ГIедегIуге

Щибаб жоялъе букIуна жинди-жин­дир заман.

Метер ккезе бугеб жакъа кинго кколаро, жакъа ккезе бугеб жакъа ккечIогоги хутIуларо. Нилъеца гIемер бицуна метер ккезе бегьу­лелъул хIакъалъулъ, ургъалилъ къан рукIуна ккелищ-ккеларищали, бачIинищ-бачIинарищали лъалареб метерисеб къоялъул пикрабиги гьарулаго. Гьединал ургъалабаз, пикрабаз бакIлъизабула бетIер, чорок гьарула пикраби, лъугьуна рахIатхун ва цо гьитIинабго бугониги галиялъ рикIкIад гьарула талихIалдаса. Ккеле-ккелареб, букIине-букIинареб лъалареб жо сабаблъун щай къварилъахъдизе кколел? Щай хIинкъулел нилъеда жеги бихьичIеб жоялдаса? Гьеб буго щайтIаналъул хIалтIи, ай гьелъие бищун бокьулеб къагIида: нилъ ургъалилъе ккезари ва нилъер ццим бахъинаби. ТIадегIанав Аллагьасул хирияб Кала­малда буго: «ЩайтIаналъ рагIи кьола нуж мискин гьаризе…», — ян (2:268). ЩайтIаналъ нилъер ракIазулъе рехиза­була нуж мискинлъизе, нужеде батIи- батIиял балагьал рачIине рес бугин абураб пикру ва гьелъул мурадлъунги букIуна нилъер ракIазул рахIатхвезаби, Аллагьасе гьабулеб гIибадат мукъ­санлъизе букIине, мунагьал гьариял­де нилъ цIазе. Амма, хIакъаб жо, гьеб малгIун мурадалде щвезе гьечIо. Алла­гьасул хIалкIолъиялдалъун жакъа мун лъикI ватани, Ин ша Аллагь, метерги гьеб лъикIлъи дуда тIаса ине гьечIо. Хирияб Каламалда БетIергьанас абун бугелъулха: «Гьабураб лъикIлъи лъа­леллъун ва рецц гьабулеллъун нуж ругони, Дица жеги цIикIкIинабила», — ян (14:7). Гьелъул магIна ккола нилъее кьураб нигIматалъухъ нилъ ки­даго БетIергьанасе рецц гьабулел­лъун, Гьесда гьарулеллъун, Гьесдаса кумек-квербакъи тIалаб гьабулеллъун рукIине кколин абураб. Нилъ божарал­лъунги рукIине ккола нилъер гьара-ра­хьи, дугIа БетIергьанас къабул гьабизе букIиналда.

 

 

Щибаб къойилго гIадин цо гIиси- бикъинаб жо сабаблъунцин рахIатхун рукIуна нилъ. Гьедин рукIаго, гIемерисеб мехалда, нилъеда бихьу­леб жоги букIана гIицIго сурукъаб ва квешаб рахъ. Дагьаб пикру гьабуни рахIатхвезе гIадаб жоги гьениб бату­ларо. Амма инсанас жинцаго балагьула рахIатхвеялъе багьана, хIатта гьава- бакъ рекъараб гьечIин абунги тола­ро жиндирго ракI рахIаталда. Щибаб къойил гьедин, ай нодоги букIкIинабун кьунсрулги хучизарун вугев чияс жин­дирго гIумру жинцаго бачуна къва­ридаб, бецIаб нухде ва аскIобго гван­гъараб шагьранух букIин бихьизего бокьуларо. Гьединаз пикруго гьабула­ро Аллагьасул хIалкIолъабазул, Гьесул хIикматазул, гьединав чи гъапуллъун хутIула Къуръан цIалиялдаса, гIибадат гьабиялдаса. БетIергьанас бижанщи­налъул, Гьесул тIадегIанлъиялъул ва хIалкIолъиялъул пикру гьабиги кко­лелъулха Аллагьасда божиялъул цо гIаркьел.

 

 

Цо-цо чагIи рукIуна кидаго хвалил ургъалида, щивав чияс хвалил лълъар гьекъезе букIин хIакъаб бугониги. Гьелдаса щивго хвасарлъизеги гьечIо. Гьединлъидал, гьелъул ургъалида рукIинчIого, нилъее лъикIаб буго гьеб къо тIаде бачIинегIан гьелде хIадурлъи гьабулел рукIине. Гьеб мехалда рукIуна нилъ талихIаллъунги.