ПатIимат СагIидова (Ханикалова) гьаюна 1934 соналъул 11 апрелалда Гъуниб районалъул ЧIохъ росулъ. 1951 соналда лъугIизабуна росдал школа, 1955 соналда – ДГУялъул филологияб факультет. 1955-1957 соназда хIалтIана Гъуниб росдал гьоркьохъеб школалда гIурус мацIалъул учительницалъун ва 1957-1961 соназда – ДГУялъул филологияб факультеталъул гIурус мацIалъул кафедраялда ассистентлъун. 1961-1964 соназда цIалана СССРалъул РАНалъул Дагъистаналъул филиалалда ИЯЛИялъул аспирантураялда. Гьелъул гIелмияб цIех-рехалъе нухмалъи гьабуна машгьурав гIалимчи- востоковед МухIамад-СагIид СагIидовас.
Гьеб букIана хъвай-хъвагIай гьечIел мацIазул цIех-рех гьабизе хIажатаб заман. Гьел мацIазул баяназул кьучIалда гьабулаан литературиял мацIазул цIех-рех. Гьединлъидал ПатIиматица байбихьана гъодоберисезул мацIалъул цIех-рех гьабизе. 1965 соналда Гуржиялъул ГIелмияб академиялъул Языкознаниялъул институталда гьелъ цIунана «Гъо- доберисезул мацIалъул грамматикияб очерк» абураб диссертация ва яхъана филологиял гIелмабазул кандидатлъун. Гьелъул оппоненталлъун рукIана машгьурал гIалимзаби Т. Е. Гудаваги Ш. Г. Гаприндашвилиги, ва гьез тIадегIанаб къимат кьуна магIарулалъ гьабураб гIелмияб хIалтIуе.
1965 соналдаса 2019 соналъул марталде щвезегIан ПатIимат СагIидова хIалтIана ИЯЛИялда.
П. СагIидовалъ жигараб гIахьал- лъи гьабуна жамгIияб гIумруялдаги – йикIана МахIачхъала шагьаралъул райсоветалда захIматчагIазул депутатлъунги (1972-1974), Кавказалъул мацIазулги СССРалъул халкъазул адабияталъулги рахъаз кандидатлъиялде диссертациял цIунулел хасал советазул гIелмияй секретарьлъунги. ГIемер кIвар кьолаан гьелъ гIолохъанал гIалимзаби хIадуриялде: гьей йикIана гIелмиял цIех-рехазул оппонентлъун ва хъвалаан кандидатлъиялъе диссертациязе рецензиял. ПатIимат йикIана ИЯЛИялъул гIелмияб советалъул членлъунги.
П. СагIидова гIахьаллъана гIемерал гIелмиял дандеруссиназда – тIолгосоюзалъул, халкъазда гьоркьосел, тIолгороссиялъул, регионалиял ва республикаялъул. Гьезда гьоркьор руго гьадинал: «Евразиялъул миллиялгун маданиял бухьеназулъ Дагъистан ва Северияб Кавказ» (МахIачкала, 2004 с.); «Миллиялгун гIурус мацIазул теориялъулалгун методикиял масъалаби» (МахIачхъала, 2009 с.); «Кавказалъул мацIал: генетикиял, ареалиял бухьенал ва тайпадулаб гIаммлъи» (профессор Шигьабудин МикагIиловасул 110 сон тIубаялъул хIурматалда тIобитIараб); «Северияб Кавказалъул мацIазул лексикологиялъулги лексикографиялъулги масъалаби» (МахIачхъала, 2012 с.) ва гь.ц.
П. СагIидовалъул гIелмиял цIех- рехал гъорлъе бачана магIарул литературияб мацIалъул лексикагун фразеологияги, гъодоберисезулгун гIандадерил мацIазул грамматикаги, хъвай-хъвагIай гьечIел мацIазул миллиялгун гIурус словарал хIадуриги, гIурус-миллиял словарал гIуцIиги, диалектазул цIех-рехал гьариги, магIарулгун гIандадерил мацIазул лексика дандекквеялъулгун тарихиял цIех-рехал гьариги, гIалимчиясул гьунаралъул сипат гIуцIиги ва гь.ц.
Гьелъ хъвана 120-ялдаса цIикIкIун гIелмияб хIалтIи. Аслияллъун рикIкIуна гьал хадусел цIех-рехал: Гъодоберисезул мацI (грамматикияб анализ, текстал, словарь). МахIачхъала, 1973; Гъодоберисезул мацI (грамматикияб очерк) РФялъул ва мадугьалихъ ругел пачалихъазул мацIал. М.: Наука, 1997; Гъодоберисезул мацI (грамматикияб очерк) Дагъистаналъул мацIал. Красноярск, 2000; ГIурус-авар словарь. МахIачхъала, 2003 (авт. колл.); ГIандадерил мацI (грамматикияб очерк) Кавказалъул автохтониял халкъазул мацIал. США. 2005. № 100. Ингилис мацIалда; Гъодоберисезулгун гIурус мацIазул словарь, жавабияв ред. М. Ш. Халилов. МахIачхъала, 2006; МагIарул мацIалъул Зака- талаялъул диалект. МахIачхъала, 2007; МагIарул мацIалъул диалектологияб словарь. М.: Наука, 2008; Балъхъадерилгун гIурус мацIазул словарь, жавабияв ред. М.Ш. Халилов. МахIачхъала, 2012; ЧIохъа Абакар-ХIажил гьунаралъул ирс. МахIачхъала, 2015; ГIандалазул диалекталъул словарь, жавабияв ред. М.Ш. Халилов. МахIачхъала, 2019 ва гь.ц. ГьабсагIаталда басмаялде бахъизе хIадурулеб буго «МагIарул мацIалъул лексика» абураб гьелъул монография.
ПатIимат СагIидовалъ кIудияб бутIа лъуна гIандадерилгун цезазул мацIазул лексикографиялъул ирс лъазабиялъулъги. Гьелъул жигараб гIахьаллъигун хIадурана ва басмаялде рахъана «Гъодоберисезулгун гIурус мацIазул словарь» (МахIачхъала, 2006) ва «Балъхъадерилгун гIурус мацIазул словарь» (МахIачхъала, 2012). Гьел мацIазда кIалъазе лъалеб гьечIониги, ПатIиматица хIадурана лексикографиялъул гьанжезаманалъул теориялде рекъонкколел академияб тайпаялъул словарал. Гьезулъ бакI кьун буго халкъалъул некIсияб тарихалъеги, жакъасеб магIишаталъеги, гъодоберисезулги балъхъадерилги жакъасеб гIумруялъеги. Бечедаб лексикаялда цадахъго словаразда рехсон руго ругелщинал фразеологиял калимабиги, кицабигун абиялги, гьара-рахьиялгун хьамиялги, гьава-бакъалдагун магIишаталда хIалтIизарулел хурухъанасул календаралъе хIажатал сипаталги. Словаралъул ахиралда рехсон руго Гъодобери ва Болъихъ росабазул бакIазулги гIадамазулги цIарал.
КIиябго словаралда кьун руго батIи-батIиял тIадежураял. Абизе ккола, гьезул щибаб рикIкIине бегьула хасаб цIех-рехлъун: бакIазул цIарал (топонимика ва микротопонимика), щибаб цIаралъеги – географиялъулабгун лингвистияб баян. Словаразда руго щибаб рехсараб мацIалъул грамматикияб очеркги.
Дагъистаналъул языкознаниялда П. СагIидовалъ лъураб кIвар бугеб бутIалъун ккола «Авар мацIалъул диалектологияб словарь» (М., 2008) хIадуриги гьеб басмаялде бахъиги. Гьединаб цIех-рех жеги гьабун букIинчIо гIалимзаби-дагъистанияз. Рехсараб словаралъул кьучIалда гьаризе бегьула жеги гIемерал гIелмиял цIех-рехал. Словаралъул хIакъалъулъ гьадинал пикраби загьир гьаруна гIалимзабаз: «Дагъистаналъул языкознаниялда чIобого хутIун букIараб бакI ккуна «МагIарул мацIалъул диалектологияб словаралъ». Гьеб буго Дагъистаналъул мацIазул диалектазул словарь гIуцIиялъул рахъалъ тIоцебесеб хIалбихьи. ЦIакъ лъикI ва гIуцIадго кьун буго лексика, гьабун буго гьелъул классификация. Словаралда тIад хIалтIулаго, П. СагIидова анцI-анцI нухалда щвана словаралда рехсарал мацIазда кIалъалел магIарул росабалъе. Гьеб букIана кIудияб ва гIицIго гIалимчи-лингвистасул жигаралъ цебетIезабулеб сахаватаб хIалтIи». «Словаразда кьун ругел баянал ккола мацIазул ва диалектазул лексикаялъул баяназул банкалъе чарагьечIого хIажатаб кьучI ва гIолел гIелазе мацI цIуниялъе квербакъулеб иш, гуребани, халкъалъулги мацIалъулги тарихалъе билулаан гьеб».
ГьабсагIаталда ИЯЛИялда ра- гIалде бахъунеб буго дарги ва лезги мацIазул диалектологиял словарал хIадуриялъул хIалтIи. Гьеб сериялда буго ПатIиматица къачIараб ва 2019 соналда басмаялде бахъараб «ГIандалазул диалекталъул словарьги».
ПатIиматил хIаракаталдалъун ракIарана, цо къагIидаялде ккезаруна ва гIажамалдасагун латиницаялдаса кириллицаялде руссинаруна ва гIурус мацIалде таржама гьаруна гьелъул кIудияв эмен Абакар- ХIажил асаралги. Абакар-ХIажи вукIана шагIир ва халкъияб кIалзул гьунар бакIарулев хIаракатчи. Гьесул бечедаб гъансинир ратана маргьабиги, харбалги, биценалги, махсародул харбалги, кицабигун абиялги, росуцоязул гIумруялда ккарал кепал лъугьа-бахъиналги. Абакар- ХIажи вукIана кутакалда диналда тIадчIарав, магIарулазул гIадат- гIамалалъе ритIухъав, яхI-намус бацIцIадав инсан. 1903 соналда хIеж борхана гьес. П. СагIидовалъул «ЧIохъа Абакар-ХIажил гьунаралъул ирс» абураб хIалтIи басмаялде бахъана 2015 соналда.
П. СагIидовалъул бетIергьанчи СагIид вукIана Сталинил стипендия щолев мединституталъул студент, лъугIизабуна Москваялда аспирантура ва гьенивго хIалтIулевги вукIана. Дагъистаналде тIадвуссун хадуб хIалтIана Дагъистаналъул росдал магIишаталъул институталда — биохимиялъул кафедраялъул нухмалъулевлъунги, деканлъунги, проректорлъунги. Киназдаго гьев лъалаан ракIбацIцIадав, ритIухъав ва сахаватав инсан хIисабалда. Гьев вуго КIудияб ВатIанияб рагъул ветеран, мустахIикълъана гIемерал шапакъатазе. ГьабсагIаталда вуго мустахIикъаб хIалхьиялда.
Вас Загьидица лъугIизабуна Физикаялъулгун техникияб институт, хIалтIана Москваялда. Гьанже хIалтIулев вуго Великобританиялда. Гьесул васаз – Абакар-ХIажицаги Султанмурадицаги лъугIизабуна Гарвардалъул университет ва гIуцIана жидерго компания. 2018 соналда Европаялъул улкабазда гьоркьоб гьеб рикIкIана бищун пайдаяблъун.
ПатIимат СагIидова мустахIикъ- лъана «За трудовое отличие» (1975 с.) медалалъе, ДРялъул хIукуматалъул ХIурматалъул грамотаялъе (2005 с.), СССРалъул ГIелмияб академиялъул президиумалъулги, РАНалъул президиумалъулгун РАНалъул гIалимзабазул профсоюзалъулги, РАНалъул ДНЦялъул президиумалъулги ХIурматалъул грамотабазеги, «ЗахIматалъул ветеран» абураб медалалъеги.