Десантниказул аскар бижараб къолъун рикIкIуна 1930 соналъул кIиабилеб август. Гьеб къоялда Москваялъул рагъулаб округалъул Гьаваялдаса роржунел къуватазул букIана парашютгун самолеталдаса кIанцIулев 12 чи. Гьезул хIалбихьи пайдаяблъунги рикIкIун, пикру кка­на ВДВ гIуцIизе. Гьезда абулаан «Вася-дацил аскариланги» -гIемерал соназ ВДВялъул нухмалъулевлъун вукIана Василий Маргелов.

 

 

Гъизилюрталда кIодо гьабуна ВДВялъул 90-сонилаб байрам. Гьел­да гIахьаллъана Афгъанистаналда рагъулаб борч тIубазабурал десантникал-ветераналги, шагьаралъул администрациялъул вакилзабиги, гьалбалги. Гьез тIугьдул лъуна рагъул ветераназул хIурматалда бараб памятникалда цере.

 

Афгъанистаналда хъулухъ тIубалаго хварав Муса Мусаевасул васасе «ВДВялъул 90 сон» абураб медаль кьу­на «Афгъанистаналъул ветераназул ва локалиял рагъул гIахьалчагIазул Гъи­зилюрталъул совет» абураб жамгIияб гIуцIиялъул председатель Александр Лежненкоца.

 

Гьенисан автоколонна къокъана «Парнасалдехун». Гьенирги тIоритIана байрамалъул тадбирал. Аф­гъаналъул рагъул гIахьалчи ХIасан Ибрагьимовас бицана ВДВялъул тарихалъул хIакъалъулъ. Насрудин Ибрагьимовас ахIана «Офицеры» абураб машгьураб кечI. ВДВялъул ветераназе кьуна юбилеялъулал ме­далал.