Жакъа интернеталъул бугеб кIвар бицинчIониги нилъеда лъала. Хасго пандемиялъул заманалда загьирлъана гьелъул хIажалъиги.
ЧIобого кьолеб интернет
Унти тIибитIилин абураб хIинкъиялъ гIемерисел идараби, хъулухъал интернеталдасан гьаризе байбихьана – тохтургун кIалъазеги, пособиялгун пенсиял ва хIалтIухъ мухь щвезеги, цIала-къали гьабизеги, жеги гIезегIан жал гьаризеги интернет къваригIунеб батана.
Гьедин росабалъ гIумру гьабулел гIадамаз исана сон байбихьаралдаса интернеталдаса росарал фильмазул, кучIдузул, суратазул ва цогидаб контенталъул бакIлъи бащалъула 40 терабайталда.
Аслияб куцалда гьел раккун руго «Госуслуги» сайталде, МФЦялъул, Пенсиязул фондалъул, рекIел гъеялъул ва лъай кьеялъул сайтазде.
Исана бищун гIемер интернеталде раккун руго Дахадаев районалъул Шадни ва Гъизляр районалъул Сангаджи росабазул гIадамал.
«Устранение цифрового неравенства» абун «Ростелекомалъ» билълъанхъизабулеб программа сабаблъун щвараб интернет ккола гьеб. Гьелда рекъон, чIобого «Вай- фай» хIалтIулел зонаби руго республикаялъул 14 районалъул 110 росулъ. Гьеб буго тукабахъ, школазда, администрациялъул минабахъ. ТIасияб соналъул ахиралде чIобогояб «Вай-фай» кколел бакIал рукIина лъабнусгоялдасаги цIикIкIун росулъ. Масала, магIарул районазул бицани, рехсезе бегьула Гъуниб, ЛъаратIа, ЧIарада районазул росаби.
ЖамгIиял бакIазда чIобого интернет кьолеб гьеб программа хIалтIизабула гIицIго гьенир гIумру гьабулел гIадамазул къадар 250-500 чи вугони.
Амма…
Амма жакъа къоялъ гьедигIан нилъер кверал рухьараб интернет бачине квекIенал гьарулел руго гIадамаз.
БатIи-батIияб бухьеналъул операторазе квалквал гьабулеб буго вышкаби лъезе. ГьанжегIагар гьединал хIужаби ккана ЛъаратIа, ЧIарада, Гумбет, ЦIумада, Гъуниб, Гъаякент, Рутул районазул цо-цо росабалъ.
Щайин абуни, гIадамазул рахIат хвезабулеб буго 5G абураб бухьеналъул хIакъалъулъ ахираб заманалда раккун ругел харбаз. Хасго коронавирус баккидал цIакъго гьалаглъана гьел. 5 G-ялъул вышкабаз ковидги багъаризабулин, чорхолъ онкологияги лъугьинабулин абураб пикру бижун буго халкъалда гьоркьоб.
Церехун рехсарал росабалъго гIадаб ахIи-хIур бахъун букIана исана маялда Гъизилюрт районалъул ЦIияб ЧIикIаб росулъги. Росдал руччабаз бицунеб букIана, цIогьохъего гIадинги рачIун, ясли- ахалда аскIоб лъун батанин вышка, жидее кIиабилеб Чернобыль хIажат гьечIин. ХIакъикъаталда, ахираб кIиго-лъабго моцIида жаниб 50- ялде гIагарун чиги хун вуго гьеб росулъ.
Гьел гIодоре риччазаризе Гъизилюрт районалъул бетIерлъун вукIарав МухIамад Шабановгицин вачIун вукIана. Вышкаялдалъун дагьа-макъабниги зарал кколеб батани, гьезул цонигияб лъезе гьечIин лъазабун букIана гьес гIадамазда. Хадуб лъана гьеб вышка жидецаго гIадамазе бичулеб интернеталъул хехлъи цIикIкIине цо компаниялъ лъолеб букIараблъи.
«Техника цебетIеялдалъун щварал ресаздаса пайдаги босун, гьелдаго цадахъ гьеб техника цебетIезабизе биччаларин чIарал гIадамазда гIажаиблъизе бачIуна. Квеш ккараб жо буго официалиял СМИяз бицаралдасаги «цо кIодоца бицана» абурал харбазда гьел цIикIкIун божулел рукIин», — илан абуна ДГУялъул инженерияб физикаялъул доцент, физикаялъулгун математикаялъул кандидат СагIид Ниналаловас.
Гьесул рагIабазда рекъон, росабалъ гьел лъоларо, щайин абуни, 4 G-ялъулазда дандеккун, 5 G-ялъул вышкаби цIакъго аскIо-аскIор лъезе ккола. ЧIахIиял ва гIадамал гIемерал шагьаразда гурони, чи дагьал бакIазда гьел лъеялъ хайир кьоларо.
Ниналаловас бицана хехлъи цIикIкIараб букIиналъ 5 G хIалтIизабизе бегьулин медицинаялда (хирургал-роботаз операциялги гьарун), гьединго, жанив шофер гьечIеб транспорталда. 5 G-ялъ кьолеб буго квадратияб метралда цо млн гIанасев чиясе интернет. 4 G-ялъул интернет абуни гIицIго къоазаргоясде гIунтIун чиясе гурони щоларо (гьедигIанасебго бакIалда).
Ниналаловас бицухъе, дунялалда тIоритIарал рикIкIен гIемерал хIалбихьияз баян гьабун буго сотовияб бухьеналъул вышкабазги, «Вай-фаялъул» роутеразги, кодор кколел телефоназги инсанасул чорхое зарал гьабуларилан.
«Ростелекомалъул» пресс-хъулухъалъ баян гьабуна жидецаги цогидал идарабазги бицун бичIчIизабидал, цо-цо росабазул гIадамазул пикру хисулеб бугин.
Рехселин ВОЗалъул (сахлъи цIуниялъул рахъалъ дунялалъул гIуцIи) баянги: 5 G-ялъул бухьен 4 G-ялдаса гIемерго къуватаб бугониги, гьелъ чорхое зарал гьабуларо.