Новость на родном

«Нилъго нилъецаго цIунизе ккола»

Коронавирус — балагьаб унти     Марталдаса нахъе республикаялда пандемиялъ унтаразул къадар 10000-ялдаса тIаде ана. Унтул кIиабилеб карачел гьулчун бачIинадай-бачIинародай абураб суалалъ рахIатхвезабун буго гIадамазул.   Гьеб рахъалъ республикаялда бугеб ахIвал-хIалалъул бицун нижеца гара-чIвари гьабуна сахлъи цIуниялъул министрасул заместительлъун гIемерал соназ хIалтIарав ГIабдула ХIажиевасулгун.     ЧIванкъотIи гьечIеб мехалъ цIикIкIуна щакдарабиги   — Тахшагьаралъул 1-себ...

Новость на родном

Лъаялъул къоги онлайн къагIидаялъищ?

1 сентябралда республикаялъул киналго школал рагьизе руго щибниги хис-баси гьечIогоян лъазабуна ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ гьал къоязда. Байрамкъоялъул дандеруссиналги цогидаб гьабулебщинабги гIадатияб куцалъ тIобитIизе буго, амма Роспотребнадзоралъул тIалабалги цIунун.     Коронавирус тIибитIиялъул хIин-къи бугеблъиги хIисабалде босун ва РФялъул президентасул тIадкъаялда рекъон, Роспотребнадзоралъ тасдикъ гьаруна лъай кьеялъул идарабазда цIали гIуцIиялъул рахъалъ цIиял тIалабал, ай санитариял...

Новость на родном

ТIабигIат сорона, гIумру гIунана

Гьадин хъвана ХIамзатил Расулица руччабазул хIакъалъулъ. Щибха гьезул релълъараб бугеб – талихIги талихIкъосинги, магIуги релъиги, рохелги къварилъги. ГIумруялъул сариналги релълъарал руго гьезул. ТIолабго дунялалъего захIматал гьел моцIаз, ПатIиматил угьдулеб са­ринги цолъана киналго руччабазул сарингун, лъалъалеб букIана гьеб гIаммаб магIуялъ. Амма хIал лъазе тезе рес букIинчIо ПатIиматил. Гьелъ хвасар гьабизе кколаан анцI-анцI лъимадул гIумру. Къваридаб сариналъ...

Новость на родном

Баркала, тохтурзаби

Грециялъул философ Сократил руго судиясе, мугIалимасе ва тохтура­се БетIергьанас гьунар кьолин цогидаздаса тIокI гьарун абун. Гьединги батила, медицинаялъул хIалтIухъанас кибго цо хасаб, цогидаздаса дагьаб тIокIборчIараб бакI ккола. ГIиллаго гьечIого букIинищха гьел махща­лилазе дагьалго гIатIидал ресалги нухалги кьун ругел, гьел лъидасаго мустахIикъал руго рецц—бакъалъегун цIаруе. Гьеб нилъеда иргадулаб нухалъги бихьана, исана сон байбихьаралдаса нахъе коронавирусал­де данде...

Новость на родном

Жидедаго гьабизе лъалареб чияда малъулел

Кинаб заман тIаде бачIаниги, зигардулеб гIамал буго гIадамазул. Бугелда гIей гьабизе киназдаго бажарулебги гьечIо. ГӀемерисезе бо­кьулеб буго хехго ва гIемер гIакъуба бихьичIого бечелъизе. Гьелдаса пайда босулеб буго сихIирал ва гьездасаги хехго бечелъизе бокьараз. Ахираб заманаялда ссиялда руго бокьарал гIадамал бизнесалде ру­гьун гьарулел тренингал, курсал. ЦӀияб къагӀидаялъ гьелда абу­ла коучинг. Ингилис мацӀалдаса буссинабуни, коуч ккола тренер,...

Новость на родном

ЛъикIаб хIасилалде ишанги босун

Школалда учительлъун хIалтIун гIемер гIарац щоларо, гьединлъидал батила гьеб махщел машгьураблъунги рикIкIунареб. Гьедин букIаго, захIматаб суал буго нужерго цебетIеялда тIадчIаян абун учительзаба­зухъа тIалаб гьаби. ЦебетIеялде гъирабазабулеб далиллъун букIине бе­гьула хIалтIудехун бугеб учителасул хасаб бербалагьи, репетиторлъун хIалтIунниги, щолеб гIарац цIикIкIиналде хьул щулалъи. Махщел чIобого камил гьабизе ресги буго. Гьелъул хIакъалъулъ нижее бицана Дагъистаналъул лъай кьей цебетIезабиялъул...

Новость на родном

Полковникасул погоназде хIур ккезе течIо

Щивасул буго ракьалда бихьизабураб жиндир заман. Хирияв чи аба­дияб дунялалде къокъун хадуб дунялалда хутIарал гьесул гIагарал чагIазухъе рещтIуна пашманлъигун къварилъи ва рекIел унти. Ракьал­да букIарабги абадиябги гIумруязул бухьенлъун лъугьуна инсанас тарал ишал, гьесда цадахъ араб заманалъул лъалкIалги гьез ракIалъе гьабу­леб асарги.     Дие бокьун буго дирго гьу­дул ХIажимухIамад ХIажимухIамадовасул хIакъалъулъ бицине. 20 соналъ цеве...

Новость на родном

СУАЛ-ЖАВАБ

Хадусеб кIиго суалалъе жаваб кьуна ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмиял хIалтIухъабазул профсоюзалъул юрист Мансур МухIамадсагIидовас.   ЦIумада районалъул Гъоркьгьаквари росулъа 79 сон барав пенсионер, 49 соналъ авар мацIалъул дар­сал кьолев захIматалъул ветеран Насрудинов Шагь­рураманарица цIехолеб буго: «Коммуналиял хъу­лухъазухъ абун, учительзабазе моцIрое кьола 1100 гъурущ ва ветеран хIисабалда, —щунусиялда хадуб гъурущ. Дир хъизаналъ хIалтIи таралдаса буго...

Новость на родном

Ракьалда толел ругел талихIал лъалкIазухъе

МахIачхъалаялда, Ленинил майданалде щварай дир тохлъукьего берречIчIана ЦIадаса ХIамзатие бараб памятникалда хьолбохъ ска­мейкаялда гIодор чIарал харабазда. ГIемераб мехалда гьезухъ ялагьун, палгъан хутIана – рагъарулелго гьечIоан. Дун хIинкъадго, бигьа гьаюн аскIое ана. Ва гьале дида цере – Дагъистаналъул халкъиял шагIирзаби АбутIалиб Гъапуров ва Сулейман Стальский. Гьезул чIагоял сипатал рихьидал, магIугицин бачIана йохиялъ. Гьал гьоболлухъ рачIун руго...

Новость на родном

Футбол бокьулезул лига

Болъихъ росулъ тIобитIана Фут­бол бокьулезул лигаялъул кIудияб турнир. Гьелда гIахьаллъана райо­налъул росабалъа 16 команда.     Исана турнир гIуцIун букIана гIемерал соназ Чанхъо росдал гьоркьохъеб школалъул директор­лъун хIалтIарав СагIитбег Алхасов ракIалде щвезавиялъул хIурматалда. Жигарал гIуцIарухъабилъун рукIана МухIамад ГIалиевги, МухIамад Митаровги, Шамил Ражабовги. ГIарцул рахъалъ квербакъана райо­налъул администрациялъги спонсо­разги.     ТIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана «Техникс» абураб...