Гьале кIиабилеб нухалдаги щвана дун Гумбет районалъул Килалъ росулъе. Лъабго—ункъо соналъ цеве щун вукIана ихдал, оцбаялъул къоялъул байрамалда гIахьаллъизе, цевегосев гьудул Шамил МухIамадовасги ахIун. Исана коронавирус сабаблъун тIобитIичIо росулъ оцбаялъул байрам. — Нижер умумузда лъан буго росу базе бакI тIаса бищизе, — ян бицуна Килалъ росдал бегавул АхIмад Каримовас. — Гьал нилъеда рихьулел...

