Къурбанкъоялъул хиралъи ва тIокIлъи

Гьале тIаде щвана цоги рахIматалъул моцI — ЗулхIижа. Гьелъул хиралъиялъул бицани, гьеб моцIалъ борхула бусурбабаз ХIеж, хъола Къурбан, бачуна зикру, такбир, ГIарафа къоялъ цIалула 1000 Къулгьу.

 

Къурбан хъвеялъул бугеб хиралъиялъул, цогидал байрамазда цебе гьелъул бугеб тIокIлъиялъул, Къурбан хъвеялъулъ цIунизе кколел адабазул ва гьел гурел цогидалги шартIазул нижее бицана Динияб идараялъул дагIват гьабиялъул отделалъул МахIачхъалаялда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Даниял ГIумаиловас.

 

 

Алжаналъуса бачIараб куй

— Даниял, Къурбан хъвеялъ­ул тарихалде раккани, нилъеда лъала Ибрагьим аварагас вас ИсмагIил Аллагьасе гIоло Къур­баналъе хъвезе къотIи гьабун букIин ва гьеб къотIи тIубазе нияталда гьев къватIиве вахъин­дал ккарал хIикматазул. Гьелъул хIакъалъулъ дагьаб гIатIидго би­цани бокьилаан.

-Ибрагьим авараг (гI.с.) васги гьавуларого, гьесухъ гIащикъго вукIиналъ, ячун йикIана гьес ХIажар абурай жиндирго гъараваш. Гьелъ гьавула гьесие ИсмагIил. Амма гъоркь йикIарай чIужу Сара­тил гьелдехун рокьукълъи бижулеб букIиндал, Ибрагьим аварагас Ал­лагьасдаса гьарула ХIажар нахъе йиччазе изну.

 

Къурбан хъвеялъул гIид тIубанго бухьараб буго ХIежалъул за­маналда. ХIажизабазда лъа­ла КагIбаялдаса гIемер рикIкIад гьечIого бугеб Сафа-Марва абураб бакI. Гьений йикIаго, къечалъул хIал цIикIкIун, дое-гьание екерула ХIажар анкьго нухалъ, цинги Алла­гьасде гьабулеб гьариги рагIун, ра­кьулъа кIанцIун бачIуна ицц – Зам-Зам. Анкьго нухалъ гьей дое-гьание екериялъул мисал хадуб лъугьана, МухIамад (с.т.гI.в) аварагасдасан нилъехъе бачIараб хIежалъул рук­нулъун, киналго хIажизабазги гьа­була гьебго.

 

 

Заманалдаса Ибрагьимиде Ал­лагьасул амру бачIуна вас Къур­баналъе хъвейилан. Гьеб къотIи тIубазабизе щулияб нияталда вукIуна гьевги. ХIакълъунго, Къур­бан хъвеялъул тарихалъулъ буго нилъее кIиго мисал, кIиго дарс. ТIоцебесеб, рухIгIанги жиндие хирияб рижи букIаниги, Аллагьа­сул амру тIубазе гIоло гьев Къур­баналъе хъвезе хIадурго вукIарав эмен Ибрагьимги, жив хъвезехъ­ин вукIин лъалаго гьелдаса инкар гьабичIого, Аллагьасул амруялъе мукIурго хутIарав вас ИсмагIилги. ТIадегIанав Аллагьасеги гьесул Къурбан хIажат букIинчIо, гьеб кинабго букIана гьес Ибрагьи­мил гIакъидаялъул хIалбихьизе ургъунго гьабураб иш. Гьелдаса БетIергьанги разиго хутIана.

 

Аллагьасе мукIурго инсуда ца­дахъ унев ИсмагIил битIараб нухда­са таризавизе хIалбихьун гIемераб къеркьана, Аллагьас нагIана кьураб илбисги. «Мун Аллагьас хъвезе ва­чунев вугин, унге»,-ян ИсмагIил вуссинавизе хIаракат бахъулеб букIана гьелъ. Амма Аллагьасул ният гьединаб батани, жив гьелда рази вугилан ИсмагIилица гьелъ­ухъ гIинцин тIамичIо. Гьеб нахъе бачахъизе бокьун, гьелда чIимхалги речIчIана гьес. Гьеб, ай чIимхал речIчIиги лъугьана хIежалда арабго нилъеца тIубазабулеб рукнулъун.

 

Гьединго, кIудияб хIикматлъун буго ИсмагIил хъвезелъун, Ибра­гьимица гьесул горбода нус бахъ­идал, нусалъ гьесул гьан къотIизе инкар гьабиги. Гьелда ццим бахъун Ибрагьимица нус гIодоб речIчIула. Гьеб мехалда нусалъ абула: «Дур ццим бахъиналъе гIилла дида бичIчIуларо, кин дица къотIилеб Ибрагьимил габур, Аллагьас диде къотIугеян амру гьабун бугеб ме­халда. Гьесул гьан хIарам гьабун буго дир балалъе», -абун.

 

 

Нилъеда бичIчIизе ккола Авараг­забазул хIакъалъулъ къисаби, нилъее батIи-батIиял биценаздалъун загьир гьарун ругониги, гьезул кьучI, аслу цо букIин. Гьединго, цо-цо бакIазда буго Ибрагьимица нус бахъун букIинчIин абунги. Жиндир баркат нилъее щваяв ЧIикIаса КIудиясул тIехьалда буго гьеб киналъулго би­цун: гьес нус бахъун хадуб гьелъ къотIизе инкар гьабиги, носоца Ибрагьимидехун гьабураб каламги. Гьенибго буго ИсмагIилихъ хисун, Къурбаналъе хъвезе Алжаналъу­са куйги бачун ЖабрагIил малаик витIун вачIиналъул биценги. Гьеб куй букIанин, жиндир заманалда Адамил вас Гьабилица Аллагьасе садакъа гьабураб, гьес зодобе бачун хадуб Алжаналъуб хьихьун букIуна гьеб, ИсмагIилихъ хисун Къурба­налъе хъолеб къо тIаде щвезегIан. Кинниги, СагIид-афандиясул (къ.с.) тIехь бугелъул гIемерав чияс цIалараб ва магIна босараб, нилъ­ецаги гьелда бугеб биценалде мугъчIвай гьабуни лъикIаб букIина.

 

 

МацI лъалареб боцIи

кIиго нухалъ чIваге

 

— Къурбан хъвеялъулъ цIунизе кколел адабал кинал ругел? Би­щунго хъвезе лъикIаб хIайван щиб кколеб?

-Имам ШафигIиясул мазгьабал­да Къурбан хъвей цIакъго хири­яб, беццараб ишлъун бихьизабун буго. Амма тIадаб парзлъун гьа­бун гьечIо. Хъвезе лъикIаб хIайван ккола гIиялъажо, оц яги гIака, гье­динго вараниги. Гьезда гьоркьоса­ги бищун хирияб буго гIиялъажо хъвезе, щай абуни, Къурбаналъе оц ялъуни варани хъвезе бегьула анкьго чиги гIахьаллъун, гIиялъажо хъвезе бегьула цо чиясдаса. Амма цо чиясдасан гIиялъажо хъвезе хи­рияб буго, анкьго чиясдасан вара­ни ялъуни гIака-оц хъвеялдасаги. ГIиялъажоялда гьоркьобги бищун лъикIаб буго хъахIаб куй хъвезе. Хъолеб хIайванги букIине ккола са­хаб, кьарияб, унта-щокълъи гьечIеб, лага камичIеб. Мисалалъе, гIуж ба­лаго бащдаб гIин нахъе босараб ялъ­уни бацIица лъукъун бащдаб рачI тIураб лемаг бугони, гьеб Къурба­налъе хъвезе бегьуларо.

 

Къурбан хъвезе бищунго бец­цараб буго тIоцебесеб гIидалъул къоялъ ва гьединго гьелда хадуб бачIунеб лъабго къоялъги. Гьез­даги абула «Аямул Ташрикъалъ­ул» къоялилан. Нилъеда лъала, кIалбиччаялъул гIидалъул къоялъ как базе унаго чамасдакIги кванан ани беццараб бугеблъи. Къурбан къоялъ беццараб буго, радал вахъ­индал щибго тIагIам квинчIого чIей, ай гIидалъул как бан лъугIун хадуб къурбаналъул гьан квинегIан.

 

 

Гьединго, беццараб буго, миса­лалъе, Къурбаналъе бичун босулеб чахъу яги куй бугони, бетIергьанас абураб багьаги кьун, ракI разиго да­ран гьаби.

 

Гьаниб бицинчIого гIоларо, къурбан хъолелъул цIунизе кко­лел адабазулги. Хъвезе бачунеб хIайваналдаса нус бахчизе, гье­динго кIиго я цIикIкIун гIиялъажо хъвезе бугони, хутIаразда бихьула­реб хIалалъ, батIаги бачун хъвезе беццараб буго тIоцебе горбода нус бахъулеб хIайван. Свалат-салам лъеяв а варагасги а бун б уго: « Ну­жеца Къурбаналъе хъолеб хIайван кIиго нухалъ чIваге», -абун. Гьелъ­ул магIна буго цин жиндирго бер­да цебе гьалмагъги хъун, кIудияб захIмалъиги чIамизабун гIазаб кьо­гейин, хадуб жибгоги хъвезе бугеб хIайваналъейин абураб. Гьедин­го, лъикIаб гьечIо хъвезе бачунеб хIайваналъе зулму гьабун, хадуб бехъерхъун, малал ран гIакъуба кьезеги. ХIал кIванагIан недегьаб бербалагьи букIине ккола гьелде­хун. ЦIакъго кIвар кьезе кколеб бакI буго горбода нус бахъулеб ме­халъ цIунизе кколеб адабалъулги. РекIинчIеб нусги хIалтIизабун, чед къотIулев чияс гIадин тIатIала лъулъ­азабизе карагьатаб буго. ЛъикIго рекIинабун, цо нухалъ бахъарабго габур къотIун рехуледухъе рекIун букIине ккола нус. Хъолеб хIайван гIазаб-гIакъубаялдаса цIуни буго гьеб киналъулго мурад. Гьел бакIал цIакъ кIвар кьун хIисабалде росизе ккола нилъеца.

 

Къурбан хъвей цIакъ хирияб сун­натаб иш бугеблъи бицана, амма Къурбан хъвезе рес гьечIого вугев чиясе беццараб буго къавудаса би баккизабун цо хIелеко хъунги гьеб къоялъул хIурмат гьабизе. Амма чара гьечIого бичIчIизе ва лъан букIине ккола гьеб жо Къурбан кко­лареблъи, гьеб буго гIурус мацIалъ абуни, символическияб къагIидаялъ гьабураб гIуж-куц гIадаб жо.

 

 

КIалбиччанкъоялдасаги

хиралъи тIокIаб

— Къурбаналъул гIид исламалъ­ул цогидал байрамаздасаги хира гьабун бугин ТIадегIанав Ал­лагьасилан бицуна гIалимзабаз. Амма гьитIинаб мехалъ дидаго кколаан КIалбиччаялъул байра­малдасаги хирияб байрам батила­рилан. К ъурбанкъо г ьедин т окI гьабиялъе гIилла щиб?

-КIалбиччаялъул байрамалде нилъ ругьунлъун руго соналдаса соналде чIухIарал тепсиял къачIан, гIемерал нигIматал хIадурун, сайгъатал росизе гIарац харж гьа­бун. Амма гьеб шаргIалда беццараб жо гуро. Узухъда, кIалбиччаялъул гIид кIодо гьабизе, гьалбадерие тIагIам хIадури буго лъикIаб иш, амма щибаб жоялъул букIунаха жиндирго гIорхъи. ЦIакъго тIокIборчIарабги, цIакъго мукъса­наб куцалъ гьабурабги рекъоларо. КIалбиччаялъул гIидалъул байрам нилъеца къабул гьабизе бегьуларо, Рамазан моцI лъугIиялдаса бугеб ро­хел гIадин. ХIадисазда ва гьединго тIахьазда буго кIал кквеялъул моцI тIаса иналдаса рохел загьир гьа­биялъ кIудияб мунагьалде рачине рес бугин. Жибго нилъ ругьунлъун руго кIалбиччанкъоялъ хасго лъи­малазе букIунеб аваданлъиялдаса, рокъо-рокъоре хьвадун тIобитIулеб букIиналъ, гьеб кIудияб байрам бу­гин абураб жоялде. Къурбаналъул гIидалъул хиралъиялъул бицани, гьеб къоялъ хIеж борхула ва байрам халат бахъуна жеги ункъо къоялъги, Къурбаналъул гьанги щола мискин-пакъирасе. Гьеб ккола хIатталдаса ун гIемераб кири щолеб ишги. Гьел мисалал гIола цогидал байрамазда гьаркьоб Къурбаналъул гIидалъул даража бичIчIизе.

 

 

Исламалъ боцIи чIваларо…

— Даниял, ахираб заманал­да цIакъ чIаголъун ругин аби­зе бегьула хIайванал цIунулезул багъа-бачариял. Бусурбаба­зул байрам бугилан, габуниб нусги лъун Аллагьас бижараб рухIчIаголъи гIумруялдаса батIа гьаби бичIчIизе инкар гьабулеб буго гьез. ГIемерал гьечIониги нилъер республикаялдаги руго гьезул пикруцоял. Гьединазда хурхун щиб абилеб?

-Гьединал кIалъаялги дандечIеялги загьирлъиялъе гIурал ресал кьолел руго дагIба-рагIи хIабургъине бокьарал чагIаз. Цо киба­лиго инжитаб куцалъ, хадубги бехъерхъун чахъу хъунила, хъулухъ гьечIелщинал хъвай-хъвагIаялги гъоркь рекIинарун риччарал миса­лаз хIабургъинабулеб буго кинабго. Гьедин батани дагьалги рикIкIаде щай гьел раккуларел? Дора Испа­ниялда щибаб соналъ гIадамазул рекIелгъеялъе гIоло къецалги гIуцIун гIакъуба кьола бугъбузе. Гье­диналго мисалал гIемер дандчIвала Европаялъул пачалихъазда. Амма нилъеца чIалгIадего, ургъун рахъ­ун мацI лъалареб хIайваналъе гIакъуба кьолеб гьечIогури гьез гIадин. Нилъеца гIиялъажо хъолеб буго, гьан бикьула гьелде хIажатав нус-нус мискин-пакъирасе, Афри­каялъул пачалихъазде гIунтIунги щолеб буго гьелъул садакъа. Жакъа гьан кваназе бегьуларилан цо тайпа чIунилан, тIолабго гIаламалъ гьа­надаса инкар гьабуларо. Гьан кви­не шаргIалъ гьукъун гьечIо, амма гьеб квине ккани хIайван хъвечIого гIоларо. Нилъеца хIайван зулму гьа­бун чIвалеб гьечIо, аза-азар соназ цебе нилъеда аварагас бихьизабу­раб мисалги хIалтIизабун хъолеб буго. ГIакълу бугев чиясе гьелда жаниб гIураб дарсги мисалги буго.