Байбихьулезе – малъа-хъваял, хIалтIулезе – кумек

Европаялъул церетIурал пачалихъазул экономиказда гьоркьохъеб бизнесалъ кколеб батани 60-70 процент, Россиялда гьеб 20-ялдаса тIаде унаро. Гьелъул даража эхеде арабгIан, «гьоркьохъеб классалъул» къадар цIикIкIарабгIан бокьараб пачалихъалъул экономикиябгун социалияб гIумруялъул кьучI щулияб букIинги гьаб заманалда лъиениги балъголъи гуро. Дагъистаналъул предпринимательствоялъул (гьитIинаб ва гьоркьохъеб) цо-цо хаслъабазул ва пачалихъалъул рахъалъ гьелъие гьабулеб кумекалъул нижеца гьикъана предпринимательствоялъе квербакъулеб Централъул специалист, Хунзахъ районалъул ТIануси росулъа ГIабдулаев МахIачида.
 
 
— МахIач, кинал масъалаби тIуралел нужер Централъ, кинаб хIалтIи нужехъе кколеб?
 
— Нижер учредительлъун ккола предпринимательствоялъулгун инвестициязулаб Агентство ва гьеб гIуцIун букIана 2015 соналда.
 
Фондалъул буго ункъо отдел:
 
— Инжинирингалъул регионалияб центр;
 
— Предпринимательствооялъе квербакъулеб центр;
 
— Халкъиял художественниял промыслабазул центр;
 
 
 
— Экспорталъе квербакъулеб центр.
 
— Инжинирингалъул регионалияб централъ лъазарула гьитIинал ва гьоркьохъел предприятиязул ругел ресал-сурсатал, ралагьула гьел церетIеялъе ругел нухал, загьир гьарула гьезул масъалаби ва квербакъула гьел тIураялъе; предприятиязул хIалтIи цIигьабиялъе, гьенир цIиял технологиял хIалтIизе риччаялъе гIуцIула хасал программаби, бизнес-планал.
 
— Предпринимательствоялъе квербакъулеб централъ тIоритIула лъай кьеялъул, малъа-хъваялъул батIи-батIиял тадбирал; гIуцIула экономикаялъул гIемерал рахъал гьоркьоре росарал форумал, конференциял, гургинал столал; ралагьула гьоркьохъеб бизнесалъул предприятиял ва бизнесчагIи тIолгороссиялъул ва халкъазда гьоркьосел ярмаркабазда, выставкабазда гIахьаллъизе, гьезул къайи-цIа гIадамазда бихьизабизе, лъазабизе ресал.
 
 
— Экспорталъе квербакъулеб централъ гьединал ресал ругел предприятиязе къватIисел пачалихъазул мацIазда гIуцIула цIиял ялъуни цIи гьарула ругел сайтал; лъазарула нилъер къайи-цIаялъул рахъалъ цоги пачалихъазда ругел тIалабал; квербакъула къватIисел пачалихъазда нилъер интеллектуалияб буголъи цIуниялъе, хасал патентал щвеялъе; гIуцIула ва нухда рачуна, регионазда гьоркьор ругел ва халкъазда гьоркьосел бизнес-сапарал, бизнес-данделъаби.
 
— Халкъиял художественниял промыслабазул централъ кумек гьабула нилъер халкъиял промыслабазул тIагIелал Россиялъул ва халкъазда гьоркьосел выставкабазда цере росиялъе, гIахьалчагIазда гьел рихьизариялъе; квербакъула гьединал тIагIелал электрониял дармилал майданазда лъеялъе; лъазарула цоги регионазда гьел ричизе ругел ресал, чIезарула гьезда рекъарал шартIал.
 
 
 
— Нужехъ ругел баяназда рекъон, нилъер кинаб продукциялъул тIалаб бугеб цоги регионазда, къватIисел пачалихъазда?
 
— Аслияб куцалда гьел ккола кванил нигIматал. Гуржиялде ва Азербайжаналде уна чIагояб боцIи, Ираналде гьан, пихъил цо-цо тайпа ва ччугIа Азербайжаналде, босула нилъер минералияб лъим, пиринчI, цIолбол нигIматал.
 
 
 
— Аслияб куцалда кинал предприятиял кумек гьарун нужехъе рачIунел, гьезул къадар сонидаса сонида цIикIкIунебищ бугеб, дагьлъулебищ?
 
— Гьел киналго руго гьитIинаб ва гьоркьохъеб бизнесалъул вакилзаби, гьезда гьоркьор руго цIияб хIалтIи байбихьулелги, гIезегIан заманалъ хIалтIулел ругелги. Фондалъ тIуралел масъалабиги, гьабулеб хъулухъги цIикIкIунеб букIиналъ, тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб буго нижехъе рачIунезул къадарги.
 
 
— Коронавирусалъ гIемер хисизабунищ нужер хIалтIул низам?
 
— Гьелъул хIасилалда нижеда кIвечIо ва гьабсагIаталдаги кIоларо гIемерал гIадамал гIахьаллъун гьаризе кколел тадбирал тIоритIизе. Хадуркун гьаризе тана хIисабалде росун рукIарал батIи-батIиял форумал, ярмаркаби, выставкаби. ХутIараб хIалтIи унеб буго 2020 соналъул планалда рекъон.
 
 
— Дурго росдал мисалалдалъун кин унеб бугин кколеб дуда гьоркьохъеб бизнесалъул хIалтIи магIарухъ?
 
— Лъалеб жо буго бизнесалъул хIалтIи, гьелъул цIиял къагIидаби аслияб куцалда цере инарулеблъи гIолохъанаб гIелалъ, гьелги росабиги тун шагьаразде унел руго. Гьединлъидал росабалъ бизнес цебетIолеб гьечIо, ахираб заманалда дагьабго цебетIей буго туризмалъул.