Гьаб ахираб заманалда дун гIемер щола тохтурзабазухъе, гIенеккула рекIел тIинда магIулъун гIунараб гьезул хабаралъухъ. Хабарцин гуребха гьеб — угьиги зигараги жубараб гьеб рагIидал, кинаб хIалуцинха лъугьинеб гIенеккарасулги. Гьезухъа тIад юссунелъул, каранда бакI гIоларого ракIги лъугьуна, гIумруялъ тIамула жиндирго берцинлъиялда тIад ургъизе. Хасго хвел аскIоб рещтIиндал, гьелъул берцинлъиялдаса гIорцIуларо. Тохтурзаби-бихьиназегицин захIмат букIуна дол балагьал къоял ракIалде щвезаризе. КъватIибе загьир гьабизе рес гьечIеб магIу рещтIунеб батила рекIел тIинда. Руччаби- тохтурзабаз изну кьола магIуялъе, жидерго гIанабиги чурун, ракьалде тIинкIизе. Гьелдаго цадахъ гьез къватIибе гьурщула къварилъиги, пашманлъинги, угьи-зигараги. Гьаб нухалдаги гьедин букIана. Дун щвана С. М. МухIамадовасул цIаралда бугеб республикаялъул рахунел унтабазул (инфекционная больница) больницаялъул отделениялъул нухмалъулей Саида ГIумаровалъухъе. Телефоналдасан лъай-хъвайги гьабун, дица гьелда гьарана дандчIвазе заман батейилан. Сундул хIакъалъулъ бицине кколебалъи лъайдал, гьелъул гьаракь сорона. Бугониги, разилъана.
Гьалеха дун цо лахIзаталъ лъалхъана чанго моцIалъ гIумруги хвелги цоцазе къуркьуларого букIараб больницаялъул кIалтIа. Гьаний лъалхъидал, дагьайги гIащикълъана гIумруялъухъ.
Гьалеха Саида ГIалигишиевна. Берцинаб гьурмада паркъелеб бугеб гьединабго гьимиялъ къабул гьаюна дун. Харбиде ралалде, гьелъ дида рихьана хасаб формаги ретIун рахъарал жиндиргоги коллективалъулги суратал. РакIгъанцIизабулеб кьогIаб хIакъикъат. Гьале дол жакъасеб заманаялъул багьадурзаби – гIумру тIегьаялъе, гьелда цIилъи чIваялъул нураллъун рукIинеги хутIизеги ТIадегIанас ракьалде ритIарал руччабазда цебе чIараб масъала букIана цIакъго жавабчилъи цIикIкIараб – хвалил квачIикьа гIумру бахъизе хIадур рукIана гьел киналго. Гьезда гьоркьой йикIана Саидаги.
— Бицун чи божулеб ахIвал-хIал букIинчIо. Беразда цадахъ гIодулеб ракIги букIана. Рихха-хочизеги заман букIинчIо. Унтаразда бихьизе бегьулароан нижер къварилъи, бичIчIизе бегьулароан рекIел хIал. Щайгурелъул гьел нижехъ ралагьулаан гIумруялде кIудияб хьулгун. Гьел къояз ниж гьезие рукIана жидехъе гIумру тIад буссинабизе бажарулел сихIручагIилъун, — ан байбихьана Саидаца диргун гара-чIвари.
Китаялда коронавирус тIатун бугилан лъаралдаса нахъе, хIадурун рукIана больницаялъул нухмалъиги киналго тохтурзабиги, гьеб «къабул» гьабизе. Россиялъул кавабахъе гьеб «лъугьанин» абидал, бичIчIана тохтурзабазда, гьелъ Дагъистаналъеги салам «кьезе» букIин. Больница, абизе бегьула, хIадур букIана гьелда дандчIвай гьабизе. БукIана хасаб парталги, гьединго рукIана гIурал дарабиги.
Ва гьале тIоцевесев унтарав, кIиабилев…, нусабилев…, кIинусабилев…
ХIалуцана хIалтIи больницаялда
ГIемерлъана тохтурзабазул макьу бикъарал сардал. РукIана гьел Саидалги. Жиндирго лъимал гьелъ магIарухъе, эбел-инсухъе щвезаруна. Ва гьей унго-унголъунги тIаделъана унтаразухъе гIумруялъул кунчIи тIад буссинабизе…
РукIана гьел къояз Саидал къисматалда хинал къоялги, ай сахлъарав унтарав рокъове нухарегIулел талихIал минутал. Гьединго зама- заманалдасан гьелъул къисматалъул бакъ хьухьикьеги кколаан – Саидаца рокъоре нухарегIизе кколаан гIумруялъул бакъ сун арал, жидеда тIокIалъ гIумруялъул кунчIи бихьизе гьечIел… Гьеб мехалда Саидал ургьимесалдаго цIа рекIараб хIал лъугьунаан, тIун анин кколааан рекIел цо чIваги.
Гьедин ана хъахIаб халгIат ретIарай хIурулгIин Саида ГIумаровалъул тохтурлъиялъул бищунго захIматал лахIзатазул лъабго моцI. Гьебгощинаб мехалда гьей щвечIо рокъое, гIумру гьабун йикIана больницаялдаго.
Дагъистанияздаса дун цIакъго чIухIана
— Дол захIматал къояз дагьалъги чIухIана дун дагъистанияздаса. Нижер хьолбохъги чIун, къеркьана гьелги унтуде данде. Кванан бахъунаребгIан гIемераб квен бачIунаан къойил нижее жалго бетIергьанал кафе-ресторанал ругезги гIадатиял гIадамазги. Гьанибго рехсечIого гIезего гIоларо ГIахьвахъ районалдаса Шамилил цIар. Гьесул эмен вегун вукIана нижер больницаялда. Гьединлъидал нижер лъикIаб гьудуллъи ккун букIана. Гьев сахаватав магIарулас нижее бачIанщинаб нигIмат. Гьеле доб гIаданлъиялъул унго-унгояб мисал. Гьелъго батила, дагъистаниязул цолъи бихьидал, нилъедаса лъутун ун букIараб гьеб унти. Амма гьанжеги тIад буссунеб бугоха гьеб. Гьеб тIад буссиналъе «квербакъана» дагъистаниязул гIаданлъиялъ. Бертабалъеги хьвадана, магIирукъзабахъеги ана. Гьеб нилъер бидулъго бугелъулха – рохелги къварилъиги гIахьал гьаби, — ян бицана Саидаца. Гьединго гьелъ рехсана МахIачхъалаялъул «Турист» ва «Спорт» гостиницабазул ва больницаялда аскIобго бугеб «Панацея» медицинаялъул централъул нухмалъулелги. Гьенир чIобого гIумру гьабизе рес щвана рокъоре-нахъе ине санагIалъи гьечIел тохтурзабазе. Гьеле инсанасул гьединаб рухIияб берцинлъиялъ хвасар гьабулеб ва цIунулеб батила дуниял квешабщиналдаса. Унтаразул къадар дагьлъизегIан, гьоркьоса къотIичIого, щвана больницаялде Москваялдаса тохтурзабиги, гьезда гьоркьов вукIана вирусалъул заманалда машгьураблъун лъугьараб Коммунаркаялъул бетIерав тохтур Проценкоги. Жидехъа бажаранщинаб кумек гьабуна гьез унтаразе.
Нахъа тана дол жавабчилъи цIикIкIарал къоял. Россиялъул президентасулги Дагъистаналъул бетIерасулги рахъалдасан шапакъатал щвана тохтурзабазе. Гьезул сияхIалда кенчIана Саида ГIалигишиевналъул цIарги. Гьелъие кьуна «Дагъистаналъул мустахIикъай тохтур» абураб тIадегIанаб цIар.
Диргун гара-чIварулеб заманалдагицин, хIалхьи толеб букIинчIо Саидае телефоналъ – унтарал гьанжеги ругелъулха больницаялда. Гьале цо заманалдасан – цоги зваргъи. Гьаб нухалда – гьанжего гьанже магIарухъа тIад юссарай ясалъул эбелалъухъ урхъараб гьаракь.
Гьеб гьаркьихъе гIедегIана Саидаги. Гьез гIураб заман байдалха цоцаздаса рикIкIад.
ХъахIаб халгIат ретIарай ва гьелъул бацIцIалъиялъе даим ритIухъайлъун йикIине ва хутIизе гьа барай хIурулгIиналда хадуй ялагьидал, рухIдаллъизе бачIунеб букIана – гьелъ цогидазул гIумруялъе кьунщинаб кунчIи. Гьелдаса кIудияб талихI бугебдай ракьалда…
ТIегьараб мурадалъул тIогьий
Саида ГIумарова ккола Хунзахъ районалъул БуцIра росулъа. ГьитIинго рекIелъ рещтIараб гьелъул анищалъе кунчIи щвана 1998 соналда. Росдал школаги лъугIизабун, гьей цIализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб мединституталде. 2003 соналда гьелъул тIубараб мурадалда тIегь бана. Ва институт лъугIаралдаса нахъе гьей хIалтIулей йиго гьеб больницаялда. Макьу тун, квен тун, тохтуралъ рорчIарал сардазда нур базабулеб буго хIалтIуде гьелъул бугеб кIудияб рокьиялъги, унтараздехун гьанжеги гьелъул бугеб адабалъги, тIалаб-агъазалъги. Гьелъул рекIелъа жеги хIинкъиги гьурмадаса пашманлъиги лъугIун гьечIо, цIидасанги тIаде щолеб бугеб унтиялъул сас рагIидал. Гьей хIадурго чIун йиго… Бигьалъаги Саидаеги гьелдаго цадахъ киналго тохтурзабазеги унтулгун гьабулеб къеркьей…