ГIайшат Гъайирбегова ккола Гумбет районалъул ЧIиркъатIа росдал гьоркьохъеб школалъул учительница. Гьелъ кьола тарихалъул дарсал. Школалда ккарал хиса-басиязулги цIалдохъабазул эбел-инсул цIалуде бугеб бербалагьиялъулги хIакъалъулъ ГIайшатилгун гара-чIвари гьабуна нижеца.
— ГIайшат, кин байбихьараб дур учительлъиялъул нух?
— Школалда цIалун яхъингун, дир кIудияб гъира букIана тIадегIанаб лъай босизе. Амма гьелъие рес щвечIо – дун росасе кьуна. Гьабуна кIиго лъимерги, гьел дагьал кIудиял гIедал, дун заочно цIализе лъугьана Россиялъул Лъай кьеялъул академиялъул МахIачхъалаялда бугеб филиалалде. ТIаса бищана тарихалъул факультет.
— Лъималги хьихьун, рокъой чIаян лъазабичIищ дуда бетIергьанчияс, цIализе инилан мун лъугьиндал? Якьадалъ ихтияр кьунищ цIализе ине?
— Дир бетIергьанчи Камилги вуго тIадегIанаб лъай щварав учитель. Гьес лъугIизабуна ДГПУ. Химиялъулги биологиялъулги дарсал кьола гьес школалда.
Гьелде тIадеги, дир вуго кутакалда лъикIав вакьадвас МухIамад Гьиматович. Кавказалъул дунявияб институтги гьес рагьун букIана. ДунгIан разияб дунялги ахираталъул рукъги кьеги гьесиеян гьарделей йикIуна дун Аллагьасда. АскIой ккараб къоялдаса нахъе жиндирго лъимадул гIадин тIалаб гьабуна гьес дир. Жакъаги дие кутакалда кумек гьабула гьес. Хъизамалда бищун кIудияв вуго гьев.
— Цоцазе рокьунищ росги мунги данделъун рукIарал?
— Рокьи щиб жояли лъазегIанго хутIанищ дунали, лъаларо. Рос вукIана гIолохъанав учитель. Инсуца абунаха, кьолей йиго мун рукъалдеян. Дун йикIана эбелалъул цохIо йигей яс. Инсул букIана кIиабилеб хъизан-лъимал. Дир эбелги гьевги ратIалъунги рукIинчIо. Инсухъа бажарана кIиябго хъизамалъе гIадлу гьабизе. Инсудаги эбелалдаги гьоркьоб букIун батила чанги батIияб иш ккун, ракIхвеялъул хIужа, амма нижеда, лъималазда гьеб лъазе течIо. Жакъа дун гьелдаса йохарайги йиго: дир руго хIалимал, дие сундулъго кумекалъе ратулел ва кутакалда хириял вацалги яцалги. Гьел рукIинчIелани, дун йикIинаан янгъизай, чиякъай гIадан.
ХIалтIукьа хIинкъуларев, бокьараб иш бажарулев ва ракIалда бугеб гIумруялде бахъинабизе лъалев чи вукIана дир эмен. Жакъа гьев нижгун гьечIо, кIияйго эбел чIаго йиго. Дида абула, инсуда релълъарай йигин. Ялъаргъуней ятилаха. Амма дихъаги бажарана, чияда бачIого, дирго хъизам хьихьизе, гIумру бачине.
— Школалда хIалтIизе байбихьаралдаса 25 сон буго дур. Цебесебги жакъасебги школалда гьоркьоб батIалъи бугищ?
— Зобалдаги ракьалдаги гьоркьобгIан батIалъи буго! Доб заманалда учителасул хIаракаталъе лъикIаб жаваб щолаан цIалдохъабазухъа. Гьез дарсалги лъазарулаан, жамгIиял ишазулъги гIахьаллъулаан. Учителасулги заман букIана лъималгун хIалтIизе, бокьулеб пишаялдаса рекIее рохалил асар щвезе. Учителасул хIалтIи жамгIияталъе къваригIараб заман букIана доб. Жакъасев учитель дида вихьула, доб маргьадулъ бицен гьабулеб горалда жанисан бекерахъдулеб гвангваялда релълъун. Гьаб гьабе, доб гьабе, доб цояб рагIалде бахъинабе ва кинабгоги – гьале гьабсагIат, нахъе тIамичIого! Гьеб букIунеб жойищ? Дуца дарсиде кинаб хIадурлъи гьабурабан гьикъулеб заман гуро гьаб. Доб сайталда суратал лъунищ? Гьаб социалияб гьиналда цIалдохъабазулги гьезул эбел-инсулги хъвай-хъвагIай гьабунищ?.. Гьебищ учителасул хIалтIи? Гьеле гьелде буссинабун буго жакъасеб школалъул хIаракат.
Информациязулаб гIасру лъикIаб жоги батила, амма гьелдаса нилъер халкъалъе пайда бугищали, дида лъаларо. Хисана гIумруялдего, инсанасул вукIа-вахъиналдего жамгIияталъул бербалагьи. 25 соналда жанир ккарал хиса-басиязда хадуб ракI гIодулеб хIисаб буго жакъа. Цере рукIарал гIелазул хIаракаталъул хIасилги «кваналаго», унеб буго жакъасеб халкъалъул гIумру.
— Чанги классал цIалун ратила дуда цере гьеб заманалда. КIудияб гIумруялде гьел тIоритIулелъул, кинаб хIал букIунеб?
— Дуда цере анлъгониги соналъ цIаларал ва щибаб къоялъ рихьулел рукIарал цIалдохъабигун ратIалъи гьеб кутакалда захIмалъула рекIее. Гьебги кколелъул дур гIумруялъул бутIа. Цересел соназда учителасул хIалтIул къимат гьабулаан жамагIаталъго, гьанже бербалагьи хисун буго. Амма школалъул хIалтIиги дирго гIумруги цадахъаб, ай цогояб ишлъун къабул гьабурай дие цIакъ захIмалъула гьеб кIиябго батIатIезабизе.
— МагIарул газеталъ кинаб бакI кколеб дур гIумруялъулъ?
— Дир эбелалъе кутакалда бокьула «ХIакъикъат». Гьелъ бана 83 сон. Рагъда эменги тIагIарай, инсул лъикIлъиги щвечIей гIадан йиго гьей. Газетаги хъвала нижеца.
— Дуца мунго талихIайлъун рикIкIунищ?
— Дир талихI борцине, дида цее йиго эбел. ГIемераб захIмат къулчIизе ккана гьелъ. Умумузул аби гьечIищха, эмен рокъов гьобол вугин абулеб. Рукъалъул тIалаб-агъаз гьабула эбелалъ. Долъ хIехьарабги, баччизе ккараб захIматги дида бихьичIо.
Дир йиго кIиго яс. ЦIакъ лъикIав эменги вуго гьезул. Ясал руго тIадегIанаб лъай щварал махщелчагIи. Цоялъ лъугIизабуна Дагъистаналъул медицинаялъул академия, цогидалъ – Правоялъул академия. Руго гьезулги лъимал. Гьединаб хIалги букIаго, талихIкъарай йигин абуни, Аллагьасул ццим бахъинарищ? Кутакалда талихIай гIадан йиго дун!
Гара-чIвари гьабуна
Кавсарат Сулеймановалъ.