«Дица жигар бахъула халкъалъе пайдаявлъун вукIине»

Коронавирусгун къеркьолаго, жакъа гIадатияб гуреб ахIвалхIалалда ругониги, гIумру гьоркьоса къотIичIого цебе унеб буго. Унтиялда­са цIунизе гIадамаз цIуникъай гьабулеб бугеб куцалъухъ балагьи­зе иргадулаб халгьабиялде росабалъе унев Гъуниб районалъул бетIер МудунхIажи Къадировгун цадахъ нижецаги гьенибе сапар бухьана. Ниж щварал СалтIа, СилтIа росабазул школазда, медицинаялъул идарабаз­да, администрациязда ва годекIабахъ унтиялдаса цIуниялъе гIадамаз гьабулеб бугеб цIунакъаялдаса районалъул бетIер разиго хутIана. Гьев гIенеккана гIадамазул гIарзазухъ ва рагIи кьуна кумек гьабизе. Жакъа районалда бугеб ахIвалхIалалъул, тарихалде унеб бугеб 2020 соналъ гьарун бажарарал хIалтIабазул ва церечIарал масъалабазул бицун, са­паралдаса руссарал нижеца гарачIвари гьабуна Гъуниб районалъул бетIер, хIалхьиялда вугев юстициялъул подполковник МудунхIажи Къадировасулгун:

 

 

-МудунхIажи, тарихалде унеб буго 2020 сон. Кинаб гьеб букIараб, районалъул гIадамазе щиб лъикIаб жо гьелъ босун бачIараб?

— 2020 сон нижее бигьа­яб букIинчIо, амма гьеб нижеца лъугIизабуна лъикIал хIасилалгун. РакIчIун абизе бегьула: Гъуниб райо­налъул цебетIей гьоркьоса къотIулеб гьечIо.

ЛъикIал хIасилал ккола тIалъиялъул киналго идараби ца­дахъ рекъон хIалтIулел ругони ва жамгIиял идарабазги районалъул гIумруялъулъ жигараб гIахьаллъи гьабулеб бугони. Гьеб рахъалъ бо­кьун буго баркала кьезе райсобрани­ялъул депутатазе, чIахIияб гIелалъе. Гьезул малъа-хъвайги ва сундулъго гьабулеб кумекги дир ишалъе цIакъ пайдаяб ккола.

 

 

-Гьаб хъулухъалда мун вугеб кIиго соналда жаниб районалъе пайдаял кинал хIалтIаби гьарун бажарараб?

— Районалда бугеб 26 школалъул 17-ялъе гьабуна капиталияб ремонт. ТIадеялъул байбихьула хIинкъи бугеб хIалалде ккарал школазул бакIазда цIиял раялъул федералияб программа хIалтIизе. Гьелъул куме­калдалъул нижеца, ремонт гьабизе бегьулареб хIалалда басралъараб школазул бакIалда, базе ккола ичIго цIияб школа. Гьезие рихьизаруна ра­кьал, хIадурана проекталъулабгун сметаялъул документация. Исана февралалда бухIана КIуяда росдал школа, бачIунеб соналда гьенибги цIияб школа бан бахъине ккола.

ЗахIматаб масъала ккола Гъуниб росдал гIадамазе лъим гIоларого букIин. Гьеб росдал цо авалалде лъим машинабаз баччула. Гъуниб лъел мухъ къачIалеб буго. Хьул буго бачIунеб соналъ гъунисезул лъел масъала тIубазе кIвелин абураб. Гье­динабго масъала буго цогидал роса­балъги.

ХIадур гьабулеб буго Гъуни­бе, Ругъжабе, ХIутнибе, Хьин­дахъе, ХIотIочIибе ва Гъоркьияб КIогьорибе лъим бачиналъе проек­талъулабгун сметаялъул документа­ция.

Райадминистрациялда аскIобго буго 1932 соналда бараб, басралъ­араб лъималазул ах. Гьебги бих­хун, цIияб ясли баялъе документа­ция хIадурана. ТIадеялъул гьебги бан бахъине ккола. Капиталияб къагIидаялъ къачIана 2012 соналда бараб КIуяда росулъ ясли-ах.

Гъуниб, ХIотIочI росабалъ рана футболалъул майданал. Хъил тIуна СалтIа росулъе унеб шагьранухлул микьго километралъул манзилалда. РакIалда буго Ругъжаб ва ХIотIочI- Хьиндахъ росабалъе щвезегIан ну­хазде хъил тIезе. Капиталияб ремонт гьабуна Гъуниб ва БацIада росабазул спортзалазда. Гьединго районалъул 25 росулъе унел шагьранухал цIи гьарун къачIана.

Республикаялъул хIукуматалдаса гIарацги тIалаб гьабун, проекталъу­лал хIалтIаби унел руго Гъуниб рос­дада тIад бугеб «Кьижарай бахIарай» абулеб кьурул гIус щула гьабиялда.

Капиталияб ремонтги гьабун, культураялъул кIалгIаби рагьана Гъуниб ва Ругъжаб росабалъ. Исана капремонт гьабуна БацIада, Къоро­да, СилтIа, ГIобохъ, МохIоб росаба­зул школазда.

Районалъул росабалъ гьабуна анлъго парк. Масала, гъоркьиса ре­спубликаялъул росабазул парказ­да гьоркьоб тIобитIараб къецалда Хьиндахъ росдал паркалъе щвана тIоцебесеб бакI.

 

 

-БачIунеб соналъ гьаризе кинал хIалтIаби нужеца тIаде росун ру­гел?

— Гъуниб росдал 80 проценталъ басралъараб ясли-ахалъул минаялъул бакIалда чара гьечIого цIияб мина базе буго. Гьединго цIияб мина базе ккола КIуяда росдал бухIараб школалъул бакIалдаги.

Дагъэнергоялъулгун гьабураб къотIи-къаялда рекъон, январалда­са байбихьизе буго Гъуниб районалъул токалъул мухъазда капитали­яб ремонт гьабиялъул хIалтIаби. Хисизе руго трансформаторал, хIубал ва кварал. БачIунеб со­налъ районалъул росабалъе газ бачиналъул карта бахъун буго, цIех-рехал унел руго, кватIичIого хIалтIабазде байбихьила. ТIоцебе газ щвезе буго СалтIа, СилтIа ва Кудали росабалъе, хадуб районалъ­ул киналго росабалъеги.

 

 

-МугIрузул районазда гьоркьоб Гъуниб район кидаго букIана лъай кьеялъул рахъалъ цебе­себ кьерда. Цогидал районазул школазги пайда босулаан нужер районалъул гIемерисел школазул хIалтIул хIалбихьиялдаса. Лъай кьеялъул иш гьебго даражаялда цIуниялъе районалда щиб гьабу­леб бугеб?

— Гъуниб, Сугъралъ, СалтIа, Къо­рода, КIогьори ва ЧIохъ-Коммуна росабазул школазда цIунун буго лъай кьеялъул ва цIалиялъул цебе­себго даража. Масала, гъоркьиса Гъуниб росдал школа лъугIун унев щуго чияс босана меседил медаль. Гьеб школалъул тарихалда меседил медаль щун буго 145 чиясе. Жакъа­ги нижер школазул цIалдохъабазул лъайги гIадлуги лъикIаб даражаялда буго. Гьез, Дагъистаналъул лъикIал школазул цIалдохъабазулгун къец бан, республикаялда тIоритIулел предметиял олимпиадабазда кидаго призалъулал бакIал росула. «Прези­дентлъун дун вукIарабани» абураб республикаялда тIобитIараб къецал­да ЧIохъ-Коммуна росдал школалъул цIалдохъаналъ босана тIоцебесеб ва Санкт-Петербургалда тIобитIараб гьединабго къецалда — призалъулаб бакI.

ЕГЭялъул хIасилазги ниж рази гьаруна.

Нижер школазул учительзабазул лъай-махщалил бицунеб цо мисал бачина. Республикаялда тIобитIараб «ЛъагIалил учитель» къецалда Ругъ­жаб школалъул авар мацIалъул учи­тельницаялъ тIоцебесеб ва Россиял­да тIобитIараб гьединабго къецалда — призалъулаб бакI босана.

ГIалимзабиги гIакъилзабиги нижер гIунги тIокI руго. Дагъи­станалъул ва тIолабго Россиялъул батIи-батIиял идарабазда хIалтIулев вуго Гъуниб районалдаса 400-ялдаса цIикIкIун гIелмабазул доктор ва кан­дидат.

 

 

-Районалда кин гIуцIун бугеб гIадамазе медицинаялъул хъулухъ гьабиялъул хIалтIи. Коронавиру­салда данде къеркьеялъул хIалтIи кин бугеб?

— Коронавирусалъул ахIи-хIур бахъарабго, Дагъистаналда тIоцебе нижеца районалде нух къана. Гьелдалъун районалда цIакъ дагьал гурони гIадамалги унтичIо. Унти багъарараб мехалда райбольницаял­да вукIана 31 чи, гьениб къваригIани рукIине, тIадеги 30 койка чIезабун буго. Жакъа районалъул больница­ялда вегун вуго, гьеб унтиялда щак­лъи бугев 9 чи, гьезул цо чиясул гу­рони ковид батичIо. Тохтурзабигун цадахъ, щибаб росулъе щун, нижер администрациялъул хIалтIухъабаз гIадамазда бичIчIизабула гьеб унтул бугеб хIинкъи ва цIуна-къай гьабизе кколеб къагIида.

Компьютерияб томограф къваригIун бугин абун, республикаялъул бетIерасухъе хитIаб гьабидал, анкь­го къоялдасан гьеб райбольница­ялде битIун бачIана, заманалдасан бачIана 19 ксероксги.

Пандемиялъул ахIи-хIуралъул за­маналда нижеца больницаялда гIураб къадаралда чIезаруна къваригIунел дараби, препаратал, гьединго «красная зонаялда» хIалтIулел меди­цинаялъул хIалтIухъабазе Дагъиста­налда бищун цебе кьуна харжалде тIаде бихьизабураб гIарац.

Коронавирусгун къеркьеялъе ни­жее кумек гьабуна ресалда ругел районцоязги. Масала, ДРялъул Пача­лихъияв секретарь Хизри Абакаровас рачIана гIемерал кванил нигIматал, ИВЛ-аппаратал, койкаби, Ругъжа­са ГIамирица, МохIоса МухIамад ЧIалдаевас гьабуна кIудияб кумек.

 

 

-Жакъа унтараб суал кко­ла мугIрузул районазда росдал магIишат нахъе кколеб букIин. Инвалидлъиги гьабун, гIадамал хIалтIудаса нахъе кIанцIун руго. Нужер гIадамазде бахун бугищ гьеб «унти»?

— Дун тIоцеве гьаб хъулухъалде вачIиндал, районалъул МТСалъул балансалда букIинчIо цониги бел­цин. Лизингалъул гIарацги кьун, 2019 соналда босана кIиго ком­байн. Жидерго проценталги рецIун, Гъизляралъул зонаялъул хъутабаз­да хIалтIабиги гьарун, Ставрополь краялде щвезегIан ижараялдаги хIалтIун, гьебго соналъ гьез райо­налъул бюджеталде рехун бачIана 300 азарго гъурущ.

Жакъа районалда чIаголъиялда буго 14 СПК, 111 фермерлъиялъул ва 7851 жалго бетIергьанал чагIазул магIишатал. Дагъистаналдаго цIар ун буго тайпадулаб гIи гIезабулел «Сугъралъ» ва «Милюб» СПКязул, гьединго «ЧIохъ» агрофирмаялъул. Гъоркьиса Астраханалда тIобитIараб Россиялъул росдал магIишаталъул выставкаялда «Сугъралъ» ва «Ми­люб» СПКязул куйдузе кьуна месе­дил медалал.

Гъизляралъул зонаялда ругел нижер магIишатазул хъутабазда гIемерисез гIезабула пиринчI ва мо­гьолал культураби.

Киналго магIишатазда дандекъан, жакъа районалда буго 3913 чIегIерхIайван ва 58438-гIанасеб гIи- цIцIани. Квеш бугеб жо ккола сонал­даса соналде районалда гIи-боцIул къадар дагьлъулеб букIин.

Ахал хIалтIизарун гурони, ракь бекьулел росаби къанагIат руго. Цо­гидазе мисаллъун букIине дица бе­гана нижерго умумузул ракь, ният буго гьениб кIудияб ах гIезабизе.

 

 

-ТIабигIиял ва тарихиял па­мятниказ бечедаб букIиналъги батила, къватIисел ва жанисел туристазе цIакъ бокьула Гъуниб районалде щвезе. Районалда ту­ризм цебетIезабиялъе хIалтIи кин гIуцIун бугеб?

— Гъуниб районалъул ракьалда буго республикаялъул ва федера­лияб кIваралъул лъабнусгоялдасаги цIикIкIун памятник.

Советияб заманалда гьаниб хIалтIулеб букIана «Орлиное гнез­до» абулеб санаторий. РачIунел ту­ристазул къадарги, жакъа гIадин, цIикIкIараб букIинчIо. 2020 со­налда районалде вачIун вуго 55-60 азарго турист. Гъуниб мегIер, Гъам­сукь росу, СалтIа чваххи, Къорода бецIкъварилъи, ЧIохъ ва Сугъралъ росаби, ай туристазда бихьизе жо гьаниб цIакъ гIемер буго. ХIалтIулел руго Гъуниб магIарда бугеб «Орли­ное гнездо» санаторий, пансионат «Радде» ва гIемерал гьалбадерил рукъзал.

ДРялъул Туризмалъул министер­ствогун цадахъ нижеца гIуцIана рай­оналда туризм цебетIезабиялъул ха­саб план. Киса-кирго лъуна гIурус ва ингилис мацIазда хъварал «Туристи­ческие навигации» абулел халкъазда гьоркьосеб тайпаялъул игIланал.

Дир пикруялда, районалъул ра­кьалда ругел памятниказдаса бищун­го къиматаб ва тарихияб ккола Гъу­ниб хъала. Гьелъие кьучI лъун буго 1862 соналда. Хъалаялда жаниб буго тIубараб тарихияб комплекс. 150 со­налъ цебе бараб, амма цониги нухалъ жиб букIараб куцалъ къачIачIеб, ай биххун иналда хIинкъи бугеб «Шамилил хъала» абулеб федера­лияб бетIергьанлъиялъул тарихияб памятник Россиялъул Культураялъул министерствоялъул балансал­да буго. Гьезулгун бухьенги гьабун, хъала цIи гьабун къачIаялъе тадби­рал гьарулел руго. Гьелдаго цадахъ хIалбихьулеб буго ЮНЕСКОялъул сияхIалде Гъуниб хъала босизаби­ялъеги.

Чара гьечIеблъун ккола Гъам­сукь росулъе шагьранух гьаби, гье­динго СалтIа чваххукье ва Къорода бецIкъварилъиялда жанире иналъе лъикIал шартIал гIуцIи. БачIунеб со­налда Гъуниб, СалтIа, НакIкIазухъ рагьизе руго цIиял туркомплексал.

 

 

 

-Районазул бутIрузул гIарз букIуна кьищни баччиялъул масъ­ала тIубазе захIмалъулеб бугин. Нужеца кин гьеб тIубазабулеб бу­геб?

— Республикаялда буго кьищни баччулеб ункъо регионалияб опе­ратор. КъотIи-къайги гьабун, гьез кисанго кьищни баччизе кколаан. Амма… Нижерги букIана «Дагъэко­дом» абулеб идара, амма, кколеб ку­цалда, гьелъ нижер кьищни баччичIо. Гьелъул директор хIалтIудаса вахъ­ана. ЦIияв директорас, КIуядаса АхIмадица, байбихьун буго жига­ралда хIалтIи гIуцIизе. Жакъа ни­жеца кьищни баччула Хважалмахьи росулъ бугеб заманалъулаб полиго­налде. Планалда буго, печалги ро­сун, гьанибго кьищни бухIизе.

 

 

-ГIатIиракьазде гIадамалги го­чун, росаби чIороголъулел руго. Росабалъго гIадамал чIезариялъе нужеца щиб гьабулеб бугеб?

— Гьеб унти нижер росабалъе­ги щун буго. Киналго цIаларал чагIазени киб гурин, гIадатиял гIадамазецин росабалъ хIалтIи гьечIолъи, гьединго бигьаяб гIумру гьабизе бокьи ккола гьелъие бугеб аслияб гIилла. Нижер районалда­са цIикIкIараб къадаралда гIадамал къватIире гочун унел ругин абиларо. Масала, ХIутни, ХIотIочI-Хьиндахъ росабалъа гIадамал къватIире унаро.

 

 

-Кин тIубазабулеб бугеб гIолилазе хIалтIи чIезабиялъул ва гьезие хIухьбахъиялъе шартIал гIуцIиялъул суал?

— ГIолилазе хIалтIи чIезаби ккола бищунго унтараб масъала. Районал­да цIикIкIунеб буго хIалтIи гьечIел гIолилазул къадар. Гьединлъидал цIалун рахъарал гIолилал районал­де тIад руссунел гьечIо, хIалтIизе гьунар-махщел бугел чагIиги ша­гьаразде гочунел руго. Росабалъ хутIулел руго херал чагIи. Жакъа росабалъ чIара-хьараб гIумру гьаби­ялъе квербакъула гIадамазул жалго бетIергьанал магIишатаз. ГIолилазе бокьулеб гьечIо мукъсанаб гурони хайир кьолареб захIматаб хIалтIи гьабизе.

Районалда руго культураялъул, творчествоялъул клубал ва хIухьбахъиялъул централ. Эркенаб зама­налда гIолилаз пайдаяб хIухьбахъи тIобитIиялъе нижеца щибаб росулъ рагьулел руго спортивиял залал ва майданал. Гьенир гIуцIулел руго батIи-батIиял спортивиял секциял. Чара гьечIеблъун ккола райцентрал­да гьаб заманалъул кIудияб спорт- комплекс бай. Гьединго къачIалел руго культураялъул кIалгIаби, цIи гьабулеб буго гьезул хIалтIи. Бо­кьулеб хIалтIи бугони, гIолилал ро­сабалъа къватIире унаро. Ниж гьеб масъалаялда тIад хIалтIулел руго.

 

-Кинал рагIабаздалъун район­цоязда баркилеб тIаде щолеб бугеб цIияб 2021 сон, щиб гьезие гьари­леб?

— Киназдаго ракI-ракIалъ баркула тIаде щолеб цIияб сон. Районалъул халкъалъе дица гьарила сундулъго битIккей, щулияб сахлъи, бечедаб ва ракълилаб гIумру, мурадал тIурай. Биччанте унеб соналдаса бачIунеб сон нилъее бечедаб, талихIаб ва ро­халилаб букIине. Биччанте 2021 со­налда Аллагьас нилъедаса коронави­русалъул балагь тIаса босизе.