27 соналъ цебе дица ТIадмагъилъа Къурбанов Тажудинил къисматалъул хIакъалъулъ хъвараб макъала бахъун букIана «Известия» газеталда, «Партизанасул къисмат» абураб бетIералда гъоркь (№ 237, 25 август 1987 с.). Гьелдаса хадур Тажудинихъе ва дихъе рачIине байбихьана гIемерал кагътал. Гьезда гьоркьоб букIана Украиналъул Херсон областалъул Геническ шагьаралдаса А. Б. Лубенскиясул кагъатги. Гьес хъвалеб букIана граждан рагъул соназда живги вукIанила Дагъистаналда вагъулев. А. Б. Лубенскияс жиндирго макъала бахъун буго «Приазовская правда» газеталдаги… ХIакъикъаталдаги, гIажаибаб къисматалъул инсан вукIана Тажудин. Гьев гьавуна Лологъонилъ, амма гьесул гIумру ана ТIадмагъилъ. Гьенив мадрасалда цIалана, лъадиги гьениса ячана, магIишатги гьениб гьабуна. Дагъистаналда граждан рагъ унеб заманалда гьесул букIана 17 сон.
Пачаясул заманалда къо бухIараб, ракъараб, язихълъиялда рукIана магIарулал. ГIахьвалалин абуни магIарулазда гьоркьорги язихъаб бетIербахъиялда рукIана. Хуриса бачIараб хIалухъин 3-4 моцIалъе гурони гIолароан. БетIербахъиялде хьвадизе кколаан ЦIоралде, Чачаналъе, гIатIиракьалде. ХIалтIизе унаан магIарул росабалъеги рикIкIадал шагьараздеги. Гьениса щолеб мухьги цIакъго мукъсанаб букIунаан.
1914 соналда ГIахьвахъа 60 чи ана пачаясул армиялде мухьдахъ рагъизе. Гьел рукIана «ГIалхулаб дивизиялда» рекIаразул эскадроналда. Рагъана австро-венгриялъул фронталда ва революция бергьун хадуб росабалъе тIад руссана. Гьезие рагъулаб гуребги, революциялъулаб лъадариги щун букIана.
Дагъистаналда граждан рагъ байбихьидал, ГIахьвахъ участкаялда, Шамхал СалихIовасул бетIерлъиялда, партизаназул отрядалде лъугьана Тажудинги. Михъида хIур чIвачIев гьесул гIелалъул гIолохъабиги отрядалда дагьал рукIинчIо. Багьавудин Жамбулаев, ГIисалмухIамад Шамхалов, Халид ЧIахиев, Гъайирбег Дибиров, ХIаид Махиев ва цогидалги. Тажудинил командирлъун вукIана Турач ГIамиров, хадув гьев лъукъидал — ХIажимухIамад Эхунов.
1920 соналда Шамхалил ва Муслим Атаевасул отрядаз ЦIунтIе чабхъен гьабуна. Имам Нажмудинги Хъайтмаз ГIалихановги Гуржиялъе тIурун ун кодоре щвечIо. Гьеб сапаралъ Хушетире разведкаялъ ритIарал Изаноса ГIамирханги Тажудинги гъачагъаз сверун ккуна. Рагъана патронал лъугIизегIан. Хьул букIана тIаде кумек бачIиналда, амма гьеб щвечIо. ГIамирхан гьенив чIвана, Тажудин асирлъуде ккана. Хадусеб къоялъ партизаназ гьев эркен гьавуна. Кидероса наиб Жабул МухIамадовги гьесул васги асир гьарун, партизанал тIад руссана.
Гуржияхъа гIарацги ярагъги щун, ГIанди гIорккун эхеве вачIунев имамасул боялде данде гьебго соналъул октябрь моцIалъ отряд къватIибе бахъана. ХъварщикIкIалги бахун, «Богухъ» магIарда тIад щулалъи ккун букIана. Гъачагъазул къуват 3-4 нухалъ цIикIкIараб бугониги ракIчIей букIана Болъихъа кумек тIаде гIунтIиялда. Хабар бачIана Болъихъ хъала муридзабаз бахъанилан, гьениб букIараб армияги вахIшияб куцалда гъуранин, ярагъги имамасухъе щванилан. БагIарал партизанал тушманасул горсверуде ккана. ЗахIматаб масъала букIана гьанже гьезда гьениса рорчIине кIвейги. Рагъал ккана гIемерал, хасго Хъварщи кьодухъ. Гьенив лъукъана отрядалъе нухмалъулев вукIарав Шамхал, кIиябго рахъалъа чIваралги рукIана. Тушман нахъаса вичIулев вукIинчIо, гъоркьчIел гьабунги гIемер батулаан. Агъвалиса, КIванадаса сверун отряд ГIахьвахъе щвана. Шамхалица байбихьана цIидасан рагъуе хIадурлъизе. Отрядалде тIадеги гIолохъаби рачана. Ярагъалда хадур Шурагьире ритIана Шарип МахIачов, ЦаракгIали СалихIов ва МахIач ГIамиров. ТIад руссун Лавашиса, Гъуниса рачIунел рукIарал гьел ругъеждерил магIарда чIвана ва ярагъгун гIарац тушбабазухъе ккана.
ЗахIматаб хIал букIана гьеб заманалда ГIахьвахъ участкаялда. Муса Кундухов балъгого щвезавуна Хунзахъ хъаладухъе. Щибаб росулъ ва кулабазда гIуцIана щулалъаби. Нухазда аскIорегIан ругел минабазул тIохазде баччана гамачI, партизанал ругьун гьаруна ханжар- хвалченгун рагъизе, гIужихъабазе бакIал хIадур гьаруна, патираби ричун росизе сверухъ ругел росабалъе гIадамал ритIана. Партизаназе хIинкъаби кьолел рукIаниги, гъачагъазда ГIахьвахъе рачIине кIвечIо. Партизаналги рокъор кьерун чIечIо, гьез хасало сапарал рухьана Лъануре, ЦIекIоре, Бакълъухъе, ЗанатIе, МестIерухъе. Гьезие щвана 60 чу, 100 туманкI-таманча, гIемерал патронал.
Тажудиница гъираялда бицунаан 1921 соналъул 26 февралалда партизаназ ТIукитIе гьабураб сапаралъул хIакъалъулъ. Росулъе нух букIинчIо цохIо бакIалдаса гурони. Гьенибги хъаравуллъи тIамун букIана. Разведкаялъ ритIарал Сулейман МутагIилов, Ихъали МухIамадов ва цогидал гIолохъаби хъаравуллъиялда рукIарал кьижун ратарал гъачагъалги асир гьарун рачIана. ТуманкI кьвагьичIого бахъана росу. Амма хадусеб къоялъ росу сверун ккуна азаргогIанасев муридас. Гьезухъ букIана гIемераб ярагъ, КIаратIаса гьенибе чIечIого балеб букIана гIарада. Росу сверухъ кьвагьи къотIулебго букIинчIо, амма муридзабазда кIвечIо гьужумалъ рачIине. Хадуб партизаназе кумекалъе Хунзахъа рекIаразул эскадрон бачIана. Гьеб къоялъ эркен гьаруна МестIерухъ, Ингердахъ, ЦIолода, ТIарадаинхело, КIаратIа, ГIарчо, ГIанчихъ росаби. Хадур партизанал ана Болъихъ ва ЦIумада районазул росаби эркен гьаризе. Гьел лъугьа- бахъиназдаги жигараб гIахьаллъи гьабуна Тажудиница. Граждан рагъ лъугIун хадубги гIахьвалазул партизанал гъачагъазда хадур Казбек районалде щвана. Гьенив чIвана Тажудинил вацгIал ГIалидибир МухIамадов. Хадуб сапар бухьана Чачаналъе. Гьенив командирлъун вукIана ГIалиев ГIабдурахIман. Гьев захIматго лъукъана. Партизаназ гьенив ккуна ЦIамутIариялдаса Мусаги жеги 15-явги.
Росулъе вуссун хадув Тажудин ункъо соналъ росдал Советалъул исполкомалъул секретарьлъун хIалтIана, хадув вукIана колхозалъул хурухъанлъиялъул бригадаялъул бригадирлъун, гIачиязул фермаялъул заведующийлъун. Живго къватIиса чи вугониги, гьесдехун тIадмагъилъезул божилъи цIикIкIараб букIана. Гьес гьабулеб иш ракIбацIцIадго тIубалаан. ГIемерав вищана гьев депутатлъун, колхозалъул правлениялъул членлъун.
ТIаде щвана рагъул сонал. Гьеб мехалде Тажудинил букIана ункъо лъимер. Рагъ байбихьарабго, жив армиялда хъулухъ гьабизе ине хIадурав вугин лъазабуна гьес. 1941 соналъул хаслихъе гьев ккана 29-абилеб гаубичнияб артполкалде. ТIоцере гуржиязул Вазнан магIарда ругьун гьаруна, хадуб 1942 соналъул январалда гьезул полк рехана Новороссийскиялде. Гьениб щвана багIарав партизанасе унго-унгояб рагъулаб лъадари. Зама-заманалдаса немцазул самолетаз бомбаби рехулаан гIарадачагIазде тIаде, чIварал-лъукъарал гIемерал рукIана. Тажудиница хъулухъ гьабулеб полкалда гIемерал магIарулал, районцоял гIолохъабиги рукIана: Загъалав Мартаев, ГIисахан ХIасанов, КIаратIаса МухIамад Хизриев, ХIажиявдибир КъучIуев, ГIабдулбадихI ГъазимухIамадов, ГIабдула ГIалигъазиев, ДибирхIажияв Абулмуслимов, ГIарчоса ЖахIбар ДибирхIажиев, ГIанчихъа МухIамад Будунов ва цогидалги. Церехун рачIунел немцал чIезаризе кIвана ва гьеб кIудияб бергьенлъи букIана. Рагъда цохIониги нухалъ лъукъичIого ворчIарав Тажудин захIматго унтана ва госпиталалда моцIал рана. 1942 соналъул хаслихъе комиссиялъ гьесул щокълъи чIезабуна ва гьев рокъове витIана. Рагъда бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ сонисев багIарав партизанасе кьун букIана ВатIанияб рагъул орденги «За отвагу» медальги. ИчIго медаль букIана хадуб кьурабги.
Рокъовги лъагIелалъ унтана Тажудин. Рагъ къотIун букIинчIо гьев хъутаналде колхозалъул учетчиклъун хIалтIизе витIулелъул. Хадур тIурана колхозалъул правлениялъ тIадкъарал батIи-батIиял ишалги.
Тажудин Къурбановас ва гьесул лъади ПатIиматица гIезабуна ва гIумрудул нухда лъуна анцIго лъимер.
Доб мехалда (1987 с.) Тажудинилги ПатIиматилги наслуялъул гIун букIана 112 лъимер, гьанже гьезул къадар 150 чиясде бахун батила. Гьез гIумру гьабулеб буго росулъ, МахIачхъалаялда, Гъизилюрталда, Москваялда. Абизе бегьула гьел киналго эбел-инсул намус цIунарал магIарулал ругилан.
Тажудиние цIикIкIараб пенсия щолароан, амма гьес щварабги росулъ ругел ресукъал гIадамазе, бесдал хутIарал лъималазе бикьулаан, жиндирго гIарац харж гьабуна магIардаса росулъе ва «ГIумаш» колоде лъим бачине, росу рагIалда бугеб къулгIа-ицц къачIазе, кумек гьабуна Лологъонилъе нухда «Мазай» абулеб бакIалда кьо базе.
Гьесие цIакъ бокьулаан росулъ ва гIалахалда ругел нухал, кьоял къачIазе. КIаратIа жилдомалда аскIоб бугеб къулгIаги Тажудинил гIарцухъ бараб буго.
…БетIералдаса тIокIкIинчIеб лъим хадуб тIокIкIунарин аби буго магIарулазул. Тажудин Къурбановасул наслуялъулго хал гьабуни, гьеб аби битIарабги буго ва гьелъие мисаллъун кидаго гьев живго вукIана. Гьес бахъараб жигар, гьесул гIумруялъул мисал наслуго тIокIкIинабизе гIун буго.