ЦIунтIа районалда исламияб дин тIибитIизабизе байбихьидал, хутIрахъдерица ва асахъдерица бищун ахиралда босана гьеб. Амма диналъул рахъалъ хутIрахъдерил жамагIаталъул гIадамал рукIана ва гьабсагIаталдаги руго бищун церетIураллъун. Гьединазул цояв ккола ХутIрахъа ХIамзатги.
ХIамзат
Инсул тIадчIеялдалъун, ХIамзат цIалана Болъихъ, ГIанди, Гъагъалъ, ГIашали, Инхо, Шодрода, АнсалтIа, РахатIа, Сугъралъ ва ХIариколо росабалъ. Цо пуланаб къоялъ Болъихъе Дагъистаналъул ичIго гIалим вачIана ХIамзатил имтихIан гьабизе. ХIамзатида сверухъ горги гьабун, щивас кьуна батIи-батIияб суал. ХIамзатица гьезул щибалъе жаваб кьуна, кодобе тIехь босичIого, Къуръан рагьичIого. БахIсалъе рачIарал гIолохъабазе баянлъана ХIамзат къуватав гIалимчи вукIин. Цинги гьес гьезда цIехана, тIокIаб суал батичIони, дир ругин нужее кьезе суалалилан. Воре, ХIамзат, кьогеянги абун, хъващтIан тIадеги рахъун, сабурго къватIире ана ва мугIалимасда абуна: «Гьанжеги хахе гIелму, ХIамзат», — ан. Гьеб къоялдаса нахъе ХIамзатие щун буго «Хахи» абураб тIокIцIарги.
40 сон тIубалеб мехалъ ХIамзатил эбел-инсуца дагIба балаан, чIужу ячиналъул хIакъалъулъ. Гьес эбелалда гьадин абула: «Эбел, мун гIедегIуге, ихдада баккула тIегь, хасало тIагIуна, ясал камуларо», — ян. Гьес лъадилъун ячана 16 сон барай ХутIрахъ росулъа ГъазимухIамадил яс Хадижат ва гьезие гьавуна кIиго вас.
Совет хIукуматалъ диналде данде питна байбихьизегIан, ХутIрахъа Хахи-ХIамзат тIадчIана гIелму лъазабиялда. ХIариколо мадрасалда цIалулаго, 1924 соналдаса 1927 соналде щвезегIан, ХIамзатица мугIалимлъи гьабуна 30-35 чиясе.
Ахир-къадги, щибго жоги рехун тун, жиндирго кули бугеб «ЦIобеснокь» абулеб бакIалда нохъодаги вахчун, анкьго сон бана Хахи-ХIамзатица, гIибадат гьабулаго. Нохъода вукIаго анкьго соналъ ХIамзатица хъварал назмаби, гьарурал хъвай-хъвагIаял ва диналъул таржамаби щвечIо наслабазухъе щайин абуни, милициялъ сверунги ккун, досул кулиги нохъоги бухIана, амма живго ХIамзат милициялъул берзукьа тIагIана.
1937 соналда милициялъ кинабго халкъ ахIула Шаури-Эчеда нух бахъулеб бакIалде хIалтIизе. ГIадамал ракIарула мокъокъдерил ЧIекух майданалде. Гьениб 60 гIалимчиясул цIар ахIула, гьезда гьоркьор: ХутIрахъа Хахи- ХIамзатил, Кидироса Пахрудинил ва Хъуприса АхIмад-Дибирил. Гьеб къоялъго Шаури туснахъ гьавуна 36 гIалимчи. Анкьго сон ун хадуб, ай 1943 соналда Сталинград шагьаралда Хахи-ХIамзат хванилан пашманаб хабар щола гIагарлъиялъухъе.
Загьир
ХутIрахъа Загьир Мусаев гьавуна 1952 соналда. Гьесул эмен Окиев Мусаги гьесул вацал Закаря ва МухIамадги рукIана цIаларал чагIи. Закарял васал МухIамадкамилие ва Ражабие щвана щулияб гIелму. Ражабин абуни ккола Россиялъул эркенаб гугариялъул рахъалъ спорталъул мастер. Гьев хIалтIулев вуго ХутIрахъ росдал школалъул директорлъун. Загьирил вац гьабсагIаталда хIалтIулев вуго Гъизляр районалъул Шаумян росдал имамлъун.
1979 соналда КIилъартIа росдал школалда 10 классги лъугIизабун, Загьир цIализе лъугьана Ташкенталда бугеб исламияб институталде. 1983 соналда тIадвуссана Дагъистаналде. Гьебго соналъ тIамуна ДУМДалъул Северияб Кавказалда бугеб Бусурбабазул улкабазул халкъазда гьоркьосел бухьеназул отделалъул нухмалъулевлъун ва таржамачилъун. Гьеб хIалтIуда Загьир вукIана 7-8 соналъ. 1991 соналда Загьир ана Тунисалъул пачалихъияб «Зейтун» университеталда цIализе. 1994 соналда, гьебги лъугIизабун, тIад вуссана Дагъистаналде.
Хадубккун хIалтIана Динияб идараялда таржамачилъун. Цинги росуцояз Загьир вищула хутIрахъдерица гIумру гьабулеб Шаумян росдал мажгиталъул имамлъун. Гьенив хIалтIулаго, Загьирица росуцоязе бана цIияб мажгит ва рагьана лъималазе мадраса. Загьирица имамлъи гьабуна 20 соналъ. 2014 соналда, Загьирил сахлъи загIиплъиялда бан, имамлъун вищана гьесул вац.
АнкьцIул хIеж борхарав Загьирил рокъоб буго гIелмиял тIахьазул бечедаб библиотека. Щибаб рузманалдаса хадуб дагIваталде гьенире ракIарула цIаларал гIадамал.
Загьирил вуго ункъо вас. КIудияв вас МухIамадица лъугIизабуна Астраханалда медакадемия, Москваялда интернатура ва гьабсагIаталда хIалтIулев вуго Москваялъул цо больницаялда терапевтлъун. Бищун гьитIинав вас Мусаца лъугIизабуна ДГУ ва хIалтIулев вуго Пенза шагьаралда ДЮСШялъул кикбоксингалъул тренерлъун. Муса ккола кикбоксингалъул рахъалъ Россиялъул кIицIул чемпион ва спорталъул мастер.