Гьал къоязда гIумруялъул 60 сон тIубалаан мунагьал чураяв журналист, хъвадарухъан, публицист Сабир НурмухIамадовас. Гьев къадаралде щвана ункъо соналъ цеве. Амма нахъе хутIана Сабирица хIадур гьарурал ва къватIире риччарал Дагъистаналъул КIудиял Энциклопедиязул (БЭД) ункъо том, «Дагъистаналъул киналго росаби, шагьарал ва поселокал» абураб тIехь, «Палестинаялъул маргьа – Интернет версия», «Намусалъул кодекс. ГIумар Эрцалов», Северияб Кавказалъул регионалияб жамгIиябгун политикияб «Кавказалъул гьумер» журналалъул 18 номер, «ХIакъикъат», «Дагъистаналъул гIолилал», «Вечерний Кизилюрт», «Новый век», «Дагъистаналъул панорама» газеталъул гьурмазда рахъарал гIемерал макъалаби.
Сабир гьавуна 1960 соналда Хунзахъ районалъул Харахьи росулъ, тарихалъул, гIурус мацIалъул ва адабияталъул учитель ГIахьалчIиса НурмухIамадов МухIамадил хъизамалда.
1980 соналда С. НурмухIамадовас лъугIизабуна Дагъистаналъул политехникияб техникум, 1985 соналда — Одессаялъул М. В. Ломоносовасул цIаралда бугеб кванил промышленносталъул технологияб институт.
1982 соналда Сабирица гIахьаллъи гьабуна Одесса шагьаралда тIобитIараб гIолохъанал хъвадарухъабазул данделъиялдаги. Гьениб машгьурал хъвадарухъабаз лъикIаб къиматги кьуна гIолохъанав авторасул асаразе.
25 сон барав инженер-технолог С. НурмухIамадовас захIматалъулаб хIаракатчилъи байбихьана Харьков областалъул нах гьабулеб заводалда комсомолалъул комитеталъул секретарасул хъулухъалдаса. Гьенивго хIалтIана конструкторлъун ва производственниябгун техникияб отделалъул начальниклъун.
Дагъистаналде тIад вуссарав НурмухIамадов хIалтIана «Роспищепромавтоматика» ва «Минздравпроект» институтазда аслияв специалистлъун, отделалъул начальниклъун. Амма журналистикаялде ва хъвадарухъанасулаб махщалиде бугеб рокьиялъ Сабир вачIана хIалтIизе Гъизилюрт шагьаралъул типографиялъул ва телевидениялъул директорлъун, республикаялъул «ХIакъикъат», «Новое дело» газетазул мухбирлъун, «Дагъистаналъул гIолилал» газеталъул бетIерав редакторасул заместительлъун, «Вечерний Кизилюрт», «Новый век» ва «Дагъистаналъул панорама» басмабазул бетIерав редакторлъун.
2007 соналдаса бахъараб гIумруялъул ахириял къоязде щвезегIан Сабир хIалтIана Северияб Кавказалъул регионалияб жамгIиябгун политикияб «Кавказалъул гьумер» журналалъул бетIерав редакторлъун. Гьел соназда журналист, публицист, хъвадарухъан С. НурмухIамадов гIемер щвана Северияб Кавказалъул киналго республикабазде, Ростовалде, Турциялда ругел мугьажиразухъе. Сириялде ва сапаралда вукIаго хъварал гIемерал макъалаби, очеркал рахъана «Кавказалъул гьумер» журналалда.
Дие гIумруялъулъ битIккана – дун анкьго соналъ хIалтIана «Кавказалъул гьумер» журналалъул бетIерав редакторасул заместительлъун, ай Сабирил нухмалъиялда гъоркь. Гьев вукIана лъай бугев, гьабулеб хIалтIи рагIа-ракьанде щун бичIчIулев редактор, махщел камилав журналист ва публицист.
С. НурмухIамадовасе кьун букIана республикаялъулаб «Меседил цIум» абураб премия. 1999 соналда республикаялда ккарал рагъулал лъугьа- бахъинал газетазда, журналазда рихьизариялъе гIоло, гьесие кьуна ДРялъул Пачалихъияб Советалъул ХIурматалъул грамота.
Жиндирго гьалмагъзабазда ва къаламцоязда цадахъ Сабирица къватIире риччарал Энциклопедиязда рахъун руго гIемерал гIадамазул хIакъалъулъ хъварал макъалаби. Гьелъул гьурмазда ратула учительзабиги, гIалимзабиги, бахIарчиял гIадамалги, цIар рагIарал спортсменалги, политикалги, жамгIиял хIаракатчагIиги, гIакъилал нухмалъулелги. Гьел тIахьазда бахъун буго Дагъистаналъул 1500 росу ва рехсон буго ункъазарго чиясул цIар.
ГIолеб гIелалъе, педагогазе, журналистазе, гIагараб ракьалъул тарих бокьулезе бечедаб ирс нахъе тана Сабир НурмухIамадовас.