Берцинаб херлъиялъул гъасда

МугIруз тарбия кьурал, кьурабаз лъадарарал

МугIрул хараби-бихьинал. РетIун хъахIал сагула­бигун годекIанир гIодор чIарал гьез берцин гьабун букIунеб куц тIубараб росуго. Гьениб бижулебщинаб гIакъиллъи, гьенисан дунялалъулго гIакълабазул кавабахъе боржанщинаб камилаб калам. Гьанже­ги урхъун йикIуна дун харабаз берцин гьабулеб годекIаналъухъ. Росдадаго нур базабун букIуна гье­динаб гьайбатаб сураталъ: цо заманалдасан векерун вачIуна васасул яги ясалъул вас. Хурхун виччан тола гьев дахIададал горболъ. Цинги дахIададаца сагула­ялъулъе вачуна гьев, цингиги – дахIабабаца рокъ­ове ахIулев вугин мун, къаде кваназейиланги абун, дахIададал кверги ккун, гьункьиялда дахIабабал хинкIал квине унел кIудиги васги…

 

 

Чилайдул гъалалги чахътIинир тIамун, чарамул къолденги ретIараб дуца…

Хъизамалъул гъанситохъ хинлъи цIунарай мугIрул чIужугIадан. Гьеб цIадухъ гIащикълъун йигеб куц! ХIалакълъарал, рукIкI-рукIкIарал квераз бакараб цIадул гваргвария- лъухъ гIащикълъун йиго. Гьеб цIадуде данде паркъолел, кенчIолел куц гIумруялъул савуялъ релъарал дур расалги, даим гьурмадаса инчIеб хIикматаб гьимиги. Бугебдай ра­кьалда херлъарай, амма херлъизе заман гIечIей чIужугIаданалъул бер­цинлъи борцунеб роценго?

Гьелъ жегиги кучIдулги ахIизе ккола жиндирго тIанчIазулги тIанчIазул кинидахъ, лъимал хIалтIудаса рачIиналде, панкъал­ги режизе ккола гьез, цIурачадалги рукIунел тIагIамал гьезул. Гьез гIадин тIидукарщги лъица гьабу­леб. Эбелалъул карщил махIгицин чIвазе лъугьана дида гьабсагIаталда. Гьанибго рехсечIого гIоларо цере­сел бертабазул нигIматалги. Нужеца гурищ гьенир цIурачадал гьарулел рукIарал, чIван гIодор накабигун, картошкаялдаса хъалги нужеца бахъулаан. Томатги тIаде гьабичIеб гьанал чурпаги гьабсагIаталдаги нужералдаса тIагIамаб лъилниги букIунаро, кIочон тезе бахъана – гIатIалъ пурщабаздеги хьул лъуна…

 

Гьанирго ракIалде щвана ХIамзатил Расулил рагIабиги:

— Херал магIарулал,

нужер цо рагIи,

Цо гIалимчиясул тIехь буго дие…

 

Унго-унголъунги, нужер берцин­лъи, нижер хириял хараби, бихьинал ва руччаби! Нижер гIумруялда гьай­батал накъищал угьарал устарзаби. Нижер гIумруялда тIагIам бекьарал наял. Нижер, нужерго лъималазул, къисматалъул цIам. Нижер сана­зул гвангъарал маржанал. Гьелъул щибаб чIум – нужеца нижее кьурал гIумруялъул дарсал.

Нижер хириял умумул ва улбул!

Рорхатал мугIрузда тIавап гьабулел пахруял ва чIухIарал тIадегIанлъиялда ругел нужер хIакъалъулъ гурищ кIудияв шагIирас хъвараб:

— Институтал

цIалун рахъинчIониги,

ЦIвабзазул мацI лъала

гьезул щивасда…

 

Кьурабалъ бижараб нужер согIаб тарбиялъул кьалбазул щулалъиялъ гурищ жакъаги Дагъистан чIаго бугеб. Нужер лебаллъиялъ гурищ Дагъистаналъул каранда хъвараб бахIарчияб тарих. Нуж. Нуж. Нуж. Киса-кирего – нуж. Гьеб тарбиялъул кьалбазда киданиги рекIине гьечIо кьаву.

ЦIидасанги пикрабазул гъаму­такье кколей йиго. Рарал саназ гуро гIумру борцунеб. Нахъа та­рал гIумруялъул лъалкIазин. Гье­лин абуни, нужер щивасул руго. Гьенисан жакъа беролел руго бахIарчилъи-багьадурлъиялъулги, яхI-намусалъулги иццал. Гьел иц­цазул гьуинлъиги цIулаго, нужер гIумруялъул дарсалги кьолон, ну­жеца гIаданлъиялъул сивуниб гIадатлъиялъул гъасда бакараб цIаги дагьабги гьелегьинабулаго, гIумру гьабулеб буго нужер ирсилаз.

 

Саназ ханлъи гьабизе лъугьиндал­гицин, цо нужер гьуинлъи, нижер хIурматиял.

Нижецаги хIаракат бахъила ну­жер къисматаздаги расенал угьи­зе, нужеца нижее гьабуралъул гьитIиналгIаги кескал тIад рус­синаризе. Нижги – нужер сахава­таб бакъул чIорал, нужер цIадул хIенхIал, нужер пикрабазул тахида­ги ниж, нижер талихIалъул гъанси­тохъги нуж. Нилъ цоцазда рухьунеб рухьен цохIо буго, гьелъул лъугьа­раб квацIиялда цIарги буго Рокьи. Нижер хIеренал, хIасратал, неде­гьал, гьелдаго цадахъ хъачIалги, согIалги, къвакIаралги, кьварарал­ги. Нижее гьечIого гIоларел нижер гIумруялъул гIидраялда рижарал тIугьдул. Нижер нужедехун бугеб лъугIи гьечIеб рокьиялъ къойил лъалъалел гьез гIумруялда базабун букIунеб тIагIам.

 

Щибаб лахIзаталъ хIажат рукIуна нижее иманалъул цIураб нужер сабруги, гIакълабазул цIурал дар­салги, нужер гIетIги тIун хъвараб бахIарчияб тарихги, тарих берцин­лъизе цIарал тарал нужер цIобги цIаралги.

Нижер сахаватал умумул! Нуже­цаго нужее къачIараб берцинаб хер­лъиялъул гъанситохъ сахлъиялда таги нуж!