Хьинуб росдал байрам

1 августалда ЧIарада районалъул Хьинуб росулъ тIобитIана КIудияб ВатIанияб рагъда советияб халкъалъ бергьенлъи босаралдаса 75 сон тIубаялда хурхараб тадбир.

 

 

Гьеб росулъ рагьана КIудияб ВатIанияб рагъде арал росуцоязул хIурматалда обелиск.

 

Кутакалда берцинго, киналго разияб хIалалда, ана гьеб тадбир.

 

 

Гьелъие квербакъана мажлис тIадегIанаб даражаялда бачарав, гIемерал соназ нилъер районалъул жавабиял хъулухъазда хIалтIарав, гьанже Гъизилюрт шагьаралъул бетIерасул заместительлъун хIалтIулев вугев СултIанахIмад МухIамадовас.

 

СултIанахIмадица бицаралда рекъон, гьеб тадбиралъе байбихьи лъурав чи вуго тIолабго республика­ялдаго жив лъикI лъалев, гIемерал соназ Дагъистаналъул культураялъул министрлъун хIалтIарав ГIабдулатIип ХIажиев. Гьесул жигарал­далъун эхетана гьаб обелиск, — ан бицана СултIанахIмадица.

 

— Сахлъиялда бан, мажлисалде вачIине рес ккечIо ГIабдулатIипие, амма жамагIаталъе гьес урхъараб саламги баркиялъул хинаб каламги битIана.

 

 

Тадбир нухда бачунес ракIалде щвезабуна росдал тарихги тари­халда лъалкI тарал росуцоязул цIаралги.

 

Кинавниги доб вахIщияб рагъ­да гIахьаллъана Хьинуб росулъа 40 гIолохъанчи, гьезул 20-яв нахъ вуссинчIо. Гьез жидерго гIумру кьуна жакъасеб нилъер эркенаб гIумруялъе гIоло. Киналгоязе щун руго рагъул шапакъаталги. 2 «БагIараб цIва» орден щвана Юсуп ХIажиевасе. Гьесулго вацгIал АхIмад ГIумаров мустахIикълъана «За боевые заслуги» медалалъе ва моцI иналдего 3 даражаялъул «Слава» ор­деналъеги. АхIмадида цадахъ рагъ­да вукIарав росуцояв МухIамад МуртазагIалиевас бицунеб букIун буго АхIмад вихьизавун вукIанин Совет Союзалъул БахIарчи абураб тIадегIанаб цIаралъе, амма кьечIого хутIанин.

 

 

Бицен буго, жиндир баракат нилъее щваяв, Хьинуса ГIалиасхIаб Ибрагьимов рагъда вугеб бакIалде тушманасул гулла щолеб букIинчIила, ва рагъухъаби гьесда аскIор чIолаанила.

 

КIоченчIо тадбир нухда ба­чунесда росдал руччабазда доб захIматаб заманалда бихьараб гIакъубаялъулги къохIехьеялъулги бицинеги.

 

 

«ЗахIмалъиги къварилъиги би­хьун щвараб буго нилъее гьаб бер­гьенлъи. Жакъа нилъеца рагьулеб гьаб обелискалъул цIакъ кIудияб кIвар буго тарих лъаялъулъги, гьеб цIуниялъулъги, гIун бачIунеб гIел битIараб мисалалда куцаялъулъги.

 

Баркала буго гьаб тадбир иналъе квербакъаралщиназе. Мисал чIахIияз бихьизабуниги, гIолохъабаз кутакалда жигар бахъа­на гьабулеб хIалтIулъ», — ан абуна СултIанахIмадица.

 

 

Хьинуб росдал жамагIаталда тадбир баркун кIалъай гьабуна районалъул бетIерасул замести­тель МухIамад ГIумаровас. Гьес гьединго республикаялъул рохьил магIишаталъул рахъалдаса Бар­калаялъул кагъат цIалана росдал гIолохъабазде бачIараб.

 

КIалъазе рахъана росулъго би­щунго хIурматияб ригьалъул ШихахIматI МухIамадов, Дагъи­станалъул мустахIикъав мугIалим Ризван ХIажиев, живго гIумру гьа­бун Гъизилюрталда вугониги ракI мугIрузда бугев ГIумар ГIабдулаев, советалъул нухмалъулев Рамазан Рамазанов, Дагъистаналъул мустахIикъав мугIалим Гирай Зиявудинов, РГВКялдаса Хатимат МухIамадова ва гь.ц..

 

 

Росулъ къадру бугев ШихахIматIица гьабуна дугIаги рагъда хваразеги, росдал жамагIаталъеги, тIолабго Дагъистаналъеги.

 

ХIалтIулъ жигараб гIахьаллъи бихьизабуразе кьуна грамотабиги ва сайигъаталги.

 

 

Хадур рукIана спортивиял хIаял.

 

Гьеб тадбир гIуцIулаго росдал жамагIаталъ бихьизабуна жидерго цолъиги, гъункиги.

 

 

Сахлъи кьеги нужее, Хьинуб росдал жамагIат. Батаги нужер тад­бир районалъул цогидал росабазе мисаллъун.

 

Гьебго къоялъ Хьинуб росулъ рагьана росдал гIолохъабаз кьучIдасанго цIи гьабун къачIараб некIсияб мажгитги, квешалъе-лъикIалъе жамагIаталъе пайдаяб, киналго квегIенлъаби жанир ругеб, санагIалъи бугеб рукъги.

ТIадегIанав Аллагьас азардаражаялде бахинабеги гьеб жамагIаталъе пайдаяб, кири цIикIкIараб хIалтIулъ бутIа лъуравщинасул гьа­бураб гIибадат.