Социалиял гьинал – «гьалагаб гIор»

Дагьал церегIан къоязда социалиял гьиназда исламиял къокъабазде цо гIолилас битIун бачIараб кагъаталъ нилъеда сверухъ бугеб жакъасеб къоялъул пикруго гьечIеб хьвада-чIвадиялда тIад ургъизе тIамуна.ГIолилас хъвалеб бугоан жиндирго хварай яцалъул хIакъалъулъ. Тохлъукьего ккараб балагьалдалъун хун йиго гьанжего-гьанже балугълъиялде яхарай яц. Гьес кагътида бицунеб бугоан, яцалъул «Тик-ток» абулеб социалияб гьиналда аккаунт (гьумер) букIанин. «Яцалъул аккаунталда лъун руго цогидал гIелбащадазго гIадин рахъарал видео-роликал. Гьелъул кьурди-кечI ва цогидаб гIантабщинаб жо бихьизабулел къокъалго видеоял Тик-токалдаса рацIцIине бокьун буго, амма нижехъа гьеб бажарулеб гьечIо. Гьелъиеги бокьилароан букIараб жий хун хадуса гьединаб «ирс» нахъе тезе. Социалиял гьиназда лъурал гIантал роликазда йигей гIадай, гьединаб сипаталда гIадамазул рекIелъ хутIизеги бокьилароан букIараб гьелъие», — ян бицунеб бугоан гIолилас жидерго къварилъиялъул хIакъалъулъ.
 
ГIантавлъун хIай ссиялда бугеб мех
 
ГIедегIун бачIунеб гьалагаб гIоралъ гIадин жанире рачун унел руго цIиял технологияз нилъер лъимал, бачIунеб гIел. Гьеб лъикIищ – квешищали нилъ ургъизе яги кантIизеги толел гьечIо. Нилъер цо-цоял регIулел гьечIо лъималазе тарбия кьезе, гьединлъидал нилъер бакIалда Интернеталъ куцалеб буго гьезул гIамал-хасият. Нилъер лъималаз чияр халкъазул лъималаздаса мисал босулеб буго. Масала, бищунго цIикIкIун 12-17 сон барал лъималаз хIалтIизабулеб Тик-ток яги Лайк абурал социалиял гьиназда аслияб къагIидаялъ рахъула къокъал видео-роликал (15-30 секунд). Видео-роликал рахъулелъул гьумер-куцалда тIад лъолел суратал ва гьелдаго релълъарал батIи-батIиял эффектал рукIуна гьенир, жидеего рекъараб бакъанги бищизе бегьула. Цоцазда къец бан цIиял кьурдаби яги сценкаби рахъула, куцги белъун музыкаги биччан кечI ахIулеб ххвел гьабула. Цо-цо лъималазин абуни жидехъго ралагьулезул къадар цIикIкIине гIоло тукабазда къайиги гьурщун бан лъутула, жидерго гьалмагъзабазе нухда квалквал гьабун гьел гIодор кколеб къагIида ва гьелдаго релълъарал гIанталщинал роликал рахъула. 15-20 сон барал гIолилаз жидерго видео-роликал тIаде гIемерал гIадамал цIалеллъун лъугьине гIоло я хъубаб мацI бицуна, яги учительзабазде хьандола, къайи-къоно хвезабула, тIахьал рухIула. ГIолилазул ва лъималазулин рикIкIунеб Тик-ток социалияб гьиналда дунялалъулго лъималаз гьабун толебщинаб гIантлъиги квешлъиги гьаниб бицун хIалкIвеларо. Видео-ролик гIантаб лъугьанагIан гьелъухъ ралагьулезул къадарги цIикIкIунеб бугелъул, цогияз гьабураб гIантлъи такрар гьабизеги гIедегIулел руго.
РакIалде ккезе бегьула лъимал расандунин кколеб жо щиб бугебан, амма гьелдасаги гIантабщинаб гIолилазги гьабулеб бихьидал битIахъе ботIрол рас бахъун чIола. ГIадамасул гIумру цебетIезелъун ургъарал технологиял ва Интернет сабаблъун нилъер бачIунеб гIел гIакълуялъул рахъалъ нахъецин кколеб гьечIодай?
 
 
Нахъе толеб «ирс» — пайдаяб лъикI
 
Тик-токалдаса пайда босулезда гьоркьор руго бусурбабазул лъималги. Ургъел ва пикруго гьечIого, цогидал гIолилазго гIадин гIантал ролалги хIан, рахъун лъолел руго видео-роликал. Гьел гIолилазда цо къоялъ хвезеги рес бугин, жал ракIалде щвеялъе гьел гIантал роликалги нахъе хутIилин абураб пикру ракIалде кколеб гьечIо.
Гьеб суалалда тIасан нилъер диниял гIалимзабазги вагIзаби гьарулел руго, метер бетIергьанчи хвани нахъе хутIулеб жоялъул хIисаб гьабеян абун. Интернеталда цогIаги сурат яги видео-ролик лъолелъул цин ургъизе кколел руго — тохлъукьего хвани нилъ яги гIагарлъи нечезе ругодай абун. Доб дунялалда гьел подписчикал абурал гIадамал лъиего хIажат ругодай? Нилъеца гIадада хвезабураб заманалъул нугIзаллъун гурищ гьел кколел?!
Нилъеца доб дунялалде цадахъ босулеб жо буго – нилъеца гьабураб лъикIлъи. Хун хадуса нилъго нечезарулеб жо халкъалдаго бихьулелъуб социалиял гьиназда лъун щай толеб? Нилъеегоги чидаеги пайда щолеб къагIидаялъ социалиял гьинал хIалтIизарулел ругони, нилъ хун хадусаги букIинарищ гьелъул баракат?!
ХХI гIасру. Нилъер лъималазе, бачIунеб гIелалъе кьун буго цересел гIасрабазда лъиего щвечIеб ресги технологияз бигьа гьабураб гIумруги. Рес буго дунялалъулго бокьараб адабият цIализе. Интернет рагьани, ратизе руго дунялалъулго классиказул асарал, гIелмияб, бизнесалъул, психологиялъул ва цогидабги адабият. Бокьараб пишаялде руссине рес буго, амма бокьулеб гьечIо, регIун гьечIо. Щайха лъималазе цIалиги, захIматаб хIалтIиги къваригIараб, блогер вугин абун гIантал видео-роликалги рахъун гIарац щолеб бугони…
 
 
Тик-ток – миллиард гIолилазул руккел
 
КигIанго бокьичIониги, нилъер гIумрудулъ бакI кколеб буго батIи-батIиял социалиял гьиназ. Бекилалде бухьун лъикI бетIерилан абухъего – кватIун ккелалде, нилъерго лъималаз тIаса рищулел социалиял гьиназда хадуб хал ккуни лъикI букIинаан. Вехь цеве гьечIони, гIиги кьурса гъоркье унелъул. Соналдаса соналде гIатIилъулел социалиял гьиназул гIантаб чваххиялде гъорлъе ине риччачIого, Интернет-сурсатал пайдаялда хIалтIизаризе кколел руго нилъеца.
Тик-токалдаса пайда босулеб буго миллиардалдаса цIикIкIун чияс. Байбихьуда гьеб социалияб гьиналда видео-роликал рахъулезул ригь 12-22 сон букIана, гьанжейин абуни гьенир ратизе руго батIи-батIияб ригьалъул гIадамалги, хIатта жидерго гIанталщинал гьунарал рихьизарулел чIахIияб ригьалъул гIадамалцин. Лъималазулин абулеб социалияб гьиналдаса пайда босулезул къадар ункъабилеб бакIалда буго. 2020 соналда Ватсапалдаса пайда босулеб буго 5 миллиард чияс, Фейсбук – 5 миллиард чияс, Инстаграм – миллиард чияс хIалтIизабулеб буго.