Болъихъ районалъул Шодрода росулъа КIудияб ВатIанияб рагъде ун вуго 55 чи. Гьездаса 33-яв абадиялъго кьалул майданалда хутIана. Бергьенлъи босун тIадруссаразда гьоркьов вукIана АхIмаднаби ШугIайповги.
Дида мунагьал чураяв АхIмаднаби лъикI лъалаан. Болъихъ зонаялда «БагIараб байрахъ» газеталъул хасав мухбирлъун хIалтIулев дун араб гIасруялъул ункъоабилел соназда гIемер дандчIвалаан А. ШугIайповгун. Гьес гьоболлъиги рагIизабун букIана дида. Щибаб базар къоялъ рагъулаб формагун – кительгун, галифе тIажугун, кенчIоледухъ цIик-цIикизарурал хурумалъул чакмабигун, ботIрода гIантIикIа бухариги лъун, Болъихъе вачIунаан. Болъихъеги гьев киданиги машинаялда рекIун вачIунароан. ВачIунаан чодаги рекIун. КъамартIав, вакIа- вахарарав, рекIун чодагун гьев вачIунелъул киназго хIурматгун абулаан доле, маршал ШугIайповги вачIунев вугилан. Хасаб рокьи букIана гьесул чуяздехун.
«Дида лъай щваралдаса нижер рокъоб чу кидаго букIана», — ян абулаан гьес. Рагъдаса вуссаралдаса нахъе АхIмаднабиги рокъоб чу гьечIого чIечIо. Гьесул чуяздехун бугеб хIикматаб рокьиги бербалагьиги бихьун, дица гьесие сайгъат гьабун кечIгицин хъван букIана.
Чуял
Шодродоса АхIмаднаби ШугIайповасе, рагъул ветеранасе, гIорхъи гьечIого чуял хирияв инсанасе.
МугIрул урхъун руго чол хIихIиязухъ,
Чабхил нухахъ гьезул пунхъи дагьлъана.
Пикрабазулъ гуро, хIакъикъаталда
Элхъаби тIагIана тIадмагIарухъа.
ТIатинчIо щибго рекIкI, рекIкIал къарнабаз
Къисмат хIалуцараб нилъер халкъалъе,
ХаатIа кинабги ккун гьанже нилъеца
Гьезие къваридаб къотIараб хIукму.
Чол кьолонир гIуна магIарул васал,
Мунги дунги гьезул ирсилал гьечIищ,
Сабаб кинаб ккараб гьадигIан кьогIго
Кьалалги рехизе, чуял рихине.
Хилиплъи ШугIайпов, хилиплъи буго,
Хириял мугIрузе, дол умумузе,
Аралъ кIал гьикъизе гьечIонаниги,
БачIунелъе жаваб гьечIо гIелалъул.
ГIажаибаб асар, гIагараб асар
Сухъмахъалъ цо-цо гьел данде чIваралго,
Дидани намусалъ бажаруларо
Балагьизе чуяхъ. Дунги гIайибав.
МугIрул урхъун руго чол хIихIиязухъ…
Элхъаби тIагIана тIадмагIарухъа…
Шодродисез абулаан щибниги батIалъи гьечIин, инсуда нусго проценталъ релълъарав вугин АхIмаднаби. Гьесул эмен ШугIайп вукIун вуго сверухълъиялдаго цIар арав бахIарчияв чи, граждан рагъулъ жигараб гIахьаллъи гьабурав багIарав партизан. Цо нухалъ Чачаналдасан тIадвуссун къаси заманалда ХарайчIи кIкIалахъан вачIунев ШугIайп хъачагъаз сверун ккола ва абула чуги ярагъги кьеян. Гьесда чачаназул мацIги лъалеб букIун буго. ШугIайпица абула жиндир чу цIакъ биххараб жо бугин, гъотIода гьеб бухьине канлъигIаги гьабейилан. Канлъи гьабигун гьес абула гьал михъалги ругев бихьинчиясухъа чу ярагъ бахъизе кIвелиланищ нуж абун ва партIан гьезде таманча битIизабула. Гьав чи бахIарчияв ШугIайп вукIун вугин абун, хъачагъаз щибго квекIен гьабичIого нухда виччала.
…1939 соналда анцIила анкьго сон барав чи Болъихъ анцIго классги лъугIизабун АхIмаднаби гIарзаги кьун БагIараб Армиялде хъулухъ гьабизе ана. 1939 соналъул ноябралдаса 1940 соналъул марталде щвезегIан букIараб финазулгун советияб рагъда гIахьаллъана.
1941 соналъул 22 июналда рогьалилъ Польшаялъул гIорхъиги бахун фашистал Совет Союзалде тIаде кIанцIидал тушманасде данде рагъаразул цоял рукIана АхIмаднаби ШугIайповас хъулухъ гьабулеб гIорхъаби цIунулезул заставаялъул рагъухъаби. Гьес гIахьаллъи гьабуна Ленинград ва областа- лъул шагьарал ва росаби эркен гьариялъул рагъазулъ. А. ШугIайпов ккола Ленинградалъул блокадаялъул гIахьалчиги. Гьел ра- гъазулъ бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ гьесие кьуна «За отвагу» медаль.
Эстониялъул тахшагьар Талин эркен гьабулаго гьенибе жанибе гьужум гьабун тIоцебе шагьаралде жанибе лъугьаразул цояб букIана танкалъул командир-старшина АхIмаднабил экипаж. Гьеб гьунаралъухъ танкалъул экипаж мустахIикълъана «БагIараб цIва» орденалъе ва кIиабилеб нухалдаги АхIмаднаби отпускалъ гIагараб росулъе виччана. Халатаб букIана гьесул рагъулаб хъулухъги, рагъулал нухалги. Гьев чанго нухалда лъукъана, ругънал сахлъарабго фронталде тIадвуссунаан.
1945 соналда Москваялда БагIараб майданалда тIобитIараб Бергьенлъиялъул парадалда гIахьаллъи гьабизеги мустахIикълъана гьев. АнкьгогIан соналъ БагIараб Армиялдаги, рагъдаги гIахьаллъи гьабун каранда орденалгун ва медалалгун ракълилаб гIумруялде гIагараб росулъе тIадвуссана гьев.
Росулъги гьев паракъат чIечIо. ХIалтIана клубалъул директорлъун, библиотекарьлъун, учительлъун, парторглъун, росдал советалъул председательлъун. Кив хIалтIулев вугониги гьев вукIана тIадаб иш ракIбацIадго тIубалев, Жавабчилъи бугев, мухIканав, гIадлу-тадбир бугев инсан. Гьелъин гIагараб росулъги, районалдаги гьев къадру-къиматалдаги вукIарав.
Советияб пачалихъ биххи захIмалъана СССРалъул гIемерисеб халкъалда. Гьеб цIакъго бакIлъана гуллида данде керенги бусинабун, метер букIинесеб лъаларого ракъунги къечонги фашизмалда данде рагъулел рукIарал рагъул ветераназда.
«СССР биххун бихьизегIан, дунго хвезе бокьизе букIана» — ян ракI унтун абулаан АхIмаднабица.
1996 соналда цинтIаго унтиги речIчIун къадаралде щвана гьев сахав бихьинчи маршал ШугIайпов.