Щуабилеб декабралда МахIачхъалаялда, Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда тIобитIана магIарул машгьурав шагIир ЖабрагIил ХIасанов ракIалде щвезавиялъул тадбир. Гьеб нухда бачана Дагъистаналъул мустахIикъва артист ХирамухIамад ХирамухIамадовас. Гьес гIатIидго бицана шагIирасул гIумруялъул ва творчествоялъул хIакъалъулъ, ракIалдасан цIалана гьесул кучIдул. Гьедиго ЖабрагIилил пагьму-гьунаралъул бицана Дагъистаналъул халкъиял шагIирзаби ТубхIат Зургьаловалъ ва МухIамад ХIамзаевас, Авар театралъул директор МухIамад БисавгIалиевас, шагIир ва журналист МухIамадрасул ГIумаровас ва цогидазги. Дандеруссиналъул ахиралда ЖабрагIилил рагIабазда кучIдул ахIана Дагъистаналъул халкъияв артист МухIамад- ТIамир Синдикъовас.
Гьаниб гъоркьехун кьолеб буго ТубхIат Зургьаловалъул ЖабрагIил ХIасановасул хIакъалъулъ ракIалдещвеял.
Шамай Хъазанбиева
«Гьадинаб жойищ гьаб гIумру букIараб,
ГIурччинаб ихилан дир хиял ккараб.
ГIадамасул гьумер гьимараб мехалъ,
Цо хIилла батилин хIинкъизе ккараб.
* * *
«Дуда эбелалъул берал рихьанищ,
Балагьун гIорцIичIел гIумруялъго духъ?
Дуда эбелалъул кверал рихьанищ,
Кинабго дуе кьун, ракъван тIагIарал?..
…Эбелилан абун, Аллагьас йижун,
Ракьалде биччараб Бичасул хIикмат,
Мун вихьараб мехалъ кIудияй гIолей,
Дуца тараб мехалъ гьитIинлъун уней».
* * *
«Гьал чIинчIалги чIвачIел, каралги ххарал,
Керенги бетIерги бакъалда лъурал,
Гьал эгъе борхатал ясаца гуро
ЦIунараб АхIулгохI имамгун цадахъ.
Гьал бащдал толохIоч къватIахъ рихьулел,
Рахьдал мацI лъаларел лъималги гуро
Улбузул хьолбода, хунжрулги рахъун,
ХвезегIан рагъарал гъазаваталда…»
* * *
«Гьаб нилъер векалъул пикру гьабидал,
Бикъулел, хъамулел хъурмал рихьидал,
Дарман къотIарабго, къо бухIарабго,
Дица ахIун тола: далай-далалай…
…Реццун ругьунлъарал хIакимзабиги,
ХIелхIедун ругьунал гьал гIадамалги,
Бихьинчилъи гьечIеб гьаб гIаламалде
Дица ахIун тола: далай-далалай…»
Гьал шигIрабаздаса мухъал руго магIарулазда рагIарал, лъалел, лъазего лъачIого пикрабазулъ рессун ратулел. Гьезул ва гьел гурел гIемерал цогидазулги автор ккола Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъа мунагьал чураяв ЖабрагIил ХIасанов.
ЖабрагIил вукIана гIадамалги хирияв гьезиеги хирияв чи. ДГУялъул филологияб факультеталъул отделениялда кIиабилеб курсалда ц1алулеб заманалда галаби тIамизе рес кьечIеб унтуца унтана гьев. Амма гьеб дагьаб заманалдацин мугIалимзабазулги цадахъ цIалулезулги ракIал гIатIидги рацIцIадги гьаризе хIикматаб гьунар кьун букIана БетIергьанас гьесие. Гьев лъаларев чи, факультеталда гуребги, университеталдагоги вукIун ватиларо.
Дарсил цIумур кьабидал, дун йигеб аудиториялде рагьун нуцIагун, «ТубхIат! На выход!» — ин ахIулаан гьес, мугIалимасул санцин гьабичIого. Гьес ахIидал, цоги нухалъ ахIизегIан тани, цо-цояз «Нилъер шагIирзабиян» махсара гьабилалде, дун жанахIалде щолаан. Перерывалъул заманалда жиндирго «каранда кьабгIелеб бугеб» цIияб кечI цIализе, гьеб бичIчIизе кIолей студентка-магIарулай, шигIру хирияй гIадан доб мехалъ цIалулезда гъорлъ дун гурей йикIинчIолъиялъги батила, гьесухъ гIенеккун дунги, дихъ гIенеккун гьевги рихьи гIадатияб сурат букIана киназего. Амма, гIел бащадал ругониги, гьесул кечIалдаса «нечолаан» дир кечI, гьес какиялдаса, экзаменалдаса гIадин, хIинкъулаан дир сарин. Сонал анагIан бичIчIана Бакълъухъа ЖабрагIил дие магIарул кочIол гIелму рекIелъе тIолев, гьеб жиндирго бидулъ бессарав, сахлъи кьечIелъухъ Аллагьас хIикматаб гьунар кьурав, рагIул бегIерлъиялъ цогидаздаса батIияв инсан вукIин. Гьанже пикру гьабула гIадада рукIун гьечIин Аллагьас нижер гIелги гIумруялъул нухги релълъинабурабин абун. Щайгурелъул нижер кIиязулго пикрабазулъги ракIазулъги аслияблъун, кечI цIалулеб мехалъ дунял кIоченабулеблъун, бералги къанщун, квералги хьвагIун кучIдул цIализе ниж тIамулеблъун, жинда кинабгIаги асар бащалъулареблъун букIана ва хутIана хирияб миллаталдеги, гьелъул тарихалдеги, гьеб тарихалъул аслулъун вугев ТIадегIанав Аллагьасдеги рокьи…
…ЦIаралгун шапакъатал цIехолел цогидалги тун, ЖабрагIилил шигIраби цIехолел адабият бокьулел магIарулал рукIиналъги бицуна гьес дунялалда тараб лъалкIалъулги, я гьаниб лъиего пайда гьечIеб, я доба жидеего батулареб гIадада хъвадариялъ гьел цойгияз лъеда полоп гIадин инабун батараб гIумруялъулги. Гьесул гIадаб шигIру лъугьине ккани, гьевлъун рукIине ккола… ТIадехун рехсохъе, гьесул гIадаб рокьи букIине ккола магIарул рагIудеги, гьесул гIадаб гIищкъу букIине ккола миллаталдеги, гьесие гIадин, гIодулаго хиралъизе ккола АхIулгохIги; гьев гIадин къулизе ккола жиндирго миллат цогидаздаса борхалъизе гьабурал гьелъул имамзабазеги, устарзабазеги, гьезул баракаталъ ккун бугеб гьелъул къисматалъеги; гьесул гIадин гиризе ккола магIу, гьеб киналъулго къиматги гьабуларел, къадруги цIунуларел «гIасияб мехалъул мехтарал лъимал» рихьунги, гурхIел тIадегIанав Аллагьасул сабруялъул хIисаб гьабунги…
ЦевечIола ЖабрагIил, гьеб киналъулго пикрабаз бакIарараб, бицине кIолареб, рехсон бажарулареб, малъкъосиналъ керен къакъалеб, гьадаб цо, магIил гороян жинда абулеб, дунялалъухъги валагьун, гьелъул хIакъалъулъ ургъел бикьизе щоларел, регIун гьечIел гIадамазухъги урхъун, «цIвак-цIвакун зобалахъ цIвабиги ругеб, цIар ахIун ватизе гIаданги гьечIеб» лахIзат, зодоб бакъ бугонигицин, бачIанщинаб къоялъги, унебщинаб моцIалъги, лъугIун батараб соналъги, жинцаго гIадамазухъе гали базе рес гьечIолъиялъ, гордухъан гурони, бихьулареб гургинаб дунялалъулги, гьанибго толеб гьелъул хIисаб гьабуларел гьезулги хIакъалъулъ пикраби цолъун, лъимцин къулчIизе биччалареб магIил гIомоялъ мукъулукъ бацарав, столалдаги чIарбидаги, лъукъарал къункъраби гIадин, тIиритIарал, къваридал, пашманал шигIраби берцинаб хатIалъ тIад хъварал тIанчазухъги валагьун…
ЦIала-цIалараб кечI чIарбиде «боржине» биччалаан ЖабрагIилица. Гьел кучIдул гIадамазухъе роржине, басмаялда рахъизе ккелин киданиги ракIалдеги кколароан. Гьудулзабазе цIалулаго гьел гIенеккун чIаниги, цIалун хадуб гьезул пикру лъаниги гIолаан.
ЖабрагIилил кучIдузда бижизабуна ТIадегIанав Аллагьас гьесул бохдузе кьечIеб рухI, гьесул рекIелъе тIуна БетIергьанас гIадамал кантIулеб рагIи абизе шавкъ, гьесул ботIролъ бекьана Аллагьас унго-унгояб, бацIцIадаб, боцIиялъ бецлъаразе канлъи рагьулеб пикру, рагIарабго гIенеккарасул рекIелъги ботIролъги хутIичIого рес гьечIеб, кечIалъ тарбия кидаго кьолеб букIараб магIарул халкъалъе хиралъараб, бигьаго ургьибе унеб гIакъиллъи хасиятаб ШигIру.
Гьединлъидал гьесул шигIраби тIехьалдаса цере роржана халкъалъухъе, халкъиял кучIдул гIадин, авторасул цIаралдасаги цере тIиритIана магIарулазда гъорлъ. Гьесул кучIдузул гьайбатлъиги гъварилъиги цоги миллаталдаги бихьизе, нилъер адабияталда жакъа байрахъулаблъунцин лъугьун бугеб, гьелъухъе жинцаго нух бахъараб ЖабрагIил ХIасановасул шигIруялъ гьелги асир гьаризе, гIурус мацIалде руссинаризе ккелин пикру бачIарай дун, дагьай ургъидал, рекIекълъана. Цониги таржамачи-шагIирасда ЖабрагIилил рагIабазул гъварилъиги, гьесул рахьдал мацIалъул бечелъиги, гьелъул хасаб гугьарги гIурус мацIалда кьун бажарулареблъи бичIчIана (ЦIадаса ХIамзатилги, ЧIанкIалги, ГIалихIажиясулги, МахIмудилги гIадин). Хасго АхIулгохIалдеги имамзабаздеги гьарурал шигIраби…
* * *
Хъвадариялъе гьунаралда цадахъго Аллагьас ЖабрагIилие кьун букIана жахIда-хIусуд гьечIеб, рагIиги шигIруги хирияб, жакъаги цоцазе ритIухъаб гьудуллъи нижелъ доб мехалъго гьес бекьиялъ жиндие ниж налъулаблъун бугеб рекIел бацIцIалъиги, гьелдаго цадахъ гьев гьудулзабазе дагьавги хиралъизавулеб бегIераб рагIиги, гIажаибго гIужилаб махсараги. ГIунараб гIамалалъул чиясдаса гIадамал рикIкIалъулел гIадин, гIатIидаб рекIел ЖабрагIилида аскIоса нахъе ине бокьулароан. КочIодалъунги гьабулаан гьес махсара. (Студенталлъун ругеб мехалъго цо нухалъ дун гьаюраб къо баркизе, нижер общежитиялъул ункъабилеб тIалаялде вачIана ЖабрагIил… Жаниве лъугьун вачIунаго тIоцере абурал, жинда дур нуцIикIалтIа чIун ратанин гьал мухъалин, ахIулеб гIадин, гьес ххенезарурал рагIаби рукIана: «ТубхIааааат! Мун гьаюраб къо буго къойил гьаб дунялалда, Мун йижичIеб къо буго къиямасеб ракьалда!») Гьеб махсара гIамалалъулъ бессараб, гьелъулъги хасаб гIакъиллъи бугеб хасияталъ гьес живгоги къисматалдаса хвасар гьавулев вугеблъи бихьулаан дида… Гьединлъидалги унаан дун, цIалиги рехун тезе ккун, магIарухъе гочун, лъова чIарав ЖабрагIил эхеве вачIиндал, гьес ахIаралъуе.
КочIолъ къваридаб ракI гIумруялъулъ кутакалда гIатIидаб букIана гьесул. КечI хъвалаго жибго дунялгун хутIидал, гьудулзабазул горсверулъ гьеб кIочон толеб букIиндал. Цо-цо кучIдузулъ релъизейилан ккаралги рагIабазулъцин добго пашманлъи букIунаан. Гьеб бичIчIиларо цого-цо пикру гьечIев чиясда:
«Мун гьаб дунялалъул боцIуе гIоло
ЦIан тIажу бахъизе лъугьунге, гьудул…»
Гьаб кIиго мухъалъулъ батула кинабго, аслияб – гIадатияб къагIидаялъ гIадатиял магIарулаз абулел (гIурус мацIалде руссинаруни, лъидаго ричIчIизе гьечIел), бегIералги магIна гъваридалги рагIаби ЖабрагIилихъе рачIун руго жалго рекерун, цIакъ гьел хIажатабги, гьел гурони, рекъезе рукIинчIебги бакIалде. БоцIуе гIоло «гIицIлъулел» ругел гIадамал рихьун, ракIкъалеб мех диргоги гIемераб букIуна. Пайда щиб, дир гьудул ЖабрагIил, гьезда кколелъул жал рихьулел гьечIилан… Гьезул гIадаб гIумру гъадицаги гьабула, гьединлъидал, къокъаб букIаниги, къадруябги рагIулъгицин баракат бугебги дур гIумруги бергьана, дур цIарги халкъалъе хутIана.
ЖабрагIилил баракатлъун лъугьана дие сундасаго цебе гьесул сверухълъи. Гьесдасан щвезе хъван букIун буго дир дунял чIаго гьабулел, дирги дир шигIруялъулги даража гIодобе ккезе биччачIел, жал рихьанщинахъе вацал рихьараб хIисаб дие кколел (гьезда дунги вацилан кколей ятула, щайгурелъул ЖабрагIилицаги гьесдаса хадув лъарав ГъалбацIовасги ТубхIатил бакIалда ТIалхIатин ахIулеб букIиндал диде), жалгун цадахъ, доб мехалъ гIадин, бокьараб бакIалде дун ине кIолел, дир гIамалалъе дандекколеб, шигIруги, рагIиги, миллаталъул тарихги хирияб ракIазул гьелчей бугел, гьелго ракIазул рацIцIалъи дие бокьулел, доб гIакълу гьечIеб гIолохъанаб мехалъ жидеца дир напсгицин цIунаралъухъ дица жидехъги БетIергьан Аллагьасе щукру гьабулел Кьурукьмухъалъул васал: Гъоркьа Бакълъухъа МухIамад ХIамзаевги, МухIамадрасул ГIумаровги, ЗанатIаса, ТIаса Бакълъухъа, Гьандихъа, Могьохъа ЖабрагIилилги шигIруялъулги адаб гьабулелщинал. Даимго Аллагь разилъи гьарула дица гьезиеги, мунагьал чураги нижер гьудуллъиялъеги гьелъулъ гIаданлъиялъеги баракатлъун лъугьарав ЖабрагIилилги. Гьанибго абичIого гIоларо гьеб мухъалъул васазулъ, иманалда цадахъ, адабияталде, гIакъилаб каламалде, шигIруялде ракIазулъ бессараб рокьиялъ хIикмалъизе бачIунин кидаго. Гьелълъидал гьезие ЖабрагIилги хирияв вукIарав. Гьелълъидал гьезда дилъ, гIолохъанай яс гурей, шигIруялъ жидеда гъорлъе ячарай, гьелде бугеб рокьиялъ жалгун ящалъизаюрай кочIол яс йихьулей йикIарай. Баркалаха нужее, Кьурукьмухъалдаса кьуричIого дида хьолбохъ жеги ругел, ЖабрагIилица диде гьабулеб божел бикьарал, нуж рихьанщинахъе ракIалдещвеяз дирги ракI тирхулел, тIул бикьичIониги, ракI бикьарал вацал. (Гьезда гъорлъа МухIамад ХIамзаевги МухIамадрасул ГIумаровги гьесда хьолбохъаги гьесул пикрабалъаги араб мехго букIун батиларо, росуцоял гурелги, тIоцереги ахиралдаги гьесда кверчIвалелги, гьес жиндирго кучIдузулъ «гьудул…» абун, гIемерисеб мехалъ кечI бижулагоцин цадахъ рукIун, рехсолел, гьев АхIулгохIдеги цоги бакIаздеги вачунел рукIарал… Гьезул кучIдузулгицин букIуна релълъараб гъварилъи, релълъараб миллат бокьи, гьелъул тарих хиралъи… Цо-цоял дихъе кIалъазецин кIалъала гьаб кечI ЖабрагIилилищила, ХIамзаевасулищила абун… Гьеб релълъин буго, рагIабиги, мухъалги такрар гьарулеб гуреб, ракIазулъ бугеб, нилъго, магIарулалги, нилъер тарихги, ВатIанги, ТIадегIанав Аллагьги цолъараб, гьеб цолъиялда тIаде (яги гьеб цолъизабуралъухъ) БетIергьанас гьунарги кьураб жидеего хасаб релълъин.
* * *
Нижер горсвериялъул буго батIияб, цогиязда релълъинчIеб, шагIирзабазул къисмат. Гьеб горсвериялъул ракIалдещвеялги рукIуна батIиял, нижго гIадал, гIарацги боцIи-панзги гъорлъ гьечIел. Гьел ракIалдещвеязул аслияб асарлъун лъугьуна ниж урхъун ратараб мехалде щун рати… Гьеб асаралъулъ ращалъуларо цо-цо мехалъ, гIумруялъул гьадаб бутIа хутIун, хутIанщинал соналги, хъулухъал-ишалги, бищун кутакав хIакимчиясул тахги…
Гьаб бакIалда ракIалде щвана нижер цо данделъиги. ЖабрагIил эхеве вачIун вугин, хехго Батырайил къотIное ахIулей йигин лъазаби щвана хIалтIуда, тIахьазул издательствоялда йигей дихъе. ЦIиял кучIдулги росизе кколаан кидаго. Гурони ЖабрагIилица, субалочин, дуда хъвадарейин гурищ лъазабун тун букIарабин, нечезаюлаан. Щванаха Батырайил къотIноб ХIамзаевас ккун букIараб, нуцIа рагьун, къотIносанго жанибе гали бегьани, гьеб гали рукъ бакьулъе кколеб, гьитIинаб, ЖабрагIил вачIанщинахъе гьесул штаб-квартираялде сверулеб букIараб рокъое.
Дунги ячIун вохарав ЖабрагIил ахIдана ХIамзаевасде: «МухIамад! Хехго гьанире, бездарал! Бездарал сокIкIе ТубхIатида гъоркь!» — илан. СокIкIана тIахьазул сиги, ссиялда гIодой чIана дунги. Ягъарани, биххизе хIадураб гьадаб «бездаразул бакIуха» дица кьелареб гьаб жакъаги бищун борхатабги, тирулебги, сверулебги, жинда кIусизе ихтияр цо нухалъ щваравги, нагагь гьеб кодоса инадайин, кьижизе гурев рокъове унаревги, у-унайин, гьебги ккун чIун, чIван гурони, нахъе унаревги хIакимчи кIусараб доб тахалъухъ.
ХIамзаевас ккун букIараб гьеб гьитIинаб рукъги кьелароан гьал хъулбузухъ. ХIанги, чедги, помидорги, гьезда гъоркьги тIадги ЖабрагIилил кучIдулги, адабияталъул вакилзабазул хIакъалъулъ рицунел кепал лъугьа-бахъиналги – гьебги кьелароан жалгоги бечедал, гIамалги учузал, чехь гIорцIиялъ гIагIаялда гурони релъизе гIакълуги гьечIел, ракIалги мискинал цо-цо чагIазул гIумруялъухъго.
Нижер гьеб вацлъи дир хIалтIудаги лъалаан. Цо нухалъ директорасул секретарь ячIана: «Тубхат, по-моему, это письмо тебе», — йиланги абун. Ялагьана конверталде. «Кому» абураб бакIалда хъван буго (кинабго машинкаялъ кьабун, дида хатI лъалелъулги, гьеб дихъе битIараб бакIги – махсара дие гурелъулги): «Зургалову ТIалхIату», — йин. «От кого» абураб бакIалда – «Советский РОВД» абун. (Доб мехалъ Шамил район Советский район букIиндал), МахIачхъалаялъул цо районги Советский букIиндал… ХIинкъараб дир куцги бихьун, гьей чIана дица конверт рагьизегIан. ТIоцебесеб мухъалдаго букIана: «ХIинкъарайищ, товарищ ТIалхIат? Гьедин хIинкъизайизе йиго нодо багьизегIан какал рачIони…», — ян.
Как-кIалалъе цIакъай кийха дун йикIиней доб мехалъ, жеги, ЖабрагIилица абухъе, Гъунисаги йигони. Ахирал соназ цо нухалъ гьес абуна: «Гьанже бегьула мун Бакълъухъ ГохIда юкъизе», — ян. АхIулгохIалъул тарих, жиндие гIадин, дие хиралъиялъги, СагIид-афандиясулги цогиязулги исламиял тIахьазе редакторлъи гьабиялъги, жиндиргоги баракаталъ, жиндаго лъикI лъалеб, аскIоб бугеб ЗанатIаса хъизамалде дир къадар хъваялъги, цоги-цогидалъги мустахIикълъана дун гьесул рецц-бакъалъе. Гьебги дие Бакълъухъа ЖабрагIилил шапакъатлъун букIана…
Телефонал раккаралдаса гьенисанги цIалулаан нижеца цоцазе кучIдул. Цо-цо Бакълъухъеги щолаан гьесухъе гьоболлъухъ. Гьединаб букIана, гIумруялъул киналгIаги законалги нижерго жинсиял гIаламаталги цIехолареб, ЖабрагIилица кьучI лъураб, гьесул гьудулзабазулги дирги, шагIирзабазул ракIазул законазе гурони мукIурлъулареб, бацIцIадабги борхатабги гьудуллъи.
ВихьичIого гIезегIан сонал индал, МахIачхъалаялъул госпиталалда вегарав гьесде яккизеги щун, тIадюссун унаго, пашманаб рекIелъе рачIарал пикраби рикьараб кечIги гьаниб лъун, лъугIизе тани гурони, лъугIелго батизехъин гьечIин мунагьал чураяв, сахлъи гьечIолъиялъ, кIудияв шагIирасул къисмат къокълъарав, амма жиндир къалмил тIогьиб ТIадегIанав Аллагьас ВатIан бокьиялъул баракат лъурав, цIаралгун шапакъатал щвечIониги, халкъалъул беразда вихьичIониги, гьелъ цIалулев, цIехолев Гъоркьа Бакълъухъа ЖабрагIил ХIасановасул хIакъалъулъ ракIалдещвеязул цо-цоялги гьесул шигIруялъе дида кьун бажарулареб къиматги…
«ЧIаго хутIарав шагьид»
ЖабрагIил вачIун вуго
МагIарухъа эхеве.
Анивго чIолевани,
Дунялалъул ракIгъезе…
ЖабрагIил вачIун вуго
Аб МахIачхъалаялде.
Бакълъухъа бакъалъ ахIун,
Инаха ав эхеде…
Жавгьар гIадаб рекIелъа,
ЛъикIлъи гуреб, бикьичIев,
Дуниялалъул рокъоб,
Рохел гуреб, бекьичIев,
БачIараб къоялъегун
Къанщараб сордоялъе
Даимав нугI гIадинан,
ГIодов чIарав ЖабрагIил.
БачIунебгун унелъе
Сапар-сагIат битIизе
БетIергьанас вищарав
Заманалъул хъаравул,
Аварагасде витIун,
Уммат кантIизабурав
Малаикасул цIаруй
МустахIикъав ЖабрагIил.
Сардалги рорчIун дуца
Аб дуниял кIикIула,
Басрияб тIимугъ гIадин,
Хадубго кIобокIула.
КIудиясул рагьдухъе
Рилълъин гIагарлъарабго,
ГIансилгIан пайда гьечIеб
Гьеб тIубан учузлъула.
АхIулгохIалъул тарих
Байрахълъун ккурав шагIир,
Дуцаго абухъего,
ЧIаго хутIарав шагьид,
Шагьиялде сверулеб
Буго панадуниял
Дур пикрабазухъ гIинбан
ГIенеккарай диеги.
Аллагьас нижей кьурав
РагIабазул малаик,
Мун гIун вуго гIумрудул
МагIна лъазе, ЖабрагIил.
Гордухъ маркIачIумехги,
Рагьдухъ ахирзаманги…
Дур палата, Парида…
Пардав къаге, ЖабрагIил!
…Къана ЖабрагIилицаги пардав… ЛъугIана дунялалъул театралда «хIараб» шагIирасул, ахIи-хIур гьечIого араб, амма жиндирго халкъалъе, гьелъул наслабазе рагIудалъун тарбия кьураб, къокъаб, баракатаб гIумру. ЧIикIаса КIудиясухъе зияраталъ хIалица галаби росулев ЖабрагIил вачIараб мехалъ устарас абун буго: «Гьедин, захIматго вилълъун вачIинчIониги гIелаан, дир вас, мун», — илан. «Гьаб дунялалъе гьаб рилълъинги гIун буго, дур баракат щваяв дир устар», — ин ЖабрагIилица кьураб жаваб цIакъ рекIее гIун буго СагIид-афандиясе…
Дунялалъул рокъоб баракат гIадин, Ахираталъул рокъоб дурго устарасул шапагIат камунги хутIугеги, ЖабрагIил!
ЧIаго вукIаго, рухIгIан хириял АхIулгохIалъул шагьидзабазда гъорлъ хъванги ватаги, ЖабрагIил!
ТубхIат ЗУРГЬАЛОВА
