ЛъагIалил хIакъикъат — «ХIакъикъаталда»

Гьале тарихалде ана цогиги лъагIел. БатIи-батIиял лъугьа-бахъиназдалъун хIалуцараб букIана гьеб дунялалдаги — нилъер улкаялдаги, Дагъистаналдаги. Дагьал рукIинчIо улкаялдаги республикаялдаги лъикIал лъугьа-бахъинал, пайдаял хIалтIаби, ишал, тадбирал. Нижеца хIаракат бахъана гьезул хIакъалъулъ газеталъул гьурмаздасан нужееги бицине.

Баянаб букIахъе, 2025 сон Россиялъул президентас лъазабун букIана ВатIан цIунулезул лъагIеллъун. Гьединго, исана КIудияб Ва­тIанияб рагъда бергьенлъи босаралдаса тIу­бана 80 сон. Хъвана газеталъ гьеб КIудияб бергьенлъиялъулги, гьеб гIагар гьабурал миллатцоязулги, гьез бихьизабураб бахIарчилъиялъулгун къохIехьеялъулги хIа­къа­лъулъ. Бицана жакъаги улкаялъул интересал цIунун хасаб рагъулаб операциялда къеркьолел ругел гIолохъабазулги.

Дагьал гьечIо «ХIакъикъат» газета цIалулел, нижехъе хъвадарулел, цогидазда гьоркьобги гьеб тIибитIизабиялъе жигараб гIахьаллъи гьабулел чагIи. Редакциялъул рахъалдасан ракI-ракIалъулаб баркала кьезе бокьун буго магIаруллъиги хириял, нилъер адабиятги, маданиятги, тарихги бокьулел гьудулзабазе.

ТIаде щолеб бугеб цIияб 2026 сонги баркун, баркала кьезе бокьун буго миллияб газеталъе подписка гьабиялъе квербакъарал магIарул районазул нухмалъулезе. Республикаялъул хIукуматалъул председателасул заместитель Ризван Гъа­зи­мухIамадовасе, Гумбет районалъул бетIер Гъа­лип Гъалиповасе, Гъизилюрт районалъул бетIер Рус­там Татархановасе, Унсоколо районалъул бетIер ГIиса НурмухIамадовасе, Шамил районалъул бетIер МухIамад ХIасановасе, ГIахьвахъ районалъул бетIер МухIамад МуртазагIалиевасе, Болъихъ районалъул бетIер Руслан ХIамзатовасе, Хьаргаби районалъул бетIер МухIамадгIали ТIагьировасе, Гъуниб района­лъул бетIер Расул ХIусеновасе, Казбек районалъул бе­тIер ХIажимурад Мусаевасе,  Лаваша районалъул бетIерасул заместитель ГIабдусалам Дибировасе, ЛъаратIа районалъул бетIер Мурад Рамаза­но­в­асе, Хунзахъ райо­налъул бетIер Нур­му­хIа­мад Задиевасе, ЦIумада райо­налъул бетIер Шамил ГIу­ма­ровасе, ЦIунтIа районалъул бетIер АхIмад ХIамзатовасе, БежтIа участкая­лъул бе­тIер Шамил Арадаховасе, ЧIарада районалъул бе­тIер ХIусен ГIарабиевасе.

Хасаб баркала загьир гьабизе бокьун буго хIажалъи ккедал хьолбохъ ратарал Дагъистаналъул миграциялъулаб хъулухъалъул нухмалъулевлъун вукIарав МухIамад МухIамадовасе, «ГIазим» абураб гурхIел-рахIмуялъулаб фондалъул генералияв директор ГIабдулхIалим Мачаевасе, Халкъияб Собраниялъул депутат МухIамад КIудиямухIамадовасе, Хьаргаби районалъул нухмалъулесул заместитель АсхIабали Маликовасе.

Нижеца гьединго тIаде щвараб ЦIияб сонги баркун, баркала кьола газеталъул хIаракатал мухбирзаби — ЦIунтIа районалдаса Рамазан Абулмуслимовасе,  ХIажи Нажмудиновасе, БежтIа участкаялдаса ШугIайп Ражабовасе, Шамил районалдаса Сайпула ГьитIинамухIамадовасе, Зайирбег МухIамаднабиевасе, МухIамадрасул АсхIабовасе, ГIахьвахъ районалдаса ХIажимухIамад Кучуевасе, Хас­мухIамад Муслимовасе, Деньга Махиевасе, Шагьрудин Къурбановасе, Гумбет районалдаса Камил ХIадисовасе, Магьди ГIабдурахIмановасе, Унсоколо районалдаса МухIамаднаби Ибрагьимовасе, МухIамад ГъазимухIамадовасе, Хасавюрт районалдаса ва шагьаралдаса МухIамадрасул ШайихмухIамадовасе, Ниязбег Алмахъскиясе, МухIамадрасул Расуловасе, Казбек районалдаса СалихI СалихIовасе, Салман ХIажимухIамадовасе, Гъуниб районалдаса ПатIимат Абакаровалъе, МухIамад Абакаровасе, Ругъжаса ГIалисултание, Хунзахъ районалдаса МухIамадхIабиб Халилбеговасе, Фатима МухIамадовалъе, ЦIумада районалдаса ХIабиб Давудовасе, Болъихъ районалдаса Шамсудин Сиражудиновасе, Гъизилюрталдаса ТIалхIат Ахъбердиевасе, МухIамад Рамазановасе, Буйнакскиялдаса Наби ГIисаевасе, МухIамад ГIабдулгIазизовасе, МахIачхъалаялдаса Шамил МухIидиновасе, АсхIабгIали ХIасановасе, МухIамад МухIамадовасе (Ибрагьимович), МухIамад Насрулаевасе ва гIемерал цогидазеги.

Баркала буго районазулгун росабазул почалъул киналго хIалтIухъабазе, Шамилхъалаялъул почтамталъул начальник Тикилав ХIажиевасе ва гьесул хIалтIухъабазе. Редакциялъул церегосел хIалтIухъабазе, ветераназе.

ЦIияб сонги баркун, гьарула киназего сахлъи, рохел, рокъоб парахалъи ва баракат! Хьул буго «ХIакъикъаталъулгун» хадубккунги нужеца гьудуллъигун хурхен цIунилин ва щула гьабилин абураб.

Редакция