Аллагьас нилъеде тIокIаб рагъги, ракъиги, пасалъиги! Гьанже гьезул щиялъул руго лъималги, гьезул лъималги, гьезулги лъималги.
Гьанжеги бокьула дие дахIабабаца бицунеб къваридаб къисаялъухъ гIенеккизе. ГIумруялъ еэдичIей, къисматалъул рагIдукь гьогьоми батичIей, лъимерлъиялъул рогьел гьимичIей гьелъухъ ялагьидал, дидаги кIоларо магIу кквезе. Кинабго гьарзаяб гьаб заманалда, якъун йикIараб лъимерлъиги ракIалде щун, гьелъ цIидасанги регула жиндирго къисматалъул тIохьол тIанчал. Гьениб бугебщинаб рухIелги бухIиги…
Дицаги гIемер пикру гьабула – жакъасеб гIелалъ хIехьелаандай гьеб захIмалъи? Нилъеца аралде туманкI речIчIани, бачIунелъ гIарада балин абураб кициялъги кантIизарулел руго нилъ, гьелъул магIна босизе лъани.
Наслабазул бухьен щулалъизе лъураб кьолъун хутIизе буго дие дахIабаба Сапинатил къиса. Гьеб кьогIаб къисаялъ тIамула бугеб гьарзалъиялъул къимат гьабизе.