Араб батуларо, тараб щвеларо

Ахирал соназда ригь арал гIадамаз гIемер бицунеб рагIула Советияб заманалда букIараб лъикIлъиялъул. ХIатта цо-цо гIолилазцин абулеб рагIана жидее Совет Союзалда гIумру гьабизе бокьилаанин абун. ХIисаб гьабидал, бичIчIулеб буго гIолилазул гьеб пикру социалиял гьиназда Советияб гIуцIиялъул хIакъалъулъ бицунел харбазда божун бижараб букIин.

 

 

Дун ккола доб заманалъул чи, цIалана школалда ва лъугIана ВУЗ. Гьел сонал ккола дир талихIаб лъи­мерлъиялъул ва гIолохъанлъиялъул заман. Гьайгьай, дие бокьилаан гIанчIаб гIолохъанлъиялде тIад вуссине! Лъиеха бокьилареб класс­цоялгун, гьудулзабигун, даималъго нилъедаса ратIалъаралгун дандчIвазе, риидал майданазда бурда-тIил ва торгIо хIазе, рогаткагун «тушманасде» гьужумалъ ине…

 

Лъимерлъи ккола, сундулго ур­гъел гьечIеб ва бокьараб мехалда эбелалъул хинкIал кваназе рес бугеб, ай инсанасул гIумруялъул бищунго талихIаб заман.

 

 

Ниж, лъимал, машинабазда рекIунаан рачел бачIого, лъим гьекъолаан пластикабазул шушбузухъа гуреб, иццда кIалги чIван. Рокъоса унаан радал, тIад руссунаан дунял рукIкIиндал. Нижер рукIинчIо ком­пьютерал, телевидениялъул батIи-батIиял спутниказул телеканалал, компакт-дискал, сотовиял телефо­нал, интернет…

 

КIудияб хIикмалъилъун рикIкIунаан Ильичил чирахъги, тIад къали гьечIеб репродукторги, шарикалъу­лаб ручкаги, велосипедги. Бечедал чагIазул гурони букIинчIо радио, холодильник, мегеж кIкIвалеб ма­шина. КигIанго херлъун ругониги, гIемерисезе бокьула буссунареб-су­нареб урхъиялъул асаралъ, жидерго талихIаб лъимерлъи ракIалде щве­забизе, накъит рекъеялъе харби­да гьоркьобе дагьабго содаги бан, хIухьелккун, рекъе-решезабун, це­бего араб гIолохъанлъиялъул хIакъалъулъ бицине…

 

 

Гьереси щай, араб лъимерлъи-гIолохъанлъиялъухъ дирги букIуна буссунареб чIалгIенги доб зама­налде тIадвуссине бокьилин абураб пикру-анищги. Лъимерлъуда нилъ батIайиса балагьула дунялалъухъ, анищаз ва божияз цIун рукIуна ракIал. Божула, киве аниги, щваниги дун, рокъовго гIадин, эркенго, ава­данго вукIинин, гIадамал кирго ди­даса рохунги разиги рукIинин.

 

Школалъул къоял, классцоял. Доб заманалда букIунароан цоцазулгун виртуалияб, ай Интернеталъулаб яги мобильникалъулаб бухьен. Цоцахъе гьоболлъухъ унаан, кучIдул гьару­лаан ва ахIулаан, хасал тетрадазда хъвалаан рокьул кучIдул ва мурадал.

 

ГIедегIун бекерулеб ккола гIумру, унеб жо буго заман.

 

БичIчIулеб буго, харабазул гьеб чIалгIен, Советияб гIуцIиялъул заманалъухъ гуреб, тарихалде араб жидерго лъимерлъиялъухъ, гIолохъанлъиялъухъ, гьудул-гьалмагъзаба­зухъ ва абадияб рокъоре арал гIагарал чагIазухъ бугеб урхъи букIин.

 

 

Цо-цо мехалда лъалел-хъвалез, гьудул-гьалмагълъиялъ дида бадибчIвала дун кивалиго 60-70-аби­лел соназулъ къан, гьениса ворчIизе кIоларого вугин. Цо рахъалъ гьеб битIарабги батила. Дида лъикI лъа­ла ва бичIчIула жакъасеб къойил сагIтил хехаб кIутIиялъул бакъан. Амма ракIалдаса унаро жакъа дун­гун гьечIел гьудулзабазул сипатал ва дол соназул лъугьа-бахъинал.

 

Ниж-пионеразул данделъаби, спортивиял къецал, гIи-боцIуе рехь­лъи гьаби, студентлъиялъул талихIаб заман, «Океан» абулеб транзисто­ралдасан «Голос Америки» радио­ялъул цIиял харбал…

 

 

Доб заманалъул гIадамал рукIана киналалиго батIиял, тIокIал. РакI бацIцIалъи, гIумру-яшавалдаса разилъи ва гIагараб партиялъ жал битIараб нухдасан рачунел рукIиналда бугеб божилъиялъ гьел цIунун рукIана Западалъул «гьайбатлъабаз­даса». ГIумру букIана чIара-хьараб ва гIодобе биччараб. Вакъарав чи вукIинчIо. Бекьулеб хур, хьихьу­леб гIи-боцIи, бертаби, годекIабахъ бахIсал… Гьеле нужее чIалгIен, гье­ле аралъухъ, ай лъимерлъиялъухъ бугеб урхъи.

 

ТIоцебесеб иргаялда, херал чагIазда лъимерлъи цебе чIезабулаго, ракIалде щола жидерго рукIарал хIаял, пайда босулел рукIарал алатал ва рокьулел расанкIаби. Гьале гьезул цо-цоял.