Гьал къоязда «ХIакъикъаталъухъ» гьоболлъухъ щварав Гумбет районалъул бетIер Гъалип Гъалиповас бицана исана район цебетIеялъе гьабураб хIалтIул ва рехсана тIасияб соналда тIуразе церелъурал масъалабазул хIакъалъулъ.
Сахлъи цIуни
Исана Гумбет районалъул МелъелтIа, Игьали ва ЧIиркъатIа росабазул больницаби къачIан лъугIулел руго. Гьелъ рес кьола районалъул гIадамазе лъикIаб даражаялъул медицинаялъул кумек щвезе. Гумбет районалъул централияб больница къачIазе биччан букIана 28 миллион гъурущгIанасеб гIарац. КъачIана Игьали росдал участкаялъулаб больницаги. Гьелъие 19 миллион гъурщиде капиталияб ремонт гьабуна. Лъанлъари росулъ фельдшеразулгун акушеразул пункт (ФАП) къачIан рагIалде бахъана. Гьелда тIад хвезабуна 1,3 млн гъурущ.
2024 соналдаго хIисабалде босун букIана районалда гьанжесеб къагIидаялъул медицинаялъул идара базе. 20 чиясе вегизе бакI бугеб медицинаялъул идара ва 55 чи къабул гьавизе рес бугеб поликлиника базе хIисабалде босун буго Гъоркьа Инхо росулъ. Гьелъие хIажалъула 462 миллион гъурущ. Проект къабул гьабуна пачалихъияб экспертизаялъ. Больницаялда кумек гьабизе буго аскIор ругел росабалъа унтаразеги. Дагъистаналъул сахлъи цIуни цебетIезабиялъул пачалихъияб программаялда рекъон, Гъоркьа Инхо росулъ медицинаялъул идараби раялъул хIалтIи рагIалде бахъинабизе ракIалда буго 2026 соналъул ахиралде щвезегIан.
Районалъул цогидал росабаздаги 2030 соналде щвезегIан медицинаялъул идарабазул рахъ лъикIлъизабизе буго. ЦIаналъ ва Аргъвани росабалъ цIиял ФАПал разе ва ЧIикь росулъ бугеб ФАП къачIазе хIисабалде босун буго.
Нухал
Гъалип Гъалиповас бицана Гумбет районалда шагьранухал къачIаялъул хIакъалъулъги. Гьеб лъабабго шагьранух ккола республикаялъул кIваралъул нух.
— «МелъелтIа — Гъагъалъ», «Гъоркьа Инхо – Килалъ» ва «Хасавюрт — Кьохъ» шагьранухал къачIалел руго. Проект гIумруялде бахъинабизе биччан буго 715 млн гъурущ. «Хасавюрт — Кьохъ» 3,3 км манзилалъул нух къачIазе биччан буго 226 миллион гъурущ. Гьеб букIана цIакъ санагIат гьечIеб нух, ХIариб габурлъухъан Хасавюрталде ва Кьохъе автомашинаби хьвадулеб. Гьединго къачIазе буго ганчIил кьоги.
«Инхо-Килалъ» ункъо километралдаса цIикIкIараб манзилалъул шагьранух къачIазе хIажалъула 236 миллионгIанасеб гъурущ. Гьениса лъим хьвадизе лъезе буго маххулгун бетоналъул 11 рогIоро. Жакъа къоялде бащдаб хIалтIи рагIалде бахъунеб бугин абизе бегьула.
«МелъелтIа — Гъагъалъ» шагьранух къачIазе биччан буго 254 миллион гъурущ. Гьеб буго Болъихъ районалде унеб нух.
Ахал
2030 соналде щвезегIан Гумбет районалда, ДРялъул ХIукуматалъ цебелъураб, мугIрулгун авлахъазда ахихъанлъи цIигьабиялъул программаялда рекъон, 120 гектаралда ахал гIезаризе руго.
Жакъа къоялда Гумбет районалда ругел ахазул гIатIилъи ккола 737 гектар, гьезда гьоркьоса 6 гектаралда гIезабулеб буго цIибил, пихъил ахал руго – 516 гаялда. Районалда аслияб къагIидаялъ гIезабула курак (460 гектаралда).
Ахал гIезариялъул программаялда рекъон, гъоркьиса Гъадари росулъ лъабго гектаралда чIана гIечул гъутIби. 2030 соналде гьениб гIезабизе буго гIаммаб къагIидаялъ 25 гектар ахил. Гъоркьа Инхо росулъ 25 гектаралда чIезе буго цIолбол ах.
Гумбет районалда цIигьабизе буго «Хьоп-халат» абураб цIолбол тайпа. Гьеб чIезе бакIги тIаса бищун буго. Гьеб лъалъазе лъим бачиналъул суал тIубазе хутIун буго. Гьеб рахъалъ районалъе квербакъулеб буго «Дагъмелиоводхозалъ». Ахирал соназда Игьали, Инхо, ЧIиркъатIа росабалъ лъел мухъал ва лъим кьабулел станциял къачIазе биччан буго анлъго миллионалдаса цIикIкIун гъурущ.
Исана «Игьали — Ингиши» лъел мухъ къачIазе кIиго миллион гъурущ биччан букIана. ГьедигIанго къадаралда гIарац биччана Инхо росулъе лъим бачинеги. ЧIиркъатIа росулъ лъел мухъ къачIазеги кIиго миллион гъурущ ана.
СВОялъе кумек
Хасаб рагъулаб операция байбихьаралдаса нахъе Гумбет районалъ нилъер рагъухъабазе ва къварилъи ккарал регионазе гьоркьоса къотIичIого гуманитарияб кумек гьабулеб буго. Гумбеталъулаз СВО тIобитIулеб бакIалде битIана 200 тонна гуманитарияб кумек. ХIажатазе кумекгун хасаб рагъулаб операция тIобитIулел ракьазде щвана районалъул идарабазул нухмалъулел. СВОялъул рагъухъабазе ва гьезул гIагарлъиялъе квербакъи гьабула лъай кьеялъул, культураялъул ва цогидал гIуцIабаз, Гумбет районалъул руччабазул советалъ, сахаватал районцояз.
Дагьаб цебегIан Дагъистаналъул ЦУРалда Гумбет район цебетIеялъе исана гьабураб хIалтIул хIасилазул бицине тIобитIараб чIагояб эфиралда Гъалип Гъалиповас Запорожье областалъул лъимал районалде хIухьбахъиялъе гьоболлъухъ ахIана.
«Бокьун буго риидал Запорожье областалъул лъимал Гумбет районалде ахIизе. 100 лъимер къабул гьабизе буго нижеца. Нижер район буго цIакъ лъикIаб бакIалда ва ракIалде ккола лъималазе гьениб цIакъ лъикI букIинин. Гьел рохизаризе ва разиго тIадруссинаризе хIаракат бахъила. Гьеб буго гумбеталъулаз жидерго рахъалъ гьабизесеб кумек. Риидал Гумбет районалъул бищунго лъикIал цIалдохъабигун медалал щварал кIодо гьарулеб тадбиралде ячIун йикIана Мелитополь шагьаралъул №5 школалъул директор Нина Воронина. Гьейгун цадахъ рачIун рукIана дора хIалтIулел ругел нилъер ракьцоял. Гьелги ахIулел руго цIидаса нижеца гьоболлъухъ», — ан абуна Гъалип Гъалиповас.
ПатIимат СУЛТIАНОВА
