Репрессиязул къурбанал ракIалде щвезаруна

Багьа къиматаб хазина ккола инсанасул гIумру. ГIадада абун гьечIо хирияб хIадисалда цо чи чIвай инсаният чIваялда бащалъулин абун. Чи чIвай тIаса лъугьун тезе бегьулеб такъсир кколаро, хасго гIайиб гьечIев. Амма зулмухIалалъул къурбаназул (репрессированные), ай, гIайибго гьечIел гIадамал чIваялъул такъсириял хIужаби, кигIанго бокьичIониги, нилъер тарихалда гIемер ккана. Гьел рикIкIуна инкъи­лаб бергьун хадусел соназ, аслияб куцалда, РСФСРалъул Уголовнияб кодексалъул 58 статьяялда рекъон, революциялде дандечIейлъун жал рикIкIарал «такъсиразухъ» ккарал къурбанал.

 

 

Россиялъул пачалихъияб ар­хивалъул баяназда рекъон, араб гIасруялъул къоабилеб-кIикъоялда анцIабилел соназ (1921-1953 сонал) Совет Союзалда зулму-хIалалъул къурбанлъун ккун вуго гьебго 58 ста­тьяялда рекъон 3 777 380 ва цIакъго кIвар цIикIкIарал пачалихъияб кIваралъул такъсиразухъ 282 926 чи. Гьел ккола туснахъ къотIарал, Сиби­ралде ритIарал, зулму-хIал гьабун гочинарурал халкъал ва гьезда гьор­кьосан чIваразул къадар бахуна 642 980 чиясде. КигIанго бокьичIониги, гьеб буго нилъер тарих ва та­рих лъазеги ккола. ГIадада абураб гьечIелъул, нилъеца аралде туманкI кьвагьани, букIинеселъ нилъеда гIарада балин абун. Улкаялъул та­рихалда жаниб бищун захIматал ва пашманал тIанчал ккола гьел. Ракъи- къеч, цIорой-квач, гIорхъолъан борчIараб багIари, гIакъуба-захIмат-бихьичIеб чIегIераб-хъахIаб хутIун батиларо нилъер умумузда. Репрес­сиялъ рахIму-цIоб лъиего гьабичIо: я лъималазе, я чIахIиязе, я цIали- лъай бугел хIакимазе, я диниялгун рухIаниял церехъабазе, я алиф-ба лъаларел рекьарухъабазе.

 

ТIолго улкаялдаго гIадин, репрес­сия хъинтIана нижер районалдаги: лъида кIочарал рагъул кор боркьа­раб 1943-абилеб соналъул хасало зулму-хIал гьабун гочинарурал роса­би, хIама бугелаца-хIамида баччун, хIама гьечIелаца-мугъзада баччун кини-къайигун къватIире рахъарал росуцоял, гьодал къуларал хараби лъималазул мугъзабаздаго къадарал­де щвей, нухда бихьараб гIакъуба- захIматалъ Чачаналъе щвезегIан сухъмахънухлул рагIалда рижа­рал хобал?! Зулму-хIалалъул къур­баназул чIварал рикIкIинчIогоги, гIемерисел хвана лагераздагун тус­нахъазда, нухазда (лъелго унаго ва поездазгун гумуз раччунаго). ЧIаго хутIаразул гIумруялде бугеб гъира­ялъул кутакалъул хIаракаталдалъун керчал рохьалгун ризал хIорал гуро­ни гьечIел бакIазда гIуна цIи-цIиял росаби, цIикIкIарасезул бухьен-хур­хен тIагIана рижараб ракьалъулгун ва гIагарлъиялъулгун. Гьеб кинаб­го жакъа нилъеда лъалеб буго та­рихалдасанги, тарихалъул чIагоял нугIзал-репрессиялде ккаразул лъималазул ва гьезулги лъимала­зул биценаздасан. Гьеб нилъеда ки­даниги кIочене бегьуларо. Гьелде нилъ ахIараб букIана араб гьатIан къоялъ иргадулаб нухалъги тох­тур МухIамад ГIабдулхабировас тIолалго районцоялги, республика­ялъул ва улкаялъул батIи-батIиял бокIназдасан хIурматиял гьалбал­ги ахIун тIобитIараб «КIочон тезе гьечIо» абураб, репрессиязул гьо­боялъ ххенарал гьакварисел къур­банал ракIалде щвезариялъе бараб мемориал рагьиялъул пашманлъи жубараб байрамалъул тадбир. Аби­зе ккола гьеб бугин гIагараб росулъ ахираб лъабго соналъ МухIамадил бетIерлъиялда гъоркь гьакварисе­зе рагьарал батIи-батIиял гIарсазул (памятниказул) цояб. Щибаб соналъ хIаракат бахъулеб буго гьес росдал тарих лъазабиялде гIун бачIунеб гIел куцаялда патриотикияб цIайи цIикIкIарал тадбирал тIоритIизе.

 

 

40 градусалъулаб багIариялъухъ балагьичIого, берцинго ретIа- къан ракIарана росдал администрациялъул азбаралде гьаквари­селги гьалбалги. Сверухълъиялдаго рагIулеб букIана гIисинккун бачунеб пашманаб макъан, гьелъ ра­чунел рукIана хараби жидерго ракIалдещвеязулъе рикIкIадал 30-50-абилел соназде ва чангиязул бадиб хулулеб букIана магIу.

 

Бадиса магIу хулана, жиндир гIумрудул ичIго сон бугеб мехалъ эменги репрессировать гьавун, гъоб зама­налъул кьогIлъаби хIехьезе ккарай, жакъа гIумрудул нусго сониде яха­рай Майсурат ГъазимухIамадовалъ рекIелъ кIудияб пашманлъигун гьабураб кIалъаялъ, мемориалалъе проект бахъарав Москваялда гIумру гьабун чIарав Игьалиса художник МухIамадов ГIумарил.

 

 

Жакъаги тIагIун гьечIин рекIелъ бухIийилан йиго Майсурат гIиллаго гьечIого эменги тIагIизавун ниж лъабго лъимералъул тIалаб гьабулаго эбелалда бихьараб къварилъиялъул ва хIакъирлъиялъул. Майсуратил ва гьей гIадал цогидазулги ракIазулъ щиб букIарабали цебечIезабизе захIмат букIинаро: гIолохъанго къурбанлъарал, араб бакI лъачIого тIагIарал умумул, гьезда бихьараб гIакъуба-захIмат. Цо-цояз дол соназул политиказдегун Сталиниде гIайиб гьабуниги, «лъикIлъи бокьарал» цо- цоял нилъеда гьоркьор мацIихъаби рукIиналъ ва гьезул «квербакъиял­далъун» хенана гIемерисел репресси­ялъул гьабихъ.

 

Байрам рагьана Гъоркьгьаквари росдал администрациялъул бетIер Рашид АхIмадовас.

 

 

Политикияб репрессиязул къур­банал ракIалде щвеялъе бараб ме­мориал рагьи баркун кIалъазе вахъ­арав районалъул бетIер АнвархIажи Вечедовас кIудияб баркала загьир гьабуна гьеб иш кодобе босарав М. ГIабдулхабировасе ва гьесие кумек гьабуразе.

 

ТIадгьаквариса Дагъистаналъул мустахIикъав мугIалим МухIамадзакир Абулмуслимовас бицана ре­прессиязул къурбанлъун ккарав жиндирго кIудияв инсул ва цоги­далги гьакварисезул къисматалъул: лагъзадерил захIматалъ бахъараб сахлъиялъул, лъай тIалаб гьабизе щвечIеб ресалъул, аскIор рукIаразда букIинчIеб божилъиялъул, щивасул беразулъ бихьулеб букIараб щакда­риялъул. КIалъазе рахъарал респу­бликаялъул ЖамгIияб палатаялъ­ул член ГIимран ГIалипулатовас, Дагъистаналъул журналистазул Со­юзалъул председатель ГIали Кама­ловас, лъай цебетIезабиялъул Дагъи­станалъул институталъул проректор Миясат Муслимовалъ бицана араб гIасруялъул 20-30 соназ репресси­ялъул хIасилалда къурбанлъараб Дагъистаналъул халкъалъул, гьезда бихьараб къварилъиялъул ва гьез хIехьезе ккараб хIакъирлъиялъул.

 

Гъоркьгьаквари росдал школалъул завуч АхIмад МухIамадовас, Гумбет районалъул Игьали росулъа худож­ник ГIумар МухIамадовас, Гъуниб районалъул СалтIаса жамгIияв хIаракатчи ГIумар Жамалудиновас, районалъул бетIер АнвархIажи Ве­чедовас бицана репрессиялъул къур­баназулъе ккарал жидерго умумузул ва росуцоязул къисматалъул.

 

 

ГУЛАГалъул тарихалъул музе­ялъул директор Роман Романовас бачIараб баркиялъулаб кагътида гьакварисездас хитIаб гьабулеб буго умумузул тарих цIунеян.

 

— Музеялъул коллективалъул рахъалдасан баркула гьакварисезда зулму-хIалалъулаб памятник рагьи­ялъул байрам. Тарихалда хасаб лъалкI тараб кIикъоялда анцIила кIиго гьак­варисесе бараб гIарас ккола гьеб.

 

 

ГУЛАГалъ бараб къоло анкьго соналда жаниб гьелъул квачIикье ккана къогоялде гIагарун милли­он чи, гьезул щибав анцIабилев абадиялъего хутIана гьенив. ТIуна хъизан-лъималазулгун ва вижараб ракьалъулгун бухьен, миллионал лъимал махIрумлъана эбел-инсуда­са. Улкаялъул рахъ-рахъазде рикьун руго нус-нус туснахъалгун лагерал рукIарал, гIадамал чIварал ва гьел рукъарал бакIал.

 

КигIанго бокьичIониги, заманаялъ жиндирабго гьабула: цоял херлъу­ла, цогидал хола — гьеб буго гIумру. Гьединлъидал жеги цIикIкIараблъун ккола гьединал памятникал рагьи­ялъул кIвар: ирсилазе нахъе толеб буго бахIарчиял умумузул тарихалъ­ул гьитIинабго бутIа, — ян хъвалеб буго кагътида.

 

 

Гьединабго магIнаялъул рукIана Москва шагьаралъул поликлиникаялъул нухмалъулев, нилъер ракьцояв ГIабдурашид Саидовас, РФялъул президентасда цеве вугев Дагъистаналъул вакил, экономи­киял гIелмабазул доктор Рамазан Мамедовас, Россиялъул Конститу­циялъулаб Судалъул судья ХIадис ХIажиевас, Россиялъул гIелмабазул академиялъул член-корреспондент, медицинаялъул гIелмабазул доктор Виктор Радзинскияс ритIун рачIарал баркиялъулал кагътал.

 

Тадбиралъул ахиралда М. ГIабдулхабировас баркала кьуна, санайил жиндир пикрабазул рахъги ккун, тадбиралде рачIунел росуцоя­зе ва гьалбадерие, ахIана гьел росу- ракь, умумузул тарих, рахьдал мацI, маданиятгун адабият цIунизе.