ЦIалуда, хIалтIуда, рокъоб, къватIиб ва цогидалги бакIазда бокьарав чияс, гIилла букIа—букIунге, рекIелъ рекъолареб рагIиги абун, къварид гьавула инсан. «Пашманлъуге» абураб тIехьалъул автор ал—Къараница хъвалеб буго гьединаб мехалда ракI бекизе биччагейила ва дуда лъайила гьес абураб рагIиялъ дуе гуреб, жиндиего зарал гьабураблъи.
Щиб жоха кколеб талихI? Гьеб суалалъе щивав чияс кьела жиндирго гIакълу—лъаялда борцун, пикруялда рекъезабун жаваб. Амма хIакъаб жо буго Аллагьасде бугеб божиялда ва ракьалда бекьараб лъикIлъиялда жаниб букIин талихIалъул кIул. Гьеб кIуладаса битIун пайда босарасда жакъа дунялалдаги метер ахираталдаги хвасарлъиги батила. БетIергьанасукьа хIинкъиялъулъ жидеда талихI бихьулелги руго, хIакъикъаталдаги жидер ракIазда нур барал, абадияб рукъалъе гIоло дунялалъул чIаголъиялдаса пайда босизе лъарал гIадамал.
Аллагьасукьа кин хIинкъилел абун ибну МасгIудида цIехедал, гьес абун буго: «Аллагьасе мутIигIлъун, ай Гьесие хилиплъичIого. НигIматазе шукру гьабун, ай гьезде капурлъичIого. Аллагь рехсон, ай Гьев кIоченчIого», —ян. Гьединго гьес абулеб букIун буго: «Аллагьасукьа хIинкъиялъ инсан хвасар гьавула захIмалъи—къварилъабаздаса, ризкъиялъул рагьабиги гьесие рагьула ракIалдаго гьечIеб рахъалдасан», —абун.
Аллагьасукьа хIинкъи ккола жинда хадуб гIодобегIанлъи гьечIеб тIадегIанлъи. Муъминчиясда тIадаб буго жив вижарав Халикъасукьа нечезеги, хIинкъизеги, хIарамалдаса рикIкIалъизеги. ХIарамалдаса рикIкIалъарав Аллагьас хIалалаб кьун бечедги талихIги гьавула. Дагьаб хIалалаб лъикIабги бугелъулха, БетIергьанасдаса машгъул гьабулеб, гIемералдаса.
ТалихIалъул дарманал
ТалихIалъул кIул дурго кверщаликье ккезе бокьун батани, тIалаб гьабе пайдаяб гIелму, гIемер цIалдей ва дур рекIелъ рукIун ккун букIараб пашманлъиялъ мун рехун тела. ГIелмуги лъайги буго къимат гьабун бажарулареб бечелъи. Жагьиллъиялдаса кIудияб язихълъиги, хъаркIаслъиги, бецIлъиги гьечIо. ГIелму ккола канлъи, лъавукълъи — бецIлъи. Лъайги тIалаб гьабизе ккола кIиябго рукъалъе хIажатаб. ЦохIого-цо динияб гIелмуги лъазабун чIани, дунявияб магIишат нахъе ккелин абулелги камуларо. Гьединазда бичIчIизелъунги батила, ХIасанул Басрияс абун буго: «Дица Къуръаналда, 90 бакIалда, цIалана Аллагь жиндир махлукъаталъе ризкъи кьезе гъоркье чIарав вугин абун. Цо бакIалда батана шайтIаналъ хIинкъи кьолеб бугин нужее нуж мискинлъулин абунги. Нилъ щаклъулел руго Садикъасул, ай битIараб бицунев Аллагьасул 90 нухалъ абураб рагIиялда, цо нухалъ нилъер тушманалъ абуралдаги божун», — ян.
ГIелму лъазабиги лъай тIалаб гьабиги буго щивав бусурбанчиясда тIадаб борч. ГIелму бугелъулха нилъ канлъуде рачунеб нух, жагьиллъиялъин абуни, рачуна бецIлъуде. Бусурбаби кидаго рукIана церетIурал, лъай бугел, гIелмуялда тIадчIараллъун. Амма гьаб заманалдайин абуни, ай бусурбабаздехун рокьукълъи загьир гьабулезул гьаракь борхалъараб мехалда, цо- цо «гIалимзабаз» хIаракат бахъула исламалъул нух ккурал лъавукъал ва щибго жо бажаруларел чагIи рукIараблъи ва ругеблъи бихьизабизе. ХIакъикъатин абуни тIубанго гIаксияб букIин, гьайгьай, хIакъаб буго ва гьеб гьедин бугеблъи бусурбаби рихараздаги лъала. Амма лъаниги, гьезул мурад батIияб бугелъул, гьединаз хIаракат бахъула хъахIаб чIегIераблъун бихьизабизе.
Тавбуялъулъ – талихI
ТалихIавлъун вукIине бокьани, тIадчIей гьабе тавбуялда, гIасилъуге Аллагьасде. Аллагь лъаларезул гIумру-яшав букIуна, тIад берцинаб хъал бугин кканиги, жаниса турараб ва махIцараб. ТIадегIанав Аллагьас нилъее рахIматлъун кьуразул цояб ккола тавбу. Тавбуялде хIажалъуларев чиги вукIунаро. Нилъ киналго гьитIинабниги кIудиябниги мунагьазукье ккола, аварагзабиги малаикзабиги гурого мунагьаздаса цIунаралги гьечIо. Щиб бугониги гьабилалде, тавбу гьабун черх къачIазе ккола, хIалтIи гьабилалде, алат хIадур гьабулебго гIадин. Тавбу гьабун черх къачIачIони, гьабураб гIамалалъул пайда кколаро. Тавбуги гьабичIого, мунагьаз цIураб хъубаб черх Аллагьасда цебеги чIун, щиб бугониги жо гьаризеги нечезе ккеларищ? Тавбу къабуллъизе ккани, чара гьечIого лъабго жоги къваригIуна: гьарун арал мунагьаздаса пашманлъи, тIокIалъ гьел мунагьазде вуссунгутIи, мунагь гьабичIого тезеян къасд гьаби. Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нужеца Аллагьасе тавбу гьабе, нужеего талихI щвезе», — абун.
ТалихIавлъун вукIине бокьани, гIемер цIале Къуръан, пикру гьабе гьениб хъван бугелъул, ракIги мацIги машгъул гьабе Аллагь рехсеялда тIад. Къуръан ккола нилъее битIараб нух бихьизабулеб нур. Гьелда нахъвилълъарав гIададаги холаро. Анас асхIабасдаса бачIараб хIадисалда буго: «ХIакълъунго, жинда жаниб Къуръан цIалулеб рокъоре малаикзаби рачIуна, шайтIаби рикIкIалъула, лъикIлъи гIемерлъула, квешлъи дагьлъула, агьлу-хъизамалде гIатIилъи, бечелъи рещтIуна», — абун. ДарукъутIнияс бицараб цогидаб хIадисалда буго: «Нужеца Къуръан гIемер цIале нужерго рокъоб. Къуръан цIалулареб рокъоб лъикIлъи дагьлъула, квешлъи гIемерлъула, мискинлъи тIаде бачIуна», — ян.
Сон, жакъа ва метер
Къасимех щвезегIан чIаго хутIун ватани, ракIчIун вукIунге радаллъагIанги чIаго хутIизе ватиялда. Радалги чIаго ватани, божуге къасиялдехунги гьебго хIалалда вукIине бегьулеблъиялда. Мун гIумру гьабун вуго жакъа, ай гьабсагIат. Араб нахъбуссунаро, букIинесеб кинаб букIинебали лъаларо. Гьединлъидал къимат гьабе жакъасеб къоялъул. ГIумру гьабе, жакъа дунялалде виччарав ва жакъаго ахираталдеги ине вугев чияс гIадин. Гьабулебщинабги гьабе, ахирисеб нухалъ гьабулеб бугеб гIадин. Как базе лъугьиндал, гьеб ахирисеб букIин лъалеб бугони, киндай инсанас гьеб базе букIараб? Гьайгьай, тIокIаб гьечIебгIан цIакъ Аллагьасе мутIигIлъун, хIинкъун, чвахулаго магIугун. Щайха гьедин баларого бугеб щибаб как, хIакъикъаталдаги гьеб бан лъугIизегIанцин, чIаго хутIизе ругищали нилъеда лъаларелъул.
ЛъикIаб хIалтIи-иш гьабулелъулги, гьеб гьабизе ккола, ахирисеб нухалъ гьабулеб бугеб гIадин. Аралъул пикру гьабун ракI къварилъизе биччаге, кигIан къварилъахъданиги, гьеб буго нахъбуссунареб гIумру. ХIинкъунги вукIунге бачIине- бачIинареб лъалареб букIинеселдаса. Жакъаго гьабе гьабизе кIолебщинаб, рес бугебщинаб. Метералде тIамун тезе ккани, мун метерлъагIан чIаго хутIиялда ракIчIунищ вугев? Щибаб лахIзат хIалтIизабе жакъасеб къо гIадада инчIого букIиналъе, гьабизе рес букIараб лъикIлъи метер гьабизе щвечIого хутIизеги бегьулин. Жакъа бугелдаса разиго вукIа, дуда лъаларелъулха дургоги духъ кодоб бугеб боцIулги метер щиб ккелебали. Жакъа талихIавлъун ватани, мун хIакъикъаталдаги талихIав чи вуго. Сон яги церекъад талихIавлъун вукIанин ракIалде кколеб батани ва кигIан кIудияб талихIалъ дуда къвал бан букIун батаниги, гьеб буго дудаса араб жо. Метерисеб талихI балагьулев ватани, гьебги буго гIададисеб хIалтIи. Метерисеб къо я бачIина я бачIинаро. Гьединлъидал хIаркат бахъе жакъаго талихIавлъун вукIине. ХIалтIе ва диналдаго цадахъ магIишатги гьабе, дунялалдаги ахираталдаги Аллагь разилъуледухъ.
ЧIобогояб хиял
Цо-цо чагIи рукIуна, талихI бикьулелъул, жал гьоркьор тун ругин гаргадилел. Гьоркьов щивго тун вукIунаро, гIумруялдехун гьабулеб бербалагьи букIуна щивасул батIи- батIияб. Гьедин хиял гьабиги ккола гьесул жиндирго гIайиб. Гьелъие гIайибияллъун цогидал гIадамал кколаро. Гьебги буго инсанас букIине кколедухъ гIумрудул къимат гьабунгутIи ва гьабизе лъангутIи. Гьединал чагIаз гIемер абула цо пуланаб жо щвани, жидедаса талихIал чагIи рукIинего ратиларилан. Мина бугони, машинаги босани, хIалтIиги щвани, машгьурлъиги бачIани, рикIкIине бегьилаха талихIавлъунин абулелги камуларо. Гьедин пикру гьабулел релълъинаризе бегьула, къечалъги холаго, салул авлахъалдасан унелъул, мираж бихьидал, гьеб лъим бугиланги ккун, гьелда хадув унев сапарчиясда. Гьев уневго-унев вукIуна миражалда хадув ва ахиралда, иццухъеги щвечIого, къечон хола. Гьединал чагIазда бичIчIуларо инсанасул анищазе гIурхъиго букIунареблъи. Мина базе, босизе анищ бугев мурадалде щвани, гьеб параялъ гьесулъ загьирлъула цогидаб анищ ва гьес живго рикIкIуна талихIалъ рехун таравлъун. Гьедин букIуна хвезегIан. Гьединал чагIазул талихIкъин буго бугелъул къимат гьабизе лъангутIиялъулъ. Гьел кидаго пикрабалъ рукIуна жидерго гьечIеб жо балагьулел. Гьединазда лъаларо БетIергьанас жидее кьуралдаса разиго рукIине, гьелдаса рохизе, гьелъул къимат гьабизе. Дагьабниги гIакълу бугев чияс киданиги абизе гьечIо цо пуланаб жо щвараб мехалда, вукIине вугин жив талихIавлъунин. Бугелда разилъи, БетIергьанасе рецц гьаби — гьеле талихIав чиясул хасият. Щукру гьабуни, жеги цIикIкIинабулинги абун бугелъул, БетIергьанас цIикIкIинабула ва гьединав чи жеги талихIавлъунги лъугьуна. ТалихI буго щивав чиясул рекIелъ, амма киназдаго гуро гьеб бихьулеб ва кинавго чияс гуро гьеб балагьизе къасдги гьабулеб.