18 маялда РФялъул президент Владимир Путиница тIобитIараб видео-конференциялда бицана Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. Видео-бухьеналда гIахьаллъана РФялъул сахлъи цIуниялъул министр Михаил Мурашкоги, РФялъул бетIерай санитарияй тохтур Анна Поповаги, ДРялъул муфти АхIмад-хIажи-афанди ГIабдулаевги, ДРялъул бетIер Владимир Васильевги, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовги.
Коронавирусалъул инфекция тIибитIиялда бан, Дагъистаналда захIматаб хIал бугинги абун, Владимир Путиница ракIалде щвезабуна кIалбиччанкъоялъул байрам тIаде щолеб букIинги. «Дие бокьилаан, гьеб байрамалде хIадурлъулаго, халкъалъ цIодорлъи гьабуни. Динияб идараялъги гIадамазде ахIи балеб буго, байрам рокъобго тIобитIеян, гIагарлъиялъухъе, гьудул—гьалмагълъиялъухъе гьеб къоялъ хьвадугеян, гIидалъул как рокъобго байилан, сайгъатал ракIаризе лъимал ритIугеян абун. Хьулги буго гьеб ахIиялъухъ Дагъистаналъул бусурбабаз гIинтIамилин абураб.
Коронавирусалъул балагь тIаса унеб бугин ккола, амма гьеб рахъалъ Дагъистаналда жеги захIматаб хIал буго.
ГIадамаз ахIи балеб буго, хIажатаб къадаралда ва заманалда медицинаялъул кумек щунгутIиялда бан. Гьелдаго цадахъ, экспертаз абулеб буго, унтараб мехалда, рокъобго дару—сабаб гьабизеянги лъугьун, тохтурзабазухъе заманалда унел гьечIин гIадамалин абунги. ГIенеккулел гьечIо рокъоса къватIире рахъунгеян балеб ахIиялъухъги.
Жакъа дие бокьун буго хIакъикъияб ахIвал—хIал рагIизе», —ян бицана президентас.
Баркала кумекалъухъ
Республикаялда бугеб хIалалъул хIакъалъулъ бицана Владимир Васильевас. Гьес баркала кьуна муфтияталъе рузманалдаса инкар гьабизе ккелин абураб пикруялъул рахъ ккуралъухъги рокъоса къватIире рахъине бегьулареблъи халкъалда бичIчIизабизе гьабураб хIаракаталъухъги.
-Баркала буго федералияб централъ гьабураб хехаб кумекалъухъги. Нижее щвана 210 чиясе бакI бугеб палаткабазул центр. Кумекалъе битIун бачIана махщелчагIазул кIиго бригада. РФялъул сахлъи цIуниялъул министрасул заместитель Гридневасул нухмалъиялда гъоркь республикаялде бачIун букIана тохтурзабазул къокъа, — ан бицана республикаялъул бетIерас.
Бицана гьес дарабаздалъун хьезариялъулги, президентас бихьизабураб къадаралда тохтурзабазе гIарац щвезабизелъун прокуратураялъ гьабулеб бугеб хIалтIулги, тохтурзаби цIуниялъе хIажатаб хасаб ратIлилги ва цогидалъулги хIакъалъулъ.
Социалиял гьиназдасан бицунеб букIана гIадамал хвеялъул хIужаби рахчулел ругин абун. Гьелда бан В. Васильевас гьадин абуна: «Щиб гIиллаги ккун чи хваравали мухIкан гьабула жаназаялъул жанисел лугбазул халги гьабун. Гьедин гьабизе ихтияр кьоларо дагъистаниязул лъабго проценталъ гурони. Кинха чIезабилеб, коронавирусалъищ унтун вукIарав пуланав чи яги цогидаб унтиялъищ гьев нилъедаса ватIалъаравали? 2018 соналда гьуърузул унтаби сабаблъун республикаялда хвана 1374 чи, 2019 соналда – 1368 чи. Бищунго хIинкъи цIикIкIараблъун батана ХОБЛ (хронический обструктивный бронхит легких). Гьуърузулъ гьеб унти ккарав чиясеги цIакъ захIмалъула хIухьел цIазе», – ян. Гьес гьарана Дагъистаналда инфекциязул госпиталь базе кумек гьабеянги.
Хьул буго ТIадегIанасул гурхIел-рахIмуялде
Данделъиялда кIалъана ДРялъул муфти АхIмад-афандиги. Республикаялъул гIузрабазде кьолеб кIваралъухъ улкаялъул президентасе баркалаги загьир гьабун, гьадин бицана муфтияс:
-ГьабсагIаталда Дагъистаналда буго цIакъго захIматаб ахIвал-хIал. МугIрузул росабалъ руго гIицIго гIиси—бикъинаб унти ккарал чагIазе кумекалъе рес бугел медпунктал. Коронавирусалъул пандемия байбихьилалде захIматго унтарал гIадамал кидаго ритIулаан районазул яги шагьаразул больницабазде. ГьабсагIаталда гьечIо гьединаб рес, киса—кирго больницаби кьабун цIун руго унтараз. Гьединлъидал холел руго гIемерал гIадамал. Статистикиял баяназда рекъон, хун вуго анкьнусгоялдасаги цIикIкIун чи, хвана кIикъоялда анцIгониги медицинаялъул хIалтIухъан. Гьеб къадарги цIикIкIунеб буго къойидаса къойиде. ГIадамал махIрумлъана хIалтIудасаги.
Абизе бокьун буго: статистикаялъ хIисабалде росулел руго гIицIго больницабазда хварал гIадамал. Унтуца кIвекIун, рокъорго къадаралде щварал рукъулел руго, гIадаталда рекъон, ва гьезул хIисаб гьабулеб гьечIо лъицаниги.
Жеги унтиялъ квелъ бачIел яги унтун рахъарал муфтияталъул хIалтIухъаби хьвадулел руго Дагъистаналъул росабалъегун шагьаразде ва гьабулеб буго гIадамазе бичIчIикьеялъулаб хIалтIи. Гьезго щвезарулел руго ресукъал хъизамазе кванил нигIматалги, дарабиги, кислородалъул аппараталги – гьеб кинабго гьабулеб буго сахаватчагIазул кумекалдалъун. БитIараб буго: абизе бегьула, гIемер чи унтиялъе гIайибияллъун жалго гIадамал кколин абунги. Гьайгьай, щивас гуро бачIинахъего кIвар кьураб гьеб балагьалде: цоял божичIо, цогидазда ракIалде ккана гьеб жидеда хъинтIиларин абун. Амма, дир пикруялда рекъон, гIадамал тохлъанинги абун, гьел кумекалдаса махIрум гьари битIараб гьечIо. Гьаб заманалда нижер хьул буго ТIадегIанасул гурхIел-рахIмуялдеги дуца Дагъистан рехун тунгутIиялдеги. Гьайгьай, дудаго лъикI лъала, сундалъун кумек гьабилебали.
Цоги нухалда такрар гьабила. Дица щибаб къоялъ ритIула дирго хIалтIухъаби кумек гьарун ахIи балеб Дагъистаналъул щибаб районалде, гьединлъидал бугеб ахIвал—хIалги дида цIакъ лъикI лъала. ГIадамал махIрумлъана хIалтIудаса, гьединлъидал нижеца бецIула кванил нигIматазул тукабаздаги аптекабаздаги бугеб гьезул налъи. Амма гьеб буго цIакъго мукъсанаб кумек. Аслияб масъала буго гIадамазул сахлъигун гIумру цIуни. ХIалтIизе рахъарал тохтурзаби жалгоги унтана, бакI-бакIазда гьел гIолелго гьечIо гIадамазе дару—сабаб гьабизе. Дида лъала, мех—мехалъ тIолабго отделениялъе цо тохтурас гьабулеб буго дару, гьеб буго цIакъ захIматаб иш. Цебесеб кьерда хIалтIулел руго къадруял ва бахIарчиял тохтурзаби, амма дида кIоларо, хIалтIуде рахъинчIел тохтурзабазде гIайиб гьабизеги.
Гьелъие буго кIиго гIилла. ТIоцебе абуни, жалго унтилин хIинкъи. Щайгурелъул, гьеб унтудаса сах гьарулел хасал централ цIакъ дагь руго. МагIарухъеги шагьаразул больницабаздеги заманалда щвезаричIо унтиялдаса цIуниялъе квербакъулел алатал. Гьел гьечIого хIалтIулел тохтурзаби хвеялъул хIинкъи букIана. Гьединлъидалин нилъ цо—цо тохтурзабаздасаги ратIалъарал.
КIиабизе абуни, тохтурзабазулъ гьечIо метерисеб къоялде божилъи, жидее кьезе кколеб харж щвеялде ракIчIей.
ХIурматияв Владимир Владимирович, гьарула, кIвар буссинабе Дагъистаналде, -ян.
Рокъор чIунгутIиялъул хIасил
ГIадамал унтиялъул рахъалъ бищунго хIалуцарал къояллъун Анна Поповалъ рехсана 15-22 апрельги 23 апрелалдаса 5-6 маялде щвезегIан къоялги.
-20 апрелалдаса нахъе Дагъистаналда хIалтIулеб буго Чумаялде данде къеркьолеб Ставрополалъул гIелмиял цIех—рехазул институталъул хасаб бригада. Тохтурасухъе хитIаб гьабилелдего пневмониялъги унтун, захIматаб хIалалда больницаялде рачIунел гIадамазул къадар бахуна 60 проценталде (цогидал регионазда – 20 процент). Дагьал руго пневмониялъул хасият загьирлъичIого унтулелги: РФялда 45 процент батани, Дагъистаналда – гIицIго 25 процент.
Унтаразда гьоркьоса 30 процент ккола ригь арал гIадамал ва 10 процент – лъимал. Гьелъие аслияб гIилла буго рокъор чIунгутIи. Тестаздалъун хал гьабулаго, Россиялда тIатунеб буго 10—12 процент унтаразул, Дагъистаналда – 35 процент. Гьелъ тасдикъ гьабула республикаялда вирус жеги къуваталда букIин, -ян бицана гьелъ.
Данделъиялда В. Путиница кьуна хехаб заманалда тIуразаризе кколел тIадкъаял.
- РФялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялда лъазабуна дарабаздалъунги, медицинаялъул хIалтIухъабаздалъунги, хIажатал алатаздалъунги республика хьезабеян.
- Роспотребнадзоралда тIад къана эпидемия цIилъунгутIиялъул мурадалда, гьоркьоса къотIулареб халгьаби букIинабейин Дагъистаналдаян абун.
- МЧСалда лъазабуна республикаялъул социалиялги сахлъи цIуниялъулги идарабазда, гIемерал чагIи ракIарулел объектазда санитариял тадбирал тIоритIеян.
Данделъиялъул ахиралда президентас абуна:
-ХIурматиял дагъистаниял! Дида ракIалда буго 2003 соналъул сентябралда кIудияв шагIир Расул ХIамзатовасулгун букIараб дандчIвай ва гьесул рагIаби. «Дагъистаналъул талихIалъеги цебетIеялъеги аслияб къагIидаялда хIажалъула гьелъул цолъи, халкъал рикь—рикьунгутIи. Цогояб хъизанлъун хутIи», —ян абуна гьес.
Дида лъала, Дагъистаналда гIасрабаз цIунана ва цIунулеб буго гьудуллъиялъе ритIухълъи, яхI-намус, бахIарчилъи, цоцазе хIалае рахъин, чIахIиязул адаб гьаби. Гьел гIадатал цIуниялъ дагъистаниязе рес кьуна КIудияб ВатIанияб рагъул заманалдаги 1999 соналда жидерго улбул, лъимал, росдал хараби цIунизе, халкъазда гьоркьосел террористазул къокъабазе мустахIикъаб дандечIей гIуцIизе. Гьелдаса нахъе дир рекIелъ даимлъана Дагъистаналде хасаб асар. Нилъер цадахъаб хIаракаталдалъун Дагъистаналда чIезабуна ракълилаб гIумру. Цадахъ байбихьана ва хадубккунги гIуцIизе буго республикаялда церечIарал экономикиялгун социалиял масъалаби тIуразариялъе квербакъулел тадбирал.
ГьабсагIаталдаги нилъер цадахъал ишазда, щивав дагъистаниясул хIаракаталда, нужер къо хIехьеялда, жавабчилъиялда, тохтурзабазулги махщелчагIазулги малъа—хъваязда рекъон хьвадиялда бараб буго эпидемиялъукьа Дагъистан эркен гьабиялъул суал. Дие бокьун буго нужеда лъазабизе: гьанже Дагъистангун букIине буго тIолабго Россия. Гьаб бигьаяб гуреб заманалда нилъ цадахъ рукIина. Ва гьедин букIине буго кидаго.