COVID-19 — лъималазда гурхIулеб унти

Дунялалда коронавирусалъ унтаразул къадар бахана 67 миллион чиясде. Роспотребнадзоралъул баяназда рекъон, цIех-рех гьабурал 70 проценталдаса цIикIкIун гIисинал лъималазул (7-8 сон базегIан) коро­навирусалде данде иммунитет лъугьун батана. Гьелда рекъон, лъимал къанагIат гурони унтулел гьечIин абун цIуна-къай гьабичIого тезе бе­гьиладай? Ясли-ахаздеги лъимал эркенго хьвадула, амма гьел щве­заризе яги нахъе рачине рачIарал эбел-инсуда маскаби ретIинарулел руго. Лъималаздаса цоцазде бахународай гьеб унти? Гьединал суалал гIемер раккула лъималазул улбузда гьоркьор. МахIачхъалаялъул лъималазул щуабилеб поликлиникаялъул педиатр ПатIимат Шамсу­диновалъ бицана коронавирус унти баккаралдаса нахъе жидеца гьа­бураб хIалтIул ва дандчIварал захIмалъабазул хIакъалъулъ.

 

— Унтул бищунго кор боркьараб заманалдаги ниж рокъор гIодор чIун рукIинчIо. Поликлиникаялда гIуцIун букIана коронавирусалъ унтарал лъимал къабул гьарулеб ва гьезул хал гьабулеб бакI, — ан бицана ПатIиматица. — Коронави­рус букIунин абун цогидал унтаби­ги тIагIун рукIинчIелъул, цогидал унтабигунги рачIунаан нижехъе яги телефоналъ ахIулаан. Корона­вирусалъ унтарал яги цIа-кан ба­хун рачIарал лъималазул хал гьа­булаан, анализал росулаан. Гьеб унти тIатарал лъималазе дарабиги хъван, малъа-хъваял гьарулаан. ЗахIматго унтарал чангоял боль­ницаялдеги ритIана.

Лъималазде коронавирус бахуна­рин абун гьел бокьахъе риччан тезе бегьуларо. Цо хъизамалда чIахIиял унтараб мехалда лъималазде­ги гьеб унти гIемерисеб мехалда бахинчIого хутIуларо. Коронавирус бахарал лъимал захIматго унтула­ро. ГIемерисезул унтул гIаламатцин къватIибе кьечIого тIагIун батула. Гьеб мехалда гIадамаздаги ракIалде кколеб буго гIисинал лъимал ун­тизего унтуларин абун. КIочене бегьуларо, загIипал, батIи-батIиял унтаби ругел лъимал рахунел ун­табаз хехго унтулеблъиги. Рахунел унтабазул тохтурзабаз гьединал малъа-хъваял гIемер гьарула, амма эбел-инсуца гьел гIадахъ росула­ро. Гьаб бигьаяб гуреб заманалда атракционазде, гIемерал гIадамал ракIарарал бакIазде лъималги ра­чун хьвадулелги камуларо.

 

 

— Тукабазда, ясли-ахазда, жамгIияб транспорталда маскаби ххезе тIадаблъун бихьизабун буго. Лъималаз ххун гьечIони щибго абуларо. Гьезде бахунарищ унти?

— ВОЗалъ ва ООНалъул Лъимала­зул фондалъ щуго сон бачIеб лъи­мада маска ххезаби битIараблъун рикIкIунаро. ГIисинал лъималазда маска ретIунги бажаруларо, гьелъул магIнаги бичIчIуларо. Балугълъу­де рахинегIан лъималазул гьуърул гIатIилъулел рукIуна. Лъабго сон тIубазегIан лъималазул хIухьел цIалел мухъал къваридал рукIуна. Маскаялда гъорлъайин абуни хIухьел босизе жеги захIмалъизе рес буго.

 

6-11 сон барал лъималазда ма­ска ххезабула коронавирусалъ ун­тарал гIадамазда гьоркьор ругони. Гьенибгицин хIисаб гьабизе ккола лъимада маска ххезе бажарулеб бу­гищ, гьелъ лъимадул психикаялъе лъикIаб гуреб асар гьабулеб буги­щали.

12 сон баралдаса нахъе лъималаз, чIахIиязго гIадин, маскаби ххезе лъикIаблъун бихьизабун буго ВОЗ­алъ, хасго гьел унтарал гIадамазда гьоркьор ругони. Ясли-ахазда, школазда, спортзалазда лъималаз­да маскаби ретIинаруларо, гьор­кьоса къотIичIого рагъарахъдулелъул маскабазулъан хIухьел цIазе захIмалъиларедухъ.

 

 

— Лъимал коронавирусалъ ун­таниги, гьездаса чIахIиязде унти бахунарин абураб хабар битIараб бугищ?

— ГIемерисеб мехалда корона­вирус лъидаса бахарабалицин чIезабизе кIоларо. Унти бахиналъул хIакъалъулъ тохтур-инфекци­онистасда цIехезе ккола. Лъалеб жо буго, бокьараб бахунеб унти хехго тIибитIизе рес буго унтарав чи чен­хъолев вугони. Гьелдалъун вирус гьаваялда хехго тIибитIула. Лъи­мадулин абуни, къватIибе кьолеб хIухьелги хъегIиги чIахIияздаса загIипаб букIуна.

Дунялалдаго гьарурал цIех- рехаз бихьизабулеб буго лъима­лаздаса коронавирус унти гIемер тIибитIулеб гьечIолъи. Ясли-ахазда ва школазда гIисинал лъималаз­даса цоцазде унти баханин абунги гIемер рагIуларо. Рокъоб корона­вирусалъ унтараб лъимер бугони, цо хъизамалда гIумру гьабун ру­гел гIадамазде унти бахинчIого букIинеги рес гьечIо, гьел кидаго аскIор рукIунелъул.

 

 

— Лъимал коронавирус бахинал­даса кин цIунилел? Яги гьез унти бигьаго хIехьолин абун гIодоре риччан рукIине бегьулищ?

— Хъизамалда COVID-19 бугев чи ватани, гьев киназдасаго батIаго вукIине ккола. Унтарасда 1,5 ме­тралъ аскIобегIан къазе лъимерги биччаларо. Унтарас ва лъимералъ маскабиги ххезе ккела. Рукъ щибаб къойил рагIа-ракьанде щун бичча­раб чIартица бацIцIине ва гордал- нуцIби рагьун цIияб гьава хьвади­забизе ккола. КъватIире унелъул гIисинал лъималазда малъизе ккола гIадамал гIемерал бакIазда чIогеян, рокъоре щвейгун сапнаца кве­рал, мегIер, кIал чуреян. Рахунел унтабазул аслияб тушман ккола рацIцIалъи. Гьебги бичIчIизабизе ккола лъималазда. Нагагь цIа-кан бахун бугони, нужецаго дару-сабаб гьабизе лъугьунге, тохтурасухъе ахIе. ГIемераб лъим гьекъе.

Унти бахинаредухъ иммунитет щула гьабизе бегьула. ЦIикIкIун витаминал гъорлъ ругеб квандаса пайда босила. Бакъвараб пихъил компотал гьекъани, лъикI букIина.

 

Коронавирус унтул гIаламатал ккола – цIа-кан бахин, сири бай, бетIер унти, загIиплъи, магIазукъалал раци, хIалцен, хIухьел цIазе захIмалъи, ччорбал унти, конъюктивит. Цо-цо мехал­да чехь-бакь унтизеги, лагIдей, риххел щвезеги рес буго. Унтиялъ кьолеб бищунго кIудияб захIмалъи вирусалъулаб пневмония букIинги киназдаго лъала, гьединлъидал цIуна-къай гьабиялъ лъиегIаги за­рал ккеларо, пайда гурони.

ЦIа-кан бахунин абун, цIакъго хIинкъун, риххун лъугьинеги бе­гьуларо. Хасало грипп ва цогидалги квачалъул унтабиги рахине бегьу­лелъул лъималазде. Интернеталда­са цIехон диагнозал лъечIого, тох­турасда цIехани лъикIаб букIина.