Коронавирус — балагьаб унти
Марталдаса нахъе республикаялда пандемиялъ унтаразул къадар 10000-ялдаса тIаде ана. Унтул кIиабилеб карачел гьулчун бачIинадай-бачIинародай абураб суалалъ рахIатхвезабун буго гIадамазул.
Гьеб рахъалъ республикаялда бугеб ахIвал-хIалалъул бицун нижеца гара-чIвари гьабуна сахлъи цIуниялъул министрасул заместительлъун гIемерал соназ хIалтIарав ГIабдула ХIажиевасулгун.
ЧIванкъотIи гьечIеб мехалъ цIикIкIуна щакдарабиги
— Тахшагьаралъул 1-себ больница-ги, республикаялъул инфекциялъулаб ва 2-аб. клиникаялъул больницаги (ветераназул госпиталь) цIун руго унтаразул. АхIвал-хIал къо бахъанагIан хIалуцине рес буго, гьединлъидал кIванагIан цIодорлъи гьабеян, гIадамазда бичIчIизабизе мурадгун вачIана дун нужехъе, — ян байбихьана ГIабдула Набиевичас.
— ЦIар-цIарккун рехсечIониги, унтарал жаниса камураб цониги больница гьечIо жакъа МахIачхъалаялда. Гьебго хIал бугин абизе бегьула цогидал шагьараздаги. Гъизляралда маскабазул низам цIикIкIинабуна, Гъизилюрталда, Хасавюрталда, Дербенталда. Цо-цо районаздаги унтаразул къадар цIикIкIунеб буго. Гьединаздаса рехсезе бегьула ЦIумада ва Нугъай районал.
Амма гIадамазда рагIа-ракьанде щун бичIчIулеб гьечIо унтул бугеб хIакъикъат. БичIчIизе толебги гьечIо. Мисалалъе босилин, «Роспотребнадзоралъул» нухмалъиялъ гьабураб лъазаби гIадаб жо буго интернеталда тIибитIизабун, гьелъухъ валагьун вукIана дун. Цо чIванкъотIун гIадамазул суалал раккулареб хIалалда бицунеб гьечIоанха гьениб жидеего абизе бокьараб жо. Халкъалда бичIчIулеб хIалалъ бицунебги гьечIо, гьелдаго цадахъ халкъалде гIайибги гьабулеб буго, унтудаса цIуна-къай гьабулеб гьечIин абун.
Дие абизе бокьараб жо буго, гIорхъичIваялъул низам бигьа гьабуниги, гьелъул кIиабилеб, лъабабилеб бутIа байбихьаниги бихьичIониги, гьабсагIат бугеб ахIвал-хIалалдаса чучлъизе биччачIого, жидеего цIодорлъи гьабун рукIине ккела гIадамал. Гьеб буго дир аслияб мурад.
Жакъа «Роспотребнадзоралъ» гьабураб хIалтIуе къимат кьезе кколев чи дун гуро, амма ракI-ракIалъ абуни гьезул жигарчилъиялда разиявги гьечIо. Мисалалъе, гьал къоязда къватIибе бачIана республикаялда унтаразул къадар 10 000 чиясдаса тIаде анин абун баян. Амма гьеб къадар буго марталдаса нахъе унтаразул гIамм гьабун данде босараб тарих. Ахираб анкьида чан чи унтарав, чан сахлъарав, хварав, щиб районалда, щиб росулъ бищун гIемер унтарал ругел, хIинкъи бугеб хIалалъ иш щиб мухъалда бугебали щай гьез мухIканго баян къватIибе кьолареб?
Гьез дагIба балеб жо буго гIадамаз жидеего цIуна-къай гьабулеб гьечIилан. Кин гIадамаз гьеб гьабилеб, тIадехун ругез жидецагоги гьелъие ресал дагь гьарулел ругеб мехалъ? Бертабазул рукъзалги рагьани, унтудаса цIуна-къай гьечIого гIадамаз хIажатго гьечIого дандеруссиналгги гьарулел ругони, кин гьел шартIал цIунулел гIадамаз? Цояздаса цоял чIахIиял бертабазул рукъзал руго МахIачхъалаялда. Гьа, гьенив берталъе арав чи метргун бащдаб манзилги цIунун, гьурмада маскаги ххун чIезе вугищ столалда нахъа, цояв чIаниги, кIиабилев, лъабабилев чIолищ? Гьединго цо чияс кверазде спирт гьоркьоб бугеб лъим пунхъани, цоясул кверги бачун хадуб, кIиабилесул бачиналде цебе речIчIизабизе бугищ гьес гьебго лъамалъи, чан чи берталъе вачIуневали хIисабалде босанищ гьез? Гьединал мисалал рукIаго, кинаб цIуна-къаялъулха бицунеб?
ЦIар кинаб лъуниги, добго буго мун
— Къо гьоркьоб къо бахъун гIадин бицунеб буго унтул кIиабилеб карачелги тIаде щвезе бугилан. Амма гьелдаго цадахъ цIалул цIияб соналде школал хIалтIизе риччазе рукIиналъул бицана, республикаялъул Лъай кьеялъул нухмалъиялъ данделъиги ахIун. Гьединго хIукуматалъул идарабиги чIара-хьараб низамалда хIалтIулеб къагIидаялде нахъруссунел руго…
— КIиабилеб бутIаялъухъ ралагьун чIун руго нилъ, амма гьабсагIат бугелда цIар щибха кколеб? 1000 чи унтун вугони цохIо шагьаралда, гьелда цIар «кIиабилеб карачел» абун лъуниги щиб, тIоцебеселъул хутIелилан лъуниги щиб, гIадамал унтун руго. Амма дида лъалеб жо буго цо. ГIадлу-низам кьваризабичIони, гьабсагIат бугелдаса ишги бичча-бихъан танани, школал къаялде бачIинаха иш. Гьедин ккечIого букIине киналго ресал руго, гьеб ресалдаса пайда босизе ккола нилъер щивас. АхIвал-хIал чучлъизе биччачIого, берцинго тохтурзабаз малъарабги гьабун ругони иш лъикI букIина.
— Республикаялда унти тIибитIаралдаса гьале щуябго моцI сверулеб буго. Цебеккун букIаралъул хIисабги гьабун, додинаб рескъотIараб хIал ккечIого букIине гьаб нухалъ унтуда дандечIей гьабизе ресал кинал рихьулел дуда?
— Ресал руго. ТIоцебесеб иргаялда, гIадамал жиндир заманалда тохтурасухъе унел ругони. Гьури чIван, мегIер чвахун, гIадатияб гриппалъул рукIунел гIаламатал загьирлъаралго, жинде къватIул унти щун бугин, гьеб хIинкъи бугеб жо гурин чIечIого, тохтурасухъе ине тадбир гьабулеб бугони чияс, унтаразул къадар дагьлъизе буго.
КIиабизе босани, доб мехалъ гIадин гуреб, тохтурзабазе гьанже гьеб унтуда дандечIезе хIалбихьи щун буго. Щивав тохтурасул гьеб унтудаса цIунизе жиндирго хасаб сурсат букIинчIо, гьеб гуребги, гьезда мекъи бихьизе абулеб мех гуро, гIемерисел тохтурзаби жалго рихха-хочун лъугьана гьеб гIузруялда цере. Гьелъги ахIвал-хIал бигъинабуна. ГIемерал тохтурзаби жалго унтана, чангиял хвана. Гьанже рагIулеб гьечIогури цониги тохтур унтанилан. Щай абуни, дару-сабабги, хIажатаб къайи-цIаги буго, анлъго моцIалъ букIараб хIалуциналъ кьураб дарсги хутIана.
Цоги гьадинаб жоги буго дир кIвар буссинабизе бокьараб. Цевеккун гьаб гIузруялъ унтарав чиясул гьабсагIат щиб хIал бугебали цIех-рех гьабулеб бугищ-гьечIищали суалги буго рагьараблъун хутIун. Гьев живго тохтурасухъе вачIинегIан чIечIого, рокъо-рокъоре хьвадунги гьесул сахлъиялда хадуб халкквей букIине ккела. Коронавирусалъ унтарав чиясе хадубккунги чанги кIвекIенал гьаризе рес буго гьелъ. Босилин, гьесул цоги гIузру букIун батани, мисалалъе, чакаралъул диабет яги тIул унти. Дагьабго заманалдасан гьесулъ унти кIиабизе багъаризе бегьула. Гьединлъидал: «Цо нухалъ унтун вукIана, тIокIалъ гьесде гьеб гIузру щоларо», — абун ракIги парахат гьабун чIечIого, гIага-божаразулги букIине ккола гьесда хадуб хал кквей. Участкаялъул больницаялъул, поликлиникаялъул хIалтIухъабазги тIаса квер босун тезе бегьиларо гьединал гIадамал.
Вакцина гьоркьоб ккун, зулму гьабуге
— Коронавирусалде данде дунялалда тIадго тIоцебе вакцина бахъана нилъер хIукуматалъ. Гьелда тIад гьарурал хIалбихьиязги лъикIаб хIасил кьунин абулеб буго. Кин бугониги, гьелдехун халкъалъул божилъи гIолеб гьечIолъи бихьулеб буго. Жалго лъикIал рахъун чорхолъе гьеб биччазе разилъиларилан абулел чагIи гIемерал руго.
— Жибго вакцинаялъе къимат кьезе дун лъугьинаро, дун гьелъул агьлу гуро. Гьелъие къимат кьезе батIияб хасаб лъайги хIалбихьиги хIажалъула. Амма гIадамазул бугеб рахIатхвей дида бичIчIула. Гьезул щакдараби щай цIикIкIунел ругел? Медицинаялъул гIалимзабазул жидерго гьечIо цо ккураб пикру. Мисалалъе, цIех-рехал гьарулеб цо пуланаб медицинаялъул институталда абулеб буго вакцина гьедин къокъаб заманалда жаниб хIадур гьабуларин, гьелъие лъикI хIадурлъизе кколилан. Цогидал рохун руго къокъаб заманалда Россиялда кIванин вакцина къватIибе биччазе, гьеб лъикI бугилан. Лъабабилез абуни хъвалеб буго гьеб хIадур гьабулаго гIиси-бикъинал ругониги, хIалбихьиялъул заманалда, 30-40-ниги хиса-басиял кканин абун. Гьеб баян дуцаги цIалана, дидаги бихьана, хутIаразги гьелдаса пайда босичIого батилищ? ГIиси-бикъинал ругониги, гьелги гъалатIаллъидал кколел, гIадамазул гьелъ рахIат хвезабичIого букIинищ?
Гьединлъидал хIажат буго цо маслигIат. Цояс гьадин бицун, дос адин бицун, гIадамазул бетIер биххизабичIого, киналго дандеги ракIарун цо пикруялде рачIине.
— Гьеб вакцина чара гьечIого гьабизе кколин абулел чагIиги руго. Нагагь гьеб жидеего гьабизе гIадамаз биччачIони, гьезие харжал кьезе гьечIин, штатал къокъ гьаризе ругин, хIинкъаби кьолел ругин абурал харбалги рагIула.
— Дидаги рагIана гьелго харбал. Амма гьеб битIун гьечIоха. Чиясда тIад зулму гьаби ккола гьеб. БатIияб жо буго чиясда берцинго бичIчIизабулеб бугони. Мисалалъе, отпускалдаса вачIунев хIалтIухъан ватани, гьесда абулебги бугони: «Мун сахго вукIин тасдикъ гьабулеб кагъатги босун вачIа поликлиникаялдаса», — ян, гьеб батIияб иш буго. Амма вакцина гьабичIони, дуе хIалтIулъ кIвекIенал гьаризе ругин хIинкъаби кьун, гьелдацин течIого гьев хIалтIудаса ватIа гьави буго чиясда тIад зулму гьаби. Дун гьелда тIад рекъоларо.
— Кин букIаниги, ГIабдула, щуго моцIалъ цебе букIараб хIалкъайги, кIудияб рахIатхвейги гьечIого, «кIиабилеб карачел» бачIаниги, дагьаб бигьаго гьелъул бакIлъи борхизе кIолилан кколищ дуда?
— Кутакалда кIола. Амма цIуна-къай гьабизе гIадамазда лъанани. Мисалалъе, щиб хIажалъи букIараб жакъа киса-кирего бертабазул рукъзал рагьизе? Гьел рагьичIого хутIани, гIадамазе кколеб къварилъийищ бугеб? Гьединго тагIзияталги, магIирукъзалги щай дагьабги мехалъ къан течIел? Шагьаралда жанир хьвадулел маршруткабиги руго жаниса хIурул цIун. ХIуруда цадахълъидал кинабго инфекция букIунеб. Гьелда релълъарал цогидалги мисалал руго унти тIибитIиялъе квербакъулел. Гьединлъидал, цоги нухалъ абуниги, жалго гIадамазда бараб буго парахалъиги лъикIлъиги. ГьабсагIат бугелдаса иш чучлъизе биччани, иш квешаб бакIалде бачIунеблъи гьезда бичIчIизе ккола. ТIад ругезул буюрухъаздеги, малъа-хъваяздеги мугъчIвай гьабун чIечIого, щивав чияс жиндасаго байбихьун гьабе цIодорлъи. Гьеб мехалда кIвезе буго нилъеда гIузру нахъе бачахъизе.