Новость на родном

«Нижеца ГIадилгерей тIасавищана»

Машгьурав министр телеэкраназде тIадвуссине вуго   2009 соналъул июналда, террористазул квердаса гIумруялдаса ватIалъарав, Республикаялъул Жанисел ишазул министрлъун вукIарав ГIадилгерей МухIамадтIагьировасул хIакъалъулъ кино бахъизе буго кватIичIого. Гьелъул хIакъалъулъ бицунеб букIана гьал къоязда «Дагъ­истан» РИАялъул редакциялда тIобитIараб пресс—конференциялда. Мо­скваялъул Горькиясул цIаралда бугеб киностудиялъги, «Дагъистан» кинокомпаниялъги цоцалъ рекъон гьабулеб буго кинабго хIалтIи.     Фильмалъе сценарий хъвазе буго...

Новость на родном

Маскагун квердаххелал хIажалъила

ДРялъул премьер—министр Артем Здуновас тIобитIана видеоконферен­циялда бицана 2020—2021 цIалул соналде хIадурлъиялъул хIакъалъулъ.     Аслияб кIалъай гьабуна ДРялъ­ул лъай кьеялъул министр Уммупа­зил ГIумаровалъ. «Дагъистаналда цIалул соналде хIадурлъулеб буго лъай кьеялъул 2440 идара. Щибалъ хIадурулеб буго цIалул соналде хIадурлъиялъул хIакъалъулъ акт. Гьелда бан федералияб базаялда хъвалел руго киналго баянал. 17 августалде киналго школазул хал­гьабун бахъинабизе буго....

Новость на родном

ТалихIалъул кIул

ЦIалуда, хIалтIуда, рокъоб, къватIиб ва цогидалги бакIазда бокьарав чияс, гIилла букIа—букIунге, рекIелъ рекъолареб рагIиги абун, къварид гьавула инсан. «Пашманлъуге» абураб тIехьалъул автор ал—Къараница хъвалеб буго гьединаб мехалда ракI бекизе биччагейила ва дуда лъайи­ла гьес абураб рагIиялъ дуе гуреб, жиндиего зарал гьабураблъи.   Щиб жоха кколеб талихI? Гьеб суалалъе щивав чияс кьела жин­дирго гIакълу—лъаялда борцун, пикруялда...

Новость на родном

ВДВялъул 90-сонилаб байрам

Десантниказул аскар бижараб къолъун рикIкIуна 1930 соналъул кIиабилеб август. Гьеб къоялда Москваялъул рагъулаб округалъул Гьаваялдаса роржунел къуватазул букIана парашютгун самолеталдаса кIанцIулев 12 чи. Гьезул хIалбихьи пайдаяблъунги рикIкIун, пикру кка­на ВДВ гIуцIизе. Гьезда абулаан «Вася—дацил аскариланги» —гIемерал соназ ВДВялъул нухмалъулевлъун вукIана Василий Маргелов.     Гъизилюрталда кIодо гьабуна ВДВялъул 90-сонилаб байрам. Гьел­да гIахьаллъана Афгъанистаналда рагъулаб борч...

Новость на родном

Классалищ дагьлъизарилел?

2019 соналъул хасалихъе хIукму гьабуна лъай кьеялъул идарабазул хал гьабиялъулъ хиса—басиял гьаризе. Гьелда бан хIадурун буго цо чанго нормативияб документ. Гьезул цоялъул проект лъун буго нор­мативияб правоялъул актазул порталалда. Кинал хиса—басиялха гьа­ризехъин ругел гьеб документалда рекъон?     Бицен гьабулеб документ кко­ла «Байбихьул гIаммабги, аслияб гIаммабги ва гьоркьохъеб гIаммабги лъай кьеялъул аслиял програм­мабазда рекъон лъай...

Новость на родном

«Киназдаго рекIеда кIутIун буго МухIамадил хвел»

4 августалда лъабго моцI тIубана БежтIаса МухIамад ГIабдулхIамидов гIумруялдаса ватIалъаралдаса. «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» ма­шинаялъул шоферлъун 20 соналъ хIалтIарав гьесул 62 сон букIана.     «ГIиси—бикъинаб жойилан тун батила инсуцаги гьеб унти» МухIамадил яс Эмилияца гьа­дин ракIалде щвезабулеб буго эмен ками:   — Эмен БежтIаса эхеве МахIачхъалаялде вачIана унтаравги вачун. Амма живгоги цIа-кан бахун вукIана гьев....

Новость на родном

Хьинуб росдал байрам

1 августалда ЧIарада районалъул Хьинуб росулъ тIобитIана КIудияб ВатIанияб рагъда советияб халкъалъ бергьенлъи босаралдаса 75 сон тIубаялда хурхараб тадбир.     Гьеб росулъ рагьана КIудияб ВатIанияб рагъде арал росуцоязул хIурматалда обелиск.   Кутакалда берцинго, киналго разияб хIалалда, ана гьеб тадбир.     Гьелъие квербакъана мажлис тIадегIанаб даражаялда бачарав, гIемерал соназ нилъер районалъул жавабиял хъулухъазда хIалтIарав,...

Новость на родном

Репрессиязул къурбанал ракIалде щвезаруна

Багьа къиматаб хазина ккола инсанасул гIумру. ГIадада абун гьечIо хирияб хIадисалда цо чи чIвай инсаният чIваялда бащалъулин абун. Чи чIвай тIаса лъугьун тезе бегьулеб такъсир кколаро, хасго гIайиб гьечIев. Амма зулму—хIалалъул къурбаназул (репрессированные), ай, гIайибго гьечIел гIадамал чIваялъул такъсириял хIужаби, кигIанго бокьичIониги, нилъер тарихалда гIемер ккана. Гьел рикIкIуна инкъи­лаб бергьун хадусел соназ, аслияб куцалда, РСФСРалъул...

Новость на родном

Бейруталъул кьвагьиялъ дунялго гьаргьазабуна

Ливаналде рещтIараб балагьалъ гIаламалъего асар гьабуна     4 августалъул къаси Ливаналъул тахшагьар Бейруталъул пор­талда ккараб кьвагьиялъ щущазабуна бащдаб шагьар. 135-ялдасаги цIикIкIун чи хвана. Лъукъана 5000-ялдасаги цIикIкIарав чи. Хва­разул сияхI жеги цIилъизе бегьулин хъвалеб буго информалатаз. АнцI-анцI чи жеги минатахъ щущарал къадазда гъоркь ккун вуго.   Ливаналъул нухмалъиялъ кьураб баяналда рекъон, Бейруталъул порталда кьвагьана аммиачный...

Новость на родном

Салиги, гамачIги, гьезул нахърателги

ТIабигIиял бечелъабазда сверухъ гара-чIвари 4 августалда «Дагестанская правда» газеталъул редакциялда тIобитIана пайда бугел тIабигIиял магIданазул, гьел рахъулел ракьазда хурхун загьирлъулел гIунгутIабазул бицараб пресс—конференция. Гьелда гIахьаллъана ракьулгун мал—мулкалъул министр АгъарахIим КъагьирхIажиев, росдал магIишаталъул министр Абзагьир ХIусенов, тIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министрасул заместитель Заур Римиханов, гьединго архитектураялъулгун ралел бакIазул комитеталъул нухмалъулев Незир ХIусенов.     А. КъагьирхIажиевасул рагIабазда...