«Хунзахъе щведал, ракIгицин батIайисан кьабула дир»

Гьаб буго МухIамад ГIисаевасулгун дир кIиабилеб интервью. ТIоцебесеб босун букIана 2001 соналда, гьес Хунзахъ районалъул нухмалъиялде кандидатура лъедал. Доб мехалда гьев политикаялда гъорлъ вукIинчIо. Лъалаан МахIачхъалаялъул мэриялда хIалтIулев чи хIисабалда. Гьединлъидал Хунзахъ районалда тIоритIизесел рищиязда гьев бергьинин абураб ракIчIейги къанагIатав чиясулги букIун батиларо. Щайин абуни гьенир гIахьаллъулел рукIана гIезегIан гIадамал. Амма МухIамад бергьана рищиязда. Хунзахъ районалъул нухмалъиялда гьев вукIана кIиго болжалалъ. Хадур гьесда тIад къана республикаялъулги СКФО- ялъулги даражаялъул хъулухъал. Масала, хIалтIана «Курорты Северного Кавказа» гIуцIиялда, вукIана туризмалъул рахъалъ ДРялъул хIукуматалда цебе гIуцIараб комитеталъул нух- малъиялда, хадув – туризмалъулгун халкъияб махщалил министрлъун, хIукуматалъул премьер-министрасул заместительлъун. ГьабсагIаталда МухIамад ГIисаевас нухмалъи гьабулеб буго РФялъул Пенсиялъул фондалъул ДРялда бугеб управлениялъе. Гьев ккола Хунзахъ районалъул ТIагьадаса.

 

 

Дица диего политикаялде нух къан букIана

 

— МухIамад, гIезегIан бечедаб биография буго дур. Гьел хъу­лухъазда гьоркьоб бищунго ки­наб дуе бокьулеб?

— (велъулаго) Хунзахъ районалъул бетIерлъун вукIараб мех…

Амма дица гьеб хъулухъ тIаде босарал 2001-2009 соназдаги гьабсагIаталдаги районалъе нух­малъи гьаби тIубан батIи-батIияб жо буго. Доб мехалда дун кколаан хал­къалъ цIарги чIван вищарав админи­страциялъул бетIер. Щивниги лъу­гьунароан дица гьабураб хIукмуялда дагIба базе, гьеб хисизабизе. Амма гьелги рукIунароанха закон хвезабу­рал, пачалихъалъул буголъи хъамал гьабурал, яги чи ахIи-хIуралде гъор­лъе цIалел гIадал хIукмаби.

КIудияб кумек щолаан депутатаз­дасанги, кидаго аскIор рукIунаан дирго заместителалги.

 

Радал сагIат ичIгоялда хIалтIуде щвелалде, рас хутIичIого райо­налда лъугьа-бахъунеб жо лъан букIунаан дида. Рогьалилъ вахъун унаан дун ралел объектазухъ бала­гьизе яги дагьабниги ахIвал-хIал хIалуцарал бакIал ругищали вак­кизе, кIалъалаан росабалъе. Цинги хIалтIуде щведал, заместителазда цере лъолаан нижеца тIуразе кколел суалал.

Дица гьабураб хIалтIул 99 процен­талдаса гIадамал рази рукIанилан абизе кIола дида. Гьелдаса кIудияб талихI щибха букIинеб?

 

Районалъул бетIерлъиялде лъаб- абилеб нухалда кандидатура лъо­лелъул, гьениб гIемер хIалтIи букIана рагIалде бахъун – цIиял нухалги, цо-цо росабалъе газ ба­чине хIадурарал рогIралги, канализацияги, лъурал лъел рогIралги, къанагIаталги росаби хутIун рукIун ратила школал яги спортивиял объ­ектал къваригIаралги. Доб мехалда байбихьана ГьоцIалъ ГЭС базеги. Гьелда сверухъги гIезегIан дагIбаги суалалги рукIана. Амма районалъ­ул бетIер хIисабалда дидаги бо­жун гIодоре риччана гьел. Дица бичIчIизабуна гьезда унголъунги ул­каялъе хIажатаб объект гьеб букIин.

Макьасда курорт базеги байби­хьана дол соназда. Гьелда хурхун­ги букIана цо-цо рагIи-мех. Дини­ял чагIиги бакIалъул гIадамалги чIун рукIана курорт банани, гьеб мухъалда саяхълъи, квешаб хьвада- чIвади байбихьулилан. Гьенибги чIванкъотIун бичIчIизабуна дица Макьасда квараздасан хьвадулел нухалги гьарунани, хъещтIолел ва хIухьбахъиялъе цогидал бакIалги ра­нани, эркенаб заман тIамизе гIадамал жидерго хъизаналгун цадахъгицин рачIине бегьулилан. ЛъикIаб къас­далде ният букIин бихьизабизе, дица доба тIоцебе мажгитги бана.

 

ПалхIасил, районалъул бетIерлъиялда вукIиналъ дие бер­гьун кIудияб хIалбихьи щвана – гIадамалгун кIалъазеги хIалтIи гIуцIизеги. Амма нилъеда ракIалда букIанщинаб жоги лъугьунеб гьечIо – цо-цо ишал тIурачIогоги хутIана.

Гьединаб бакIалда кигIан лъикI хIалтIизеян къеркьаниги, лъабго- ункъо соналдасан дагьа-макъабго оппозицияги баккула. ХIур тамахаб бакIиланищ гьеб кколебали, адми­нистрациялъул бетIерлъиялде ишан босулел чагIи загьирлъула. Амма би­гьаго гьабулеб хIалтIи гуро гьеб.

 

 

— Хадурккун республикая- лъул даражаялъул хъулухъалде, МахIачхъалаялде, рачIинелъунги къваригIунеб батила районалъул бетIерасул хъулухъ. Трамплин хIисабалда.

— Валлагь, доб мехалда дица дие­го политикаялде нух къан букIана. БитIараб бицани, дагьаб мехалъ кивниги хIалтIичIого, дунго ди­даго чIезе бокьун букIана. Щайин абуни цевехун дун анцIго со­налъ МахIачхъалаялъул мэриялда Управлениялъул начальниклъун, микьго соналъ Хунзахъ районалъул бетIерлъун хIалтIидал.

Амма дида тIад къана «Курорты Се­верного Кавказа» абураб гIуцIиялъул Дагъистаналда тарав вакиласул хъу­лухъ. Кутакалда лъикIаб окладги кьо­лаан. Цадахъго бачунаан «Южно-Га­зовая компаниялъул» нухмалъулесул ишги. Гьеб мехалда дун хIалтIулев вукIана «Юг» абулеб бакIал ра­леб компаниялда. Гьединлъидал Олимпиялъул объектал раялъулъги гIахьаллъанин абизе бегьула.

 

КъватIисеб ракьалда туризм цебетIезабураб гIеларин, гьанже нилъерго гьанибги цебетIезабизе къваригIун бугин гьебилан, Рама­зан ГIабдулатIипов нухмалъиял­да вугеб заманалда вачун цIияб хIалтIуде тIамуна дун. Туризмалъул рахъалъ ДРялъул хIукуматалда цебе гIуцIараб комитет кколаан гьеб.

ЛъагIел данде сверилалде ГIабдулатIиповас хIукуматалъул председателасул вице-премьерлъун тIамуна дун. Валлагь, гьеб ва гьел­да цебехун букIараб (комитеталъул нухмалъулесул) хъулухъ къваригIун бугилан лъиданиги аскIове ун, цIарги бахъун букIинчIо дица. ТIадежоялъе, вице-премьерасул хъу­лухъалъул буго гьадинаб хаслъи – хIукуматалда гьабулеб цониги иш битIа-бишун ккани, цIар премьера­се яги гьеб сфераялъул министрасе букIуна, амма гьеб хIалтIи кIала- гъоркье чIвани, бугеб-гьечIеб гIайиб вице-премьерасде гьабула.

 

Гьединго гьеб хъулухъалда све­рухъ доба (республикаялъул нух­малъиялда – ред.) цо бичIчIулареб багъа-бачариги загьирлъулеб букIана дие. Дагьалищха рукIинел гьелде ишан босаралги жахIда- хIусуд бугелги гIадамал.

Дунин абуни гьеб заманалда хал­къияб магIишаталде хIалтIизе ине анищазда вукIана.

 

 

Китаялде сапар нахъбахъи

Гьедин дидаго лъачIого Пенсия­зул фондалъул председателасул хъу­лухъалде дир кандидатураялъулги хал гьабулеб букIун буго.

Дида гьеб лъана Китаялде ине аэропорталда чIун вукIаго. Жидеца дургун собеседование гьабизе ме­тер Москваялде вачIине кколин му­нилан кIалъан вачIана цойидасанго РФялъул Пенсиязул фондалъул нух­малъулесул заместитель Анатолий Анохин. Дица гьесие махсарацин гьабуна жакъа 1 апрельги (гIадамал махсараде кколеб къо) гуреблъида­лилан.

Гьедин Китаялде сапар нахъба- хъизе ккана.

 

Микьго къоялдасан цIияб хъу­лухъалде вахъине кколилан лъаза­бун букIана дида Москваялдасан.

Амма лъикIищ-квешищали лъа­ларо, гьелдаса хадуб жеги лъагIелги ункъо моцIалъги тIубалеб букIинчIо гьеб суал. Хадуб лъана дирго гIадин, жеги ичIго-анцIгониги чиясул кан­дидатураялъулги хал гьабулеб букIараблъи.

Ккараб ккун букIагиян, гьеб за­маналда хIукуматалъул вице-пре­мьер хIисабалда туризмалъул суалал тIуразарулев дунги вукIана.

 

 

— Масала?

— Масала, дица Рамазан ГIаб- дулатIиповасда абулеб букIана нилъ гIицIго туризмалъул бицун тIураларин, гьелда гъорлъе да­ран-базарги жубазабизе кколи­лан. Гьанже гьеб цебетIезабизеги гIураб гIарац гьечIилан жаваб кьуна ГIабдулатIиповас. БатIаго гIемераб гIарац къваригIунарин гьелъие, гIиси-бикъинал даранчагIазе, цIулал, гIарац-меседалъул устарзабазе эр­кенлъи кьуни, гьезие бигьалъаби чIезаруни, гьез жидецаго чIаголъи гьабулин бичIчIизабуна дица. Гье­дин нилъехъе рачIарал туристазе бо­сизе къайи-цIаги букIинилан.

МоцIида жаниб дица гьесда би­хьизабуна кин щиб гьабизе кколеба­ли. Рахъана маршруталги цогидабги. МоцIидасан, 28 декабралда, цIияб министерствоги гIуцIун, Рамазан ГIабдулатIиповас дун туризмалъул­гун халкъияб махщалил министр­лъун тIамуна.

 

Гьединго дир кутакалда лъикIаб гьоркьоблъи ккана туризмалъул рахъалъ РФялъул Федералияб агент­ствоялъул нухмалъиялда вукIарав Олег Сафоновасулгунги.

Гьеб мехалда дида кIвана Дагъи­станалда хурхараб щуго проект фе­дералияб программаялда гъорлъе ккезабизе. РФялъул чамалиго идара­ялдаса вакилзабиги гъорлъ ругеб со­веталда цебе лъун букIана гьеб суал.

 

Гьел проектазул цояб ккола Ал­махъалда бугеб туризмалъулгун сах гьариялъул комплекс (гьанжегIагар ДРялъул бетIер Сергей Меликовги щвана гьениве).

Гьединго Гъизляр ва Дербент рай­оназда ругел гьединалго комплекса­зулги букIана гьел проектазда би­цунеб – «Золотые дюны», «Золотые пески», «Ачиколь».

 

Гьезда цадахъго букIана ЛъаратIа районалда бугеб «ЦIамугIуриги». Хадуб гьеб нахъе босана проектазда гьоркьоса.

Гьедин туризмалъе къваригIунеб инфраструктураялда тIад харж гьа­бизе доб мехалда Дагъистаналъе тIоцебе биччан букIана 252 млн гъу­рущ.

 

Туризмалъе цIи-цIиял планал рахъулев дун вукIаго, цIидасан кIалъана РФялъул Пенсиязул фон­далдаса Анатолий Анохин мун Мо­скваялде вачIине кколилан.

Гьедин ана Москваялдеги, цинги чвантиниб лъун удостоверениегун, тIад вуссана МахIачхъалаялде.

 

Республикаялда лъиданиги лъа­лароан Пенсиязул фондалъул пред­седательлъи дида тIадкъараблъи. Байбихьуда дие рекомендация жин­цаго кьун букIаниги, хIасил кинаб ккарабали Р. ГIабдулатIиповасдаги лъалароан. Гьединлъидал вице-пре­мьерлъиялдаса нахъе ине гIарза хъвазехъин бугин абидал, гьев гIажаиблъун хутIун вукIана.

ПалхIасил, гьедин вачIана дун гьаб хъулухъалде.

 

 

— Амма цебехун дуца гьабичIеб, тIубан батIияб хIалтIиги бугоха гьаб?

— Гьеб рахъалъ дие битI ккана. Гьаб системаялда хIалтIулев 1800- гIан чиясул щивасда хадуб хал ккве­зе бажарулеб гьечIониги, цере гьа­нир рукIарал аслиял гIунгутIабазул гIемерисел лъугIизаризениги кIвана.

 

 

— Бокьарал бакIазда рихьулаан­ха «Эбелалъул капитал» бахъизе кумек гьабилин къватIахъ до­ра-гьанир седарал кагъталги, рагIулаан Пенсиязул фондалдасан киналалиго гIарцал рахъизе ку­мек гьабилин рицунел харбалги…

— У, гьебги букIана. ГIемер ра­тана гьереси-пенсиял рахъарал хIужабиги. Квеш ккараб жо буго гьединаб гIайибалъе гIоло хъулухъаздаса рахъарал чагIазе хIалтIуде тIад руссине кумек судаз гьабулеб букIин. Амма дун вачIун хадув гьаниса нахъе вахъарав лъабгоя­сул цонигияв судалда бергьинчIо. Щайгурелъул хIилла гьабулел чагIи нижер гьанир хIажат гьечIолъи бичIчIизабуна дица судалда.

 

 

Пенсиязул фонд гIагарлъиялъе хъулухъал ралагьулеб бакI гуро

 

— Дур гIадаб хъулухъалде ккарал чагIаз гьенибе жидерго хъизан- кулпат бехъерхъулеб гIадатги бу­гоха нилъер гьаниб.

— Дирин абурал чагIазул цони­гияв гьанив хъулухъалда лъола­рин рагIи кьун букIана дица. Дурц вуго хIалтIиги гьечIого, ясалъулги батIаго бегьунгутIи букIинароан гьаниб. Васасеги бокьун букIун ба­тила гьаниб жаниб лъикIаб хъулухъ. Амма дица абуна воре, воре, Пенсия­зул фонд бугин пенсиячагIазул бакI, гIагарлъиялъе хъулухъал ралагьулеб бакI кколарин гьебилан.

Гьединлъидал аслияб куцалда гьанибго батараб коллектив цIунизе хIаракат бахъулеб буго дица. ГIиси- бикъинал гIунгутIабиги камилищха.

 

Диде щвезегIан батараб ахIвал- хIалалъухъ балагьун, букIине кко­ледухъ хIалтIичIолъиялъ (прогул) лъагIалида жаниб 40 миллионалдаса цIикIкIараб сагIат гьоркьоб бичча­леб букIун буго тIолабго республи­каялда ругел нижер хIалтIухъабаз. Гьанже абуни гьеб заман 20 азарго сагIтиде бачIана.

ЛъикIги гIемерги хIалтIарал чагIазе премиял кьеялъ бажарана иш рукIалиде ккезабизе. Гьедин­лъидал гьезда бичIчIана хIалтIул къоял, сагIтал гьоркьор рич­чарал хъулухъчагIи гIарцудаса махIрумлъулел рукIин.

 

ЦIи вачIарас гъоркь букIараб ко­мандаялдаса инкар гьабулеб гIадатги буго. Дица гьеб жо гьабичIо. Масала, киналго заместителал ругелъурго тана.

АхIун кабинеталъурегун, гьез­даги отделазул начальниказда­ги дица лъазабуна дунгун цадахъ ракIбацIцIадго, халкъалъе хъулухъ­алъе хIалтIизе къасд батани, гьа­нир чIайин, гурони ине бегьулилан. Бугин жаваб кьуна гьез. Цо-цо, кIи- кIи чияс рагьун абуна, валлагь, жи­дехъа бажаризехъин гьечIила цIияб къагIидаялда хIалтIизе. Гьеб жо ди­дагоги бихьулеб бугин, ине бегьулин дицаги абуна.

ГьабсагIаталда дун кутакалда рази вуго гьездаса. Пандемиялъул заманалдацин хIалтIана гьел. Маса­ла, лъимал ругел хъизаназе гIарцул кумек гьабизелъун РФялъул прези­дент Владимир Путиница рахъарал указал руго – №№ 317, 249, 412.

 

Нилъер республикаялда гьеб гIарац щвезе кколел лъималазул къа­дарги батIи-батIияб куцалда бихьи­забун батана. Гьелъие гIилла ккола чанго батIияб сияхI букIин.

Москваялдаса (регионазда гьор­кьосеб информациялъул централ­даса) бачIараб сияхIалда букIана 674 азарго лъимер. Юстициялъул министерствоялъ бихьизабун буго­ан 713 азарго лъимер. Гьедин кинаб сияхIалде мугъчIвай гьабилебали лъаларого, захIмат букIана нижее.

ЛъикIги-квешги, карантиналъул заманалда нижеца гьел хъизаназухъе битIана кинабниги 16 млрд 353 млн гъурущ. Онлайналдасан гуребги, нижерго офисаздасанги, клиента­зул хъулухъаздасанги бикьана гьеб гIарац.

 

Унти тIибитIиялда хIинкъи букIиналдаго цадахъ, цогидал гIунгутIабазги букIана рахIат- хвезабулеб. Масала, «Госуслуги» абураб порталалдасан гIарзаги битIун кьолеб къагIидаги буго. Гье­нибе лъималазул эбелалъ гIарза хъваниги, гIарац битIулеб карточка инсул цIаралда бихьизабун батула­ан. Гьеб мехалда гIарац нахъ бус­сун бачIунаан. Цо миллиардасалда цIикIкIун гъурущ бачIана гьедин нахъ буссун. Жакъа къоялде 11 чи­ясул 290 азарго гъурущ хутIизегIан (гьел ралагьизе бажарулеб гьечIо), цогидаб кинабго гIарац гIадамазухъе битIун ана.

Гьедин шамат-гьатIан къоязги­цин хIалтIула нижер хIалтIухъаби. ГIадамал рокъор тараб, гьадаб ка­рантиналъул заманалда нижер Фон­далда киналго хIалтIулел рукIана, 30 процент хутIизегIан (ригьалъ кIудиял, унтарал, яги лъимаде ругел руччаби).

Гьединлъидал дида ракIчIун аби­зе кIола улкаялда жаниб бищун цIикIкIун халкъалъулгун бухьен бу­геб, халкъалда бухьараб идара Пен­сиязул фонд бугилан.

 

 

Миронов мекъи вуго

— Амма «Справедливая Россия» партиялъул цевехъан Сергей Ми­роновас батIайиса рикIкIунеб бугоха. Пенсиязул фондалъул от­чётазда гъалатIал кколел ругин, гьединлъидал гьеб расги хIажат гьечIеб идара хIисабалда Пенсия­зул фондалдаса инкар гьабизе кко­лин, нилъецаго пенсияги бикьуни­лан лъазабуна гьес гьанжегIагар.

— ТIоцебесеб иргаялда, поли­тика буго гьелда гъорлъ. Жалго кIоченчIого рукIине, жидедехунго кIвар буссинабизе депутатазги пар­тиязул церехъабазги зама-заманал­дасан щибниги бицине ккола.

 

Амма жидецаго бицаралъул хIисабниги гьабизе ккеларищ? ГIицIго херал чагIазе пенсия бикьи гуребги, цоги-цоги ишалги ругелъул нижеда тIад.

Гьавураб къоялдаса на­хъе хвезегIан жив-жив чиясул хIакъалъулъ баянал рукIуна гьанир. Рагъул гIахьалчагIазеги, лъимал ру­гел хъизаназеги, сакъатазеги, пула­нав чи хун хадуб хведалги — социа­лиял киналго хIажалъабазе гIарац гьанисанлъидал кьолеб.

Индексациялдаса хадуб пенсиял­да тIаде бачIунеб гIарцул ишги гьа­ниб гьабула. Жакъа Дагъистаналда вуго 680 азарго пенсионер.

 

Гьединго жакъа къоялде щвезегIан Пенсиязул фондалъ «эбелалъул ка­питал» кьун буго 300 азарго дагъ­истаниялъе. Цебе кIиго-лъабго моцIги балаан гьеб кодобе щвезе. Гьанже нижехъе гIарза хъван щуго къоялдасан эбелалъухъе гьеб гIарац щвечIони, дихъе компьютералдасан сигнал бачIуна. Гьеб мехалда, ахIун отделалъул начальникгун, дица гьикъула гьелъие гIилла щибилан.

Гьеб кинабгоги хIисабалде бо­сун, гьикъилинха гьедин абулез­да Пенсиязул фондалъ гьабулеб гьабгунияб хIалтIи лъида тIад къа­лебали? МоцIи-моцIие пенсиязда тIаде бачIунебги сакъатазегун лъи­малазул улбузе, ветераназе ва цо­гидазе щолеб гIарац рикIкIинеги, рукъ-рукъккун гьеб бикьизеги щал нилъеца тIамилел? Финансазул ми­нистерствойищ, казначействойищ? ХерлъизегIан хIалтIун гIадамаз пен­сиялъе гIарац данде гьабулел фон­дазда ругел баяназул тIалаб лъица гьабизе бугеб?

 

ТIадежоялъе хIисаб гьабизе кко­ла улкаялда пенсионеразул къадар 46 млн чи вукIин. Гьел лъида божун тезе кколел? Абизе бегьула ракIалде бачIанщинаб жо – гьел гьоркьохъаби къваригIун гьечIин, яги цоги щиба­лигойилан.

Гьединго техникаялъул рахъалъги кутакалда цIуна-къай гьабизе кколеб бакI буго гьаб. Хакераз рагьун ратун рукIана Фондалъул базаби, архивал.

Гьединлъидал Пенсиялъул фон­далъул хIалтIи жанисанго лъалев чи велъула, Мироновас гIадал лъазаби­ял гьарулел рагIани.

 

 

— Фондалъ гьарурал гъалатIазул букIана гьес бицунеб.

— ГъалатIал гуро гьел. СНИЛСаз­да бараб жо букIана. Цо-цо чагIазе СНИЛС тIагIараб мехалда цогиги кьун батун, гьелъ лъугьинабураб дандеккунгутIи букIана. Паспорт тIагIараб мехалда гIадин, тIубан рагIа-ракьанде лъазабичIого кьезе бегьулароан гьеб СНИЛСги. Гурони, долдаги гьаб цIияб кьуралдаги номе­рал батIи-батIиял лъолел ругелъул. Гьединлъидал, цин гъоркь рукIарал номерал утилалде кьеян тIалаб гьа­бизе кколаан законалъ.

 

 

— МухIамад, мун цояб хъулухъал­даса цогидалде унеб мехалда дуде­хун бербалагьи хисулеб букIанищ лъале-хъвалезул?

— Дун цониги бакIалдаса нахъе инчIо хъулухъалдасаги вахъун. ХIалтIизе байбихьараб 1991 со­налдаса нахъе кинабниги хъулухъ къваригIун бугилан лъиданиги гьар­дезе жеги щивниги витIарав чиги гуро дун.

Университет лъугIараб мех букIана доб. Жиндир вакьадасе мун хIалтIуде восизе бокьун бугилан бицине вачIана дир гьудул рокъове. Гьедин байбихьана «Дагминтор­галъул» РСУялда начальниклъун хIалтIизе.

 

ГIемер заманго иналде, цогидал рачIана мэриялда хIалтIизе вилъ­лъаян.

Хадуб кандидатура лъуна Хунзахъ районалъул нухмалъиялде.

Районалъул бетIерлъиялдаса ха­дув дун ахIана «Курорты Северного Кавказа» гIуцIиялде, цинги ДРялъул хIукуматалде…

ПалхIасил, цояб хъулухъалъ цоги­даб хисулеб букIана.

 

Амма гьеб дур суалалъе гьадинаб жаваб кьела дица.

Хунзахъ районалъул нухмалъиялдаса нахъе индал, ункъо-щу­го чи вукIана зама-заманалда­сан телефоналъ кIалъан, бащдаб лъагIалицаниги диргун гьудуллъи тIезе толарого.

Амма туризмалъул комитеталъул (туризмалъул рахъалъ ДРялъул хIукуматалда цебе гIуцIараб комитет – ред.) нухмалъиялде дун тIамидал, 700 чиясниги ахIун бачIана дихъе.

 

 

ГIурулъе кIицIул лъугьунаро

— Районалъул нухмалъиялда вукIараб заманги бокьулеб буге- лъул, кида букIаниги Хунзахъе тIад вуссине бокьилебищ дуе?

— (велъулаго) Дун гьелдаса ана гьанже. ГIурулъе кIицIул лъугьу­нарин аби буго. Гьединлъидал цо­гидазеги нух кьезе ккола. Хасго гIолохъабазе. Чанги-чанги гьунар бугел, церетIурал гIадамал рахъа­раб бакI буго Хунзахъ район. Рала­гьани, жеги-жеги ратула гьел дора. ГьабсагIаталда Хунзахъ вугев нух­малъулесулъги (НурмухIамад Зади­ев – ред.) гIезегIан лъикIал къасдал рихьулел руго район цебетIезабизе. КъваригIараб бакIалда дицаги гьа­била гьесие кумек.

Хъулухъалъе гIоло Хунзахъе тIад вуссине ракIалда гьечIониги, ани­щалъги пикрабалъги дун кидаго дова вуго. Дир ватIанлъидалха доб. Хун­захъ районалде щведал, ракIгицин батIайисан кьабула дир.