Новость на родном

БукIинчIеб лъикI, ккараб квеш

28 апрелалда улкаялъул нухмалъулев Владимир Путиница лъазабуна хIалтIуларел къоял 12 маялдалъагIан халат рахъинарулел ругилан. РекIкIаб «коронавирусалъ» унтаразул къадар цIикIкIун гурони дагьлъулебги гьечIо.   Унтаразул рахъалъ дунялалдаго нилъер улка гьабсагIат буго кIиабилеб бакIалда. Унтаразул къадар сордо-къоялда жаниб г1емерлъулеб буго 10000 чиясдалъун. Россиялъул регионазда гьоркьоб нилъер кIудияб гьечIеб республика буго щуабилеб бакIалда. Унтаразул къадар 2200 чиясдасаги цIикIкIана....

Новость на родном

Сайгидпашаца абуна — Сайгидпашаца гьабуна

Дагъистаналда ватиларо Сайгидпаша ГIумаханов лъаларев яги гьесул цIарниги рагIичIев чи.   Халкъалъ жиндир цевехъанлъун рикIкIунев, хIалбихьи бугев нухмалъулев, гIакъилав гIуцIарухъан ва бахIарчияв магIарулав. Гьесул хIакъалъулъ рагIула батIи-батIиял харбал. Гьайгьай, камуларо гьев рихараз Сайгидпаша какиялъул хIужабиги. ГIажаиблъизе кколеб жо гуроха гьеб: кивго цого хIалалда чи къабул гьавулеб гIадат букIунарелъулха. Амма буго дида бичIчIизе захIмалъулеб цо хаслъиги: Сайгидпаша рихарал,...

Новость на родном

Рокъоб цIали гьаби – цIакъ захIматаб иш

17 апрелалда тIобитIараб бри­фингалда РФялъул лъай кьеялъул министр Сергей Кравцовас бицана школазда лъай кьеялда бугеб ахIвал- хIалалъул хIакъалъулъ. ИчIго ва 11 класс лъугIарал цIалдохъабаз ОГЭ­гун ЕГЭ кьолеб заман чIезабизе буго маялъул байрамкъояздаса хадуб. Министрас абуна, гьеб заманалде­ниги улкаялда бугеб ахIвал-хIал лъикIлъиялде хьул бугин. «На­гагь экзаменал тIоритIиялдалъун цIалдохъабазул сахлъиялъе за­рал букIине бугеблъи загьирлъа­ни, гьел нахърахъизеги бегьула....

Новость на родном

Щулиял кьалбазул магIишат

Хунзахъ районалъул ТIануси росдал Бабаюрталъулаб зонаялда бу­геб «Машгьурал гIадамал» СПК ккола республикаялъул церетIурал магIишатазул цояб. Пачалихъалъул гIемерал шапакъатазда, хIурматиял гIаламатазда гьоркьор руго 2015 ва 2018 соназда ВДНХял­да СПКялъе щварал меседил медалалги. Гьелъул ракьалъул гIатIилъи ккола 5200 гектар (кIиазарго гектар Кочубей зонаялда), буго 170 бетIер чIегIербоцIул, 6600 бетIер гIи-цIцIаназул, хIалтIуе гIураб къадар техни­каялъул. Гьал къоязда гьенире...

Новость на родном

«Джипалгун» вагъарав, вагъичIого къола

Рада-радал хIалтIуде уневщинахъе, вореха дир вас, цIодорго вукIайилан малъа-хъвай гьабула эбелалъ дие. Дицаги эбелалъ малъухъе гьабизе хIаракат бахъула. ГIурччинаб канлъи бакараб мехалда гурони нухги бахунаро, нухлул ракьанчIван гурони хьвадизеги хьвадуларо, маршруткаялде тIаде вахунелъулги гъоркье рещтIунелъулги рахъ-рахъалде бералги речIчIизарула.   Гьаб нухалдайин абуни, къосун ккана, малгIун иблисалъ мекъи рехана.   Маршруткаялъухъ валагьун чIарав дун, нухлул ракьанда...

Новость на родном

Ракъи бихьаразда лъала чадил къимат

Ахираб заманалда дунялалда кколел лъугьа-бахъиназул хIисабги гьабун, харабаз ракIалде щвезарулел руго жидерго лъимерлъиялъул захIматал сонал. Гьаб халкъул гIаламалда гIаданлъиги къохIехьейги щибали бичIчIизе ва Аллагьас кьураб нигIматалъухъ щукру гьабизе баккараб жо батилин, кибго тIибитIараб, унтиян угьун биччала гьез.   КъватIисел улкабазда карантинги лъазабун, гIадамал рокъор чIезарулел рукIин лъайдал, хIикматаб хъантIи тIатана цо-цо гIадамазулъ. Рихха-хочун базаразда ва тукабазда бугебщинаб жо рокъобе баччизе...

Новость на родном

Батила гьаб хIакъикъат, цIунизе ккела низам

Батила гьаб хIакъикъат, ЦIунизе ккела низам. Какилъ гIадин рацIцIадго, ЦIодорго рукIани лъикI…     Гьал рагIаби ругеб кечI рехун бачIана Туркиялда вугев магIарул наслуялъул вас Шамилица. КочIол роценалда хъванги, харбие бицунги цого тема цIикIкIунеб буго сверухъ къо бахъанагIан. Тема гуреб, жибго хIинкъиги рагьде щвечIеб бакI батизе захIмат буго. Лъалареб хIалалъ хисулеб дунял, щиб, кин гьабилебали лъаларого,...

Новость на родном

Хьул буго хIеж гьоркьоб къотIиларин

«ХIеж-Миссиялъул» цIияв нухмалъулев, хIажизаби гуккулел гьоркьохъаби ва пандемиялъул хIасил   Россиялъул «ХIеж-Миссия» идараялъул нухмалъулевлъун тIамун вуго ХIизбуллагь Асуев. Ахираб щуго соналъ гьеб идараялъе нухмалъи гьабурав ХIамзаев МухIамадгун цадахъ хIалтIулевги вукIана гьев. Гьеб заманалда жаниб бечедаб хIалбихьиги гIураб бажариги щун бугин гьесие абураб пикру бижана ХIизбуллагьилгун букIараб гар-чIвариялдаса хадуб. ХIизбуллагь, МухIамад ХIамзаевас гIемерал соназ нухмалъи гьабуна Россиялъул «ХIеж-Миссиялъе». Щиб гIиллаялдалъун...

Новость на родном

КIицIул гочана, амма…

12 апрелалъ ЦIунтIа районалъул гIадамазе пашманаб асар гьабула. Гьезул умумул Чачаналде гочинарураб къо ккола гьеб. Гьел гочинариялда хурхараб буюрухъ бахъун букIана 1944 соналъул 9 марталда.   Дагъистаналдаса 114 росдал жамагIатал ритIана Чачаналде. Амма, тумазул миллат гурони, депортациялда букIараблъун рикIкIинчIо. Нус-нус соназ гIумру гьабурал бакIал гIадамазда тезариялъе гIиллалъун советияб нухмалъиялъ бачунеб букIана хъачIал мугIрузда ругел гIадамазе яшав гьабизе...

Новость на родном

Ветеранасе кумек щолеб гьечIо

Болъихъ районалъул Кьохъ росулъ хутIун вуго кIиго рагъул гIахьалчи – Жамалудинов ГьитIинамухIамад ва НурмухIамадов ПатахI.   ПатахI захIматго унтун вуго, ГьитIинамухIамад хьихьун вуго васасги нусалъги. Гьевги гIинкълъун вуго. Гьесул васас ва нусалъ бицана хIукуматалъ жидее букIине кколеб кумек гьабулеб гьечIин. — Вегизе ортопедиялъулаб кроватьги, коляскаги, памперсалги хIажат ругин абун чанго нухалда лъазабидал, бадирецин ралагьулел гьечIо. МахIачхъалаялде...