ЦIадирабазда – школа яги бизнес

Жакъа нилъер гIумру тIубанго буссун буго социалиял гьиназде. Щивав чи вуго пуланал къокъабазда. Бокьун буго гьединаб цо къокъаялда ккараб бахIсалъул хIакъалъулъ бицине.

Гьеб буго дир курсцоязул къокъа. Цоял хIалтIулел руго лъималазул ахикь тарбиячагIилъун, цогидал – байбихьул школалда, лъабабилел – педагогикаги жибго тун, батIияб пишаялде ран руго. Гьал къоязда Лак районалдаса Разиятица – гьей ккола тарбиячIужу – къокъаялда гьикъана: «Дида гьарулеб буго школалда учительлъун хIалтIизе ячIаян, лъабабилеб класс кьелин абун. Гьенив вуго 8-10 цIалдохъан. БитIараб бицани, педучилище лъугIаралдаса нахъе тарбиячIужулъунги хIалтIун, гьеб иш кутакалда бокьула дие. Росуцоязул гьариги тIубанго нахъчIвазе кIоларого йиго. Кинаб гIакълу кьелеб нужеца дие? Инищ дун школалда хIалтIизе?» — ян.

Гьелъие кьурал жавабаз бихьизабулеб буго жакъа лъай кьеялъул идарабазда бугеб хIакъикъат. Гьединлъидал гьел гьанир кьолел руго хисизаричIого.

Мадина (Буйнакск шагьар): «Гьанже школалда буго цIакъ захIматаб программа. Гьелде тIадеги, учитель регIизего толев гьечIо аслияб хIалтIуде – дарсал кьезе. Гьаб платформаялда, доб порталалда, гьадаб сайталда – киса-кибего хъвай-хъвагIай гьабизе тIамула учительзаби жидерго, лъималазул ва гьезул эбел-инсул. Кутакалда захIмат буго гьаб заманалда школалда хIалтIизе».

ПатIимат (Ставрополь край): «БитIараб абулеб буго Мадинаца. Лъаларо, Дагъистаналда иш кин бугебали, амма нижер гьаниб битIахъе хIухьел цIазе заман щоларо. Гьанир-дора хъвай-хъвагIаял гьаризе ккани, цIалдохъабазул эбел-инсуда гьардезе ккола, щивасулгун гIаммаб мацI батизе ккола. Гьелде тIаде, МЭШила, ЦОКила – ричIчIизе захIматал къокълъизарурал рагIабазда нахъа бахчун буго учителасул заман чIвалеб цоги балагь. Йохъ, цо гуро, чанго балагь! Гьебги дагь бихьулеб батила лъай кьеялъул хIакимзабазда. Тарбия кьеялъул тадбиралинги абун, ургъула цо жал. Масала, «Движение первых», волонтерал – чIанда!!! Нилъер заманалда кьолеб букIана унго-унгояб тарбия. ГIуцIулел ва тIоритIулел рукIана хIакъикъаталдаги пайдаял, рекIелъ цIунун хутIулел тадбирал. Гьанжейин абуни, ахIула яги лъазабула пуланаб тадбир букIине бугилан. Гьенир рахъарал суратал, видео-роликал лъола социалиял гьиназда яги школалъул сайталда, гьелдалъун лъугIула тарбия кьеялъул иш.

Мукъсанаб гурони харжги кьоларо учителасе. Дир классалда вуго 27 цIалдохъан. Дагьабищ букIунеб гьезулгун гьабулеб хIалтIи?! Соналдаса соналде гIемерлъулебги буго гьеб. Амма моцIрол харжиде тIаде бачIунеб жого батуларо. Гьединлъидал гIолилаз инкарги гьабула школалда хIалтIизе. Исана нижехъе ячIана гIолохъанай педагог. Жиндие щолила техничкаялъе щолелдаса кIиазарго гъурущалъ цIикIкIараб харж. Гьаб харжихъ хIалтIизе жий рази гьечIинги абун, тIоцебесеб четверталдаса хадуй нахъе ана гьей.

ГIемерал соназ лъималазул ахалда хIалтIарай дуе гIемерго лъикI буго гьенийго чIани».

Гульнара (Бабаюрт район): «Дун хIалтIула росдал школалда. Дир вуго анлъго цIалдохъан (дагьал комплектазулаб школа буго). Киналго школазда – шагьаралда яги росулъ букIа, батIалъи гьечIо, хIалтIула цогояб программаялда рекъон. Цебе росдал школалда хIалтIулев учителасе бигьалъаби рукIунаан, программаги батIи-батIияб букIана. Гьанже кинабго цойиде бачун буго.

Абулеб буго, тIасияб соналда МРОТ (хIалтIухъ кьолеб мухьалъул бищун дагьаб роцен) цIикIкIинабизе бугилан. ЦIикIкIинабуни щиб – учителасдаса гIемер щвезе буго техникияв хIалтIухъанасе. Гьебги хIехьелаан – нилъ ругьунал ругелъул, чIобогоцин хIалтIизе нахъе къаларо учительзаби, хIалтIизе рес кьолебани!!! Щибго пайда гьечIеб хъвадари сабаблъун дарсиде хIадурлъизеги ракIбохулеб хIалалда дарс кьезеги заман толаро. ГьебгIан захIмалъулеб жо гьечIо дие! Лъие хIажатаб жо гьеб?! Гьединаб хIалалъ лъикIал, лъай камилал педагогал лъутизарулел руго школалдаса. Классал рацIцIинедай инаян йикIуна дунгоцин. Жавабчилъиги гьечIо, харжги гIемераб щвела».

Гугьарша (ЧIарада район): «Ясаз гьаниб рагьана жакъасеб школалъул унго-унгояб хIакъикъат. Цебе нилъедаса тIалаб гьабулаан хIалтIул хIасил, ай цIалдохъабазе нилъеца кьураб лъаялъухъ халгьабулаан, рукIа-рахъине малъулеб бугищали халкколаан. Гьанже щиб къваригIун бугеб нилъедаса? ГIицIго кагътиде буссинабураб хIаракаталъул хIасил! «Орлята Дагестана», «Движение первых» — рахъана суратал, ритIана тIалаб гьабураб бакIалде ва гьелдалъун дур классалъул, школалъул цIар тIибитIана. ХIакъикъат лъиениги хIажат гьечIо».

Саният (МахIачхъала): «Росабалъ бигьа буго хIалтIизе. Шагьаралъул школазда классазда вуго 38-40 цIалдохъан. Цо-цо классазда жеги цIикIкIунгиха. Кин гьезда малъизе кколеб цIализеги хъвазеги? КIихIи вихъун дарс кьуниги, щибаб лъимералда бичIчIизабизе кутакалда захIмалъула. Гьединлъидал школалдаса нахъе унел руго учительзабиги. ХутIаразда бачинабула кIи-кIи класс. КIиябго сменаялда хIалтIизе тIамула учитель. Цо классгун хIалтIун, свакан, тату хварав педагог, хIухьбахъизе заманго батуларев, кIиабилеб сменаялдаги дарсал кьезе хIажатавлъун ккола. Кинаб хIасил букIинеб гьединаб хIалтIул? Хъизам хьихьизе хIажатал гъурщазухъ чIван лъола нилъеца чорхол сахлъи…».

Учителасул къисматалъул ургъалида бугоан «Дир хирияб ВатIан» абураб жамгIияталда гьоркьобе унеб «Учительзаби ва преподавательзаби» абураб къокъаги.

Вашалав: «Жакъа дир гара-чIвари ккана байбихьул классазул цо учительницагун. ЦIехана, школалда, лъай кьеялда цIияб щиб бугебилан. Гьелъухъ гIенеккидал, учительзабазда ракI гурхIизе бачIана. ХIисаб гьабеха: учителасе кьолеб буго гIага-шагарго 24 азарго гъурущ, рацIцIалъи гьабулей гIаданалъе – 27 азарго. БитIахъего, нечана. Кин гьеб гIарцухъ гIумру гьабизе кколеб учителас? Коммуналиял хъулухъазухъ кьезеги, сахлъи щула гьабизеги, лъимал хьихьизеги, гIумру гьабизеги кин гIезарилел гьел гъурщал? Гьеб харж щолев чиясухъа хIалтIи тIалаб гьабизе нечезе ккела нилъ».

+7 928 … 41-82: «Жакъа улкаялъул нухмалъиялда ругел ва коммунистазде рокьукълъиялда руцарал гьал «демократаз» росдал школалъул учителасухъа бахъана советияб власталъ гьесие кьолеб букIараб кинабго, чIобогояб ЖКХялдаса байбихьун. Учителасул хъизамалъе коммунистаз чIобого кьун букIана канлъиги хинлъиги. Гьанжесел «демократаз» гьелъие моцIрое бихьизабун буго гIицIго 1400 гъурущ».

+7 909 … 30-65: «ХIакимзабаз абула, учительлъи бугила ракIалъ тIаса бищараб пишаян. Дица цо-цоязда абуна, гьедин батани, рачIа дуца дурго харж дие кье, ва мунго гьеб рекIел ахIиялда рекъон хIалтIеян… Цонигияв разилъичIо гьелда».

+7 909 … 30-65: «Учитель инсан кколарищ? Гьесулги букIуна чанги къваригIел. Амма лъидаха рагIулеб бугеб нижер гьаракь? ХIалтIизе бокьун гьечIев чияс бизнесалде нух бахъеянлъидал нижеда лъазабураб…».

Асият ГIалиева: «Дир ишцояй школалдаса нахъе ана. Гьелъие гIиллалъун ккана цIалдохъанасул бадибчIвай. «Нужеца нижеда малъула цIалде, цIалдеян. Щиб щолеб бугеб дуе, школалдаги хадубккунги лъикI цIаларай гIаданалъе? Кепказухъ хIалтIулей йиго», — ян абуна гьелда цIалдохъанас. Махщел хисана гьелъ ва гьанже лъикIаб харж кьолеб бакIалда хIалтIулейги йиго.

Дие абизе бокьун буго: лъай бугев чиясе хIалтIи камиларо. Амма метерисеб къоялъул пикру гьабидал, пашманлъула ракI. Щив хIалтIизе вугев школалда, гьениса учитель нахъе инавулев вугони? Щибаб соналъул сентябралда дун школалде уна, хIалтIудаса нахъе инилан гIарза хъвазе ракIалдеги ккун. Амма дунги нахъе ани, щив гьенив хIалтIилеван абураб пикруялъ рокъое тIадюссуна, кIиго ставкаги тIаде бегизабун.

Дир буго гьадинаб пикруги: рачIа ДРялъул бетIер Сергей Меликовасде хитIаб гьабизе, коммунистазул заманалдаго гIадин, коммуналиял хъулухъазухъ кьолеб мухьалдаса учитель тIуванго эркен гьавеянги гьарун. Бажариладай, КПССалдаго гIадин, «Цогояб Россиялда» гьеб иш рекъезабун?»

Гьанир рехсарал пикрабазул хIасил гьабуни, бихьулеб буго школалъул учителасул жакъа расги лъикIаб гIумру гьечIеблъи. Гьеб хисизабиялъе тадбирал гIуцIизе заман цебего щун буго. Квар тIеренаб бакIалдаса тIолин абулелъул, тIубанго иш лъугIилелде, ахIвал-хIал хисизабиялъе хIаракат бахъани, лъикIаб букIина.

Кавсарат Сулейманова