Унго-унголъунги, гьеб букIана свакараб гьими – гIумруялде бугеб гIищкъуялъ свине жиб течIеб. Бугониги, гьелъ тIад буссинабураб божиги хьолбохъго рещтIун бугоан. Тохтурасул гьурмада бугеб гьеб гьимиялъухъ кIваркьун ялагьидал, цебе бачIунеб букIана, дунялалъего «саламги» кьолаго, гIаламги бихха-хочизе гьабулаго, гIумруялда кIалги гьикъулаго, тIаде бачIараб унти. Унха — гьимиги релъиги свакан букIана. Гьеб бицунеб букIана гьелдаго хьолбохъ кIусун букIараб пашманлъиялъул нуралъги. БукIаниги, дун къабул гьайизе къуватги гIуна гьелъул. БетIерав тохтурасул бицунелъул, дица цеве чIезавулев вукIана согIаб хасияталъул, хъачIаб гIамалалъул бихьинчи. Щибха лъалеб, гьединав ватизеги бегьула гьев, хIалтIулги унтаразулги ургъел тIаде бегарав, МахIачхъала шагьаралъул № 1 больницаялъул бетIерав тохтур ХIажимурад Малаев. Жегиги хIалуцинги лъугIичIеб, къоялдаса къоялде гьанжеги унтаразул къадарги цIикIкIине лъугьараб мехалда, цохIо тохтурасухъа гурони бажарулеб батиларо жиндихъе рачIаразе гьимизеги рекIел хIал бахчизеги.
Сундасанха байбихьилебиланги абун, гьев лъугьана унтул ва гьелде данде къеркьеялъе больницаялъул коллективалъ гьабураб кIудияб хIалтIул бицине.
Китаялда унти багъарун бугилан рагIаралдасаго, ХIажимурадил рекIее рахIат букIинчIо. Гьесда лъалеб букIана тIирабигIаги щвечIого хутIизе гьечIеблъиги. Амма лъиданиги ккун букIинчIо, гIорхъи бахун гьанибехун щваниги, унтуца гьадигIанго кьабгIи щвезабилилан. Россиялъул цо-цо регионазде гьелъ гьужум гьабизе байбихьидалги, дагъистаниязул хьул букIана гьелъ гьоркьор телилан. Гьезие божизе бокьун букIинчIо, жидехъеги гьеб щвезе букIиналда. Амма республикаялъул киналго больницаби хIадурлъулел рукIана ахIичIеб гьоболалда «дандчIвай» гьабизе. Аслияб къагIидаялда унтарал къабул гьаризе рукIана шагьаралъул №1 больницаялъ. Ургъизе заман букIинчIо. ХIажимурадида бичIчIулеб букIана жинде тIаде бегараб бакIаб ургъалил гьир баччизе цIикIкIараб къуват къваригIине букIинги. Больницаялъул киналго хIалтIухъабиги цолъун лъугьараб букъараб заргун ана гьел хвалде данде.
Республикаялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул тIадкъаялдалъун больница хIадур букIана унтарал къабул гьаризе. Ва щвана Дагъистаналде кьогIаб хабар – нухаздасан жиндихъе кквезе щвараб гIумруги бецулаго, бачIараб гьелда ракIалда букIинчIо я гIисиназда, я гIолилазда, я цIикIкIараб гIелалда барахщизе. Гьелъие батIалъи букIинчIо — хвалил кумекалдалъун гьелъие бокьун букIана гIумру чIинтIун рехизе. ХIажимурадица бетIерлъи гьабулеб больница лъугьана республикаялъул аслияб госпитальлъун — гьеб хIадур букIана азарго унтарав къабул гьавизе.
Ва гьалдана хIалтIи госпиталалда…
15 абилеб апрелалде хIадур гьабун букIана 250 унтарасе бакI. Жеги анкьидасан — 750 унтарасе бакI. Гьел рукIана цIакъ захIматал, гIумруялъе кIиабилеб хIухьел кьезе тохтурзаби хIудурун чIун ругел къоял. АнцIго къоялда жаниб гьабураб хIалтIи, абизе бегьула, тохтурзабазе бащалъана тIубараб лъагIалидаго. Къойилго тIоритIулел рукIана мастер- классалги, тохтурасул хасаб партал ретIине-бахъизеги ругьун гьарулел рукIана тохтурзаби. Унтаразул къадар цIакъго цIикIкIиналде, киналго тохтурзабазе щвана коронавирус сах гьабизе хIадур ругилан абурал сертификаталги. ТIадеги киса-кирего чIезаруна компьютералги. Гьеб букIана унго-унгояб бахIарчилъи — байбихьуда жидее бокьарал гурони багIараб зонаялде ритIулеб рукIинчIеб гьеб заманалда, цониги тохтурас инкар гьабичIо.
— Гьеле доб Дагъистаналъул халкъалъул цолъиги, къохIехьейги, хIинкъи гьечIолъиги. Гьел лахIзатаз дир рекIелъ букIанщинаб рохелги чIухIиги. Дие кидаго бокьулаан бидуца бахIарчилъиялъги яхIалъги хъвараб тарих бугеб нилъерго халкъ. Гьаб нухалъги къисматалъ киназего рес кьун букIана цо кибалиго бахчун хутIун бугеб лъикIаб яги квешаб гIамал борчIизабизе. Гьеб заманалда дида лъилниги цониги квешаб гIамал бихьичIо — киналго хIадурго чIун рукIана унтаразухъе гIумру тIад буссинабиялъе хIалтIи гьабизе. Дида ракIалде ккола дунялалъулго гIадамаз ва пачалихъаз цоцазе гьабулеб букIараб кумекалъул квербакъиялдалъун унти нахъе къаниланги. Гьелъулъ гурищ букIараб ва бугеб нилъер къуват. Дир щивав хIалтIухъан мустахIикъав вуго бищунго тIадегIанаб рецц-бакъалъе. Гьел гьединал лъикIал ратичIелани ва рукIинчIелани, щибдай дицаги гьабизе букIараб. Дида цIакъго лъикI бичIчIана инсанасул къадруялъул гьабизе кколеб бугеб адабалъул багьаги. Гьел къояз дир батIияб мурад букIинчIо – дир ракI бохизабулеб букIана, унтараз дир больница тIасабищулеб бугин рагIараб мехалдаги. Гьеб гурищ тохтурасул унго-унгояб, захIмалъабиги къезарулаго, къойил тIезе ккараб гIетIалъ лъалъараб талихI. Дир яцги цIакъго захIматаб хIалалда унтун йикIана. Хвалдаги гIумруялдаги гьоркьой йигей гьелде тIаде къулун, ракI биунеб букIана дир. Рокъоселги дица квешалде хIадур гьарун рукIана. Гьейги цогидалго унтаразда цадахъ гIаммаб палатаялъуй егун йикIана. Амма цо къоялъул цо параялъ дида ракIалде ккана, киналго унтарал руччаби дирго яцаллъунги ккун, киназего дагьабги тIаде кумек гьабизе, гьабизе щибго жо нахъе тун гьечIониги, гьелдаго цадахъ ТIадегIанасда гьардезеги. Цо кинабалиго гьаракьалъ дида абулеб букIана, киналго унтаралго гIадин, дурго яцги унтун йигилан ракIалдеги ккечIого, гьел киналго унтарал дурго яцалъул бакIалда лъейилан. Ва цо гIажаибаб къуват бачIана чорхолъе. Аллагьасул кумекалде лъураб кIудияб хьулалъги дилъго борчIараб цо къуваталъги кIун батила дида унтарал сах гьаризе, — йилан бицана ХIажимурадица.
Жиндирго хIакъалъулъ щиб суал кьуниги, гьес коллективалъул бицунаан. Гьебги ккола жавабчилъи цIикIкIараб хъулухъалда вугесул жиндирго хIалтIухъабаздехун бугеб адабалъулаб бербалагьиялъул гIаламат.
Унтаразул къадар цIикIкIиндал, гIолел рукIинчIо тохтурзаби. Гьеб мехалдаги хIалае ратана Дагъистаналъул медуниверситеталъул чIахIиял курсазул студенталги поликлиникабазул тохтурзабиги. Лъиданиги я гьаризе, я абизе кколеб букIинчIо. Киназго хIалтIи гьабулеб букIана, жидеего бокьун.
Гьел моцIаз больницаялда рагьун букIана кислородалъул 500 точка. Гьелъул жаваб кьолеб чи вукIана больницаялъул хIалтIухъан ХIасан. Гьес бахъараб хIаракаталъул бицунго бахъинаро. Гьел моцIаз, цогидал хIалтIухъабаздаго гIадин, гьесдаги хъизан-рукъ бихьичIо. ХIасан кив вугевилан гьикъун бахъиналде, гьев аскIов ватулаан. Гьел къояз киназулго мацIалда букIана гьесул цIар.
Гьел захIматал къояз жидее кумек гьабуразул хIакъалъулъги бицана ХIажимурадица. Газеталда рехсогейилан гьес абуниги, диего бокьана сахаватал дагъистаниязул хIакъалъулъ цоги нухалда киназдаго лъазе.
Масала, дагъистаниязда лъалев, гIадамазе кумек гьабун гIумруялъго свакачIев Дербенталъул чогърол заводалъул директор МухIамад СагIадулаев. Гьес гIарцудалъун гьабураб кумек бахун буго лъабго миллионалде. Гьелде тIадеги анцIго миллионалде росун руго медицинаялъул алаталги. Россиялдаго машгьурав ракьцояв Сулейман Керимовасги бачIун буго больницаялде къваригIунеб медицинаялъул гIемераб къайи-къоно. Гьес кьураб гIарцуда тIаса киналго тохтурзабазеги ва больницаялъул цогидал хIалтIухъабазеги ХIажимурадица кьун буго премия. Гьанибго рехсезе бокьун буго «Каспий» санаториялъул ва «Журавли» сахлъи щула гьабиялъул централъул нухмалъулелги. ГIали Ибрагьимовичас ва МухIамад ХIабибовичас цIакъго лъикIал шартIал чIезарун руго больницаялъул хIалтIухъабазе хIухьбахъиялъе.
Къисматалда рещтIараб
нурлъун батаги
ХIажимурадие больницаги больницаялъе ХIажимурадги гIадин, цоцазе рокьичIони, хIалтIи гьалдолеб батуларо. Гьедин букIинчIебани, больницаялде щварав Москваялъул Коммунаркаялъул бетIерав тохтур Денис Проценкоца абизе букIинчIо бахиллъанин жив ХIажимурадида, гьадинаб коллективгун хIалтIизе рес бугевилан абун. Щвараб шапакъатги бицана ХIажимурадица – гьесие щун буго республикаялъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Ивановасул цIаралдасан ХIурматалъул грамота. Амма бищунго кIудияб ва къадруяб шапакъатлъун гьес рикIкIунеб буго анцI-анцI унтарасе цIидасанги сайгъат гьабизе кIвараб гIумруялда рещтIараб нур. Биччанте ХIажимурадил къисматалъул нухазда даим кенчIезе гьеб нуралъул гвангъарал чIорал.
Гара-чIвариялъул ахиралда ракIалде щвана гьесда жиндирго хIакъалъулъги дагьа-макъабго цIехезе.
ХIажимурад Малаев ккола ЧIарада районалъул Кьорош росулъа. Гьавуна ва гIуна Гъиргъизиялда. 1976 соналда гьезул хъизан гочана Дагъистаналде.
ХIажимурадица 1982 соналда лъугIизабуна ЧIарада районалъул ЦIуриб росдал гьоркьохъеб школа. Гьелдаса хадув цIалана Дагъистаналъул медуниверситеталда, гьенибго лъугIизабуна ординатураги. ГIемерал соназ хIалтIана медуниверситеталда медреабилитациялъулаб кафедраялда.
2008 соналда гьес рагьана «Синтез -М» абураб медицинаялъул центрги.
2013 соналда гьев тIамула МахIачхъалаялда бугеб больница- грязолечебницаялъул бетIерав тохтурлъун.
2018 соналда нахъе ХIажимурад Малаев хIалтIулев вуго МахIачхъала шагьаралъул №1 больницаялъул бетIерав тохтурлъун. Гьев ккола тIадегIанаб категориялъул тохтур. Гьединго гьесие щвана «Дагъистаналъул мустахIикъав тохтур» абураб цIарги.