ЦIияб соналда цебе нижеца гара-чIвари гьабуна республикаялъул политикиябги жамгIиябги гIумруялъулъ жигараб гIахьаллъи гьабурал, гьединго Дагъистан бахун къватIир ругел цо-цо миллатцоязулгун. Кинаблъун нужеда ракIалда чIараб 2020 сон абураб суалалда тIасан ккана нижер хабарги. Хизри Абакаров, ДРялъул Пачалихъияв секретарь: — Нилъее киназего 2020 сон кутакалда захIматаб, хIалуцараб букIана. Гьелдалъун нилъ ругьунлъана нилъго бетIергьанаб щибаб жоялъул къимат...

