ЦIумада районалъул росабалъ гьарурал ва гIурал васаз медалаздалъун бечедаб бачIин бакIарана 2019 соналда тIоритIарал спортивиял тадбиразда. Байбихьана санайилго тIобитIулеб халкъазда гьоркьосеб «Иван Ярыгин. Гран-при» турниралдасан. Гьениб бергьенлъи босана ТIиндиса МухIамадрасул ГъазимухIамадовас, Хъварщиниса МухIамадрасул Идрисовас ва КIванадаса Шамил Мусаевас. Европаялъул чемпионлъун вахъана Гьадириса Сайпудин МухIамадов. Гьебго соналъ нилъ рохизаруна UFCалъ тIобитIараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ...

