ТалихIалъул цIваялъухъе гьабураб роржен
АсхIабгIали цIалулев вукIана Буйнакск шагьаралда. Киназулго гIадин, гьесулги рукIана жиндирго анищал. Гьелги гьес жиндирго цIваялда аскIор паракъат гьарун рукIана. Зама-заманалдасан гьезухъе гьоболлъухъ гьес жиндирго пикрабиги ритIулаан. Цо къоялда, АсхIабгIалидацин гьикъичIого, гьесул цIваялъ анищазда гъуна куркьбал ва гьев вачун щвезавуна жиндирго анищалъухъе гьоболлъухъ. ГIолиласда бичIчIана гьез жиндие рахIат тезе гьечIеблъи. Ва гьез бигьа гьабун каву къирана гьесул гIумруялъул сухъмахъазде…
Гьеб сордоялъ бихьизабизе кколаан концерт. Гьенир гIахьаллъулел рукIана доб заманалда магIарулазда гьоркьоб кIудияб машгьурлъи букIарал Даку Асадулаев ва Манарша Дибирова. МагIарул кочIол кидагосев асирлъун лъугьарав АсхIабгIалиги щола концерталде. Ва гьениб кунчIана гIолиласул цIва – концерталда цеве вахъана Дурангъиса палугьан Нажмудин ШихмухIамадов. Ва гьеб лахIзаталъ тIуркIана гьесул пикраби — АсхIабгIалиеги бокьана кварида жиндирго хIалбихьизе. Гьелдаса нахъе гьесул пикрабалъа нахъе унеб букIинчIо гьаваялде боржине къачIараб жиндирго гьунаралъул букIинесеб…
ТIадегIанлъиялда гвангъараб пагьму
Гьеб кьурдана Турциялда, Парижалда, СагIудиязул ГIарабиялда, Крымалда, Россиялъул батIи- батIиял регионазда, Дагъистаналъул районазда ва шагьаразда ва цогидалги бакIазда. Бицана гьелъ дунялалъего Дагъистаналъул халкъазул тарихалъулги, гIамалал- гIадатазулги, маданияталъулги. Гьеб гьунаралда цIарги буго палугьанлъи. Дие бицен гьабизе бокьараб гьеб гьунаралъул буго кIиго кваркьи: цояб – Россиялъул телевидениялъул тIоцебесеб каналалда «Старше всех» передачаялда цеве вахъарав АсхIабгIали ХIасанов ва гьебго каналалда «Лучше всех» передачаялда жидер пагьмуялъе кутакалда хъатчIварал АсхIабгIалица куцарал гIисинал палугьаби.
Гьел церерахъиналги ракIалде щвезарулаго, редакциялде гьоболлъухъ вачIун вукIарав АсхIабгIалица бицана:
— Гьел рукIана цIакъго хIалуцарал лахIзатал. ГIисинал гьунарчагIаз кваридасан бицине кколаан балагьаразе мугIрузул улкаялъул хIакъалъулъ. Диеги кIудияб асар гьабуна, гьез нижер гьунаралъе кьолеб къимат рагIидал. Цо-цоял гIодулелгицин рукIана — гьал нилъер ватIаналъул лъимал ругиланги ахIулеб букIана гьез. Унго-унголъунги, гьезул букIараб чIухIи Дагъистаналъул гIисинал вакилзабазухъги ралагьун.
Гьеб букIана нижер церерахъиналъе кьолеб цIакъго кIудияб къимат. Гьедин къабул гьаруна ниж киса-кирего. Нижер цадахъаб хIалтIул хIасиллъунги букIунаан гIадамаз чIвалеб хъатги, кибго батараб рокьиги, адаб-хъатирги. Кире аниги, тIад руссана гран-при яги тIоцересел бакIалги ккун.
АсхIабгIали ХIасанов ккола «Палугьан» абураб халкъияб студиялъул нухмалъулев. Гье- лъие кьучI лъуна 2003 соналда МахIачхъалаялъул № 28 школалда, доб заманалда школалъул директорлъун хIалтIулев вукIарав Азим Юзбековасул гьариялдалъун.
2004 соналда гьеб школалъул гIисинал гьунарчагIи гIахьаллъана «Бегущая по волнам» передачаялда ва ккуна тIоцебесеб бакI…
Долдаса нахъе ана гIемерал сонал. АсхIабгIали ХIасановасулги гьесул гьунарчагIазулги цIар машгьурлъана. Гьеб гьунаралъ жакъаги бицунеб буго Дагъистаналъул бахIарчияб тарихалъул. Кваридасан гьеб боржуна нилъехъе. Кинха чIухIиларел гьединал ирсилаздаса – гьаваялда кварида кьурдулеб тарих бихьидал. Гьенир лъималаз гьарулел кьурдабаз ахIулеб бугин ккола жал бахIарчиял умумузул наслаби ругилан.
Гьунаралъул хIокIаздасан
ТIегьан бачIунеб букIана АсхIабгIалица кьучI лъураб палугьанлъиялъулаб школа. Заманалдасан МахIачхъалаялъул №28 школалда букIараб гьеб гочана №42 школалде.
Гьенире хьвадулаан шагьаралъул батIи-батIиял школаздаса лъимал.
— Ниж гочинчIеб бакIго хутIичIо. Бокьун букIинчIо дицаго кьучI лъураб, лъимер гIадин дие бокьулеб гьеб циркалъулаб студия биххизе. Гьединлъидал, кинал захIмалъаби дандчIваниги, бокьун букIинчIо къуркьизе, — ян абуна АсхIабгIалица.
Цинги хадубги гьес бицана:
— Жакъа къоялъ ракIбакъвачIого хутIулеб гьечIо. Берцинго тIегьан бачIараб, дунялалдаго машгьурлъараб гьеб пагьму-гьунаралде нуцIа къараб къо бачIинин абураб хIинкъи камулеб гьечIо. Нижго бетIергьанаб чIейгицин гьечIо нижер. Дирго ирсилалгицин хутIиялда щаклъизе бачIунеб буго. Нилъер лъималазе киса-кибего чIвала хъат, бахиллъула гьезул гьунаралда. Амма гьеб цебетIеялъе республикаялда шартIал гьечIо. Кисаниги, лъихъаниги щолеб кумекги гьечIо. ГьитIинаб кумекалъгицин рохизарула ниж. Гьеб рахъалъан кумекалъулаб квер бегьула Республикаялъул Халкъияб творчествоялъул ва имам Шамилил цIаралда бугеб фондалъул нухмалъиязги. Гьелъухъги гьезие кIудияб баркала буго. Амма гьаваялда бижараб гьеб гьунаралъе гьеб дагьаблъун бихьулеб буго.
Жакъа республикаялда буго кIиго-лъабго гьединаб студия. Гьеб дагьаб гьечIищ гьадинал пагьмуял лъимал церетIезариялъе? Лъималаздаги бихьулеб батила жидерго гьунаралдехун бугеб бербалагьи – цониги гIахьалчиясда ракIалде кколеб гьечIо гьеб гьунаралда куркьбал гъезе, — ян.
ХIакъикъаталдаги, гьеб буго тIадегIанаб гьунар. Пашманаб хIужалъун ккеларищ, цо заманалдаса гьеб гьунар ракьалде рещтIани ва гьенисагицин гьелъул махI лъугIани.
Къо бихьун гIуцIараб гьеб студия кодобе кьезе чи гьечIогоцин хутIиладай гьев?
— Дунги кIодолъулев вуго. Нагагь къваригIанийилан дица цадахъ вачуна дирго вас. Ва ккараб бакIалда гьев цевеги вахъуна, — ян абуна АсхIабгIалица.
ГьабсагIаталда «Палугьан» къо- къаялда вуго микьго гIахьалчи: щуго ясги, лъабго васги.
Школа дагьабги машгьурлъараб «Лучше всех» передачаялда гIахьаллъаразул гьабсагIаталда хутIун йиго цо гIахьалчIужу.
Амма ругьун гьариялъул хIалтIаби гьоркьоса къотIулел гьечIо. Гьелъго борцунарищ АсхIабгIали ХIасановасул жиндирго хIалтIудехун бугеб жавабчилъи цIикIкIараб бербалагьи Ва цIидасанги цебе бачIунеб буго хIикматго берцинаб сипат:
— МугIрузулаб Дагъистаналдаса гIисинал гьунарчагIи. ГIадамазул ракIазулъе гьаваялдасан лъураб кьо. Миллатазул саринал, гьезде дандекколел кьурдаби, кьурдабазухъ балагьун гIорцIулареб сверухълъи, машгъуллъараб гIалам…
Церерахъиналъул ахир – Россиялъул гимналда гъоркь, улкаялъулги республикаялъулги байрахъалги парпазарулаго, талихIалъул бакъназул бакъул чIоралгун цадахъ балагьаразе баркала кьезе цере рачIунел руго «Палугьанги» гьелъул нухмалъулев АсхIабгIали ХIасановги…