ЖамагIатчи – жамгIияталъул ургъалида

Гьал къоязда Миллияб библиотекаялда тIобитIана журналист ва жамгIияв хIаракатчи Алюсет ГIазизхановасул «На службе обществу» абураб тIехьалъул презентация.

Гьеб къватIибе биччана «Набат» гIуцIун 20 сон тIубаялда хурхун. Рагъ ккаралъуса лъутарал гIадамазул ихтиярал цIунулеб гIуцIи ккола гьеб. Хасго доб заманалда кутакалда кIвар букIана гьелъул. ТIокIалъ чIечIого Чачаналда букIараб рагъдасаги, улкаялъул цебесеб гIуцIи бих­хун хадуб, батIибатIиял республикабаздасаги лъутун рачIунел рукIана Дагъистаналде гIадамал. Гьединго нилъер гьанибги цIакъ хIинкъараб заман букIана, ай чIвайхъвей гIемераб.

 

 

Гьединаб къварилъиялда ругел чагIазе консультациялъулги, за­манаялъ жанир чIезе бакIазулги, квен-тIехалъулгун сах гьариялъул­ги рахъалъ кумек гьабизе хIаракат бахъулаан «Набаталъ».

 

Гьединлъидал доб мехалда А. ГIазизхановас къимат борхиза­бун букIана жамгIияб хIалтIул. 2000-абилел соназул байбихьуда Россиялдаса вакил хIисабалда гьев витIун вукIана Страсбургалде (Евро­паялъул Советалъул данделъиялде), РФялъулги СШАялъулги жамгIиял институтазул церехъабазул самми­талде Москваялде ва жеги гIемерал тадбиразде.

 

 

ГIазизхановасул кумекалдалъун доб мехалда республикаялда гIемер тIоритIана инсанасул ихтиярал цIуниялда хурхарал семинарал, фо­румал.

 

«Набат» гIуцIиялъе сабаблъун ккана 2000-абилел соназда Дагъи­станалде жамгIияй хIаракатчIужу ва журналист Лидия Графова ячIин. Гьелда цадахъ Алюсет щвана рагъ ккаралъуса лъутарал чагIазухъе Хасавюрталде, Дербенталде. Доб мехалда гьев хIалтIулев вукIана Дагъистаналъул радиоялда. ГIазизхановасул гIамал-хасиятги, гIумруялдехун бугеб бичIчIиги лъайдал, Графовалъ гьесда абула ми­грантазул суалал тIуразе жамгIияб гIуцIи хIажат бугин. Гьедин цо чан­го соналъеян гIуцIараб «Набат» жеги хIалтIулеб буго.

 

Графова къадаралде щвана исана 23 ноябралда. Гьейги ракIалде щве­заюна презентациялда.

 

Дида гьей тIоцее 2006 соналда Владикавказалда йихьана. Мигран­тазул суалал гьоркьор лъураб семи­нар букIана гьениб. Нижеца бици­не кколаан мигрантазда, жамгIиял гIуцIабазда сверухъ жиде-жидер республикабазда гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ.

 

Дица бицана, нижер добе азарго­ниги жамгIияб гIуцIиги бугин, амма гьезул нухмалъулезул гIемерисезда жидедаго тIадал ишалги лъаларин абун.

 

 

Гьеб мехалда Лидия Графовалъ абуна киназегоги гIун Алюсет ГIазизханов вугин Дагъистаналда ми­грантазул суалал тIуралевилан.

 

Гьеле гьебщинаб заманалда жаниб мигрантазда сверухъ жинцаго гьа­бураб хIалтIул бицунел макъалаби руго Миллияб библиотекаялда пре­зентация гьабураб тIехьалда лъун. Гьезул цо-цоязда релълъарал мате­риалал доб мехалда «ХIакъикъат» газеталдаги рукIана рахъун. Гьел макъалабаздасан бихьула 2000-аби­лел соназда нилъер гьанибги, Чачан республикаялдаги, хIатта цогидал регионаздаги букIараб политикияб ахIвал-хIал, мигрантазул масъала­баздехун букIараб бербалагьи.

 

ЖамгIияб хIалтIулъ жиндие жур­налистаздасанги кумек щванин абу­ла Алюсетица. Живго журналист вукIиналъги батила, гьес абула жин­ца гьел рикьуларила пачалихъиязде ва лъидаго рачIел журналистазде. Жиндие аслияб жо бугила гьездаса халкъалъе пайда букIин.

 

 

«Набаталъ» лъикIаб хIасил кье­ялъги батила, республикаялда ЖамгIияб палата гIуцIаралдаса на­хъе гьанжелъизегIанги Алюсет ГIазизханов гьениса вагъаричIо. ГIезегIан мехалъ гьеб палатаялъул аппараталъул нухмалъулевлъунги палатаялъул председателасул заме­стительлъунги хIалтIана гьев.

 

Гьедин байбихьуда ЖамгIияб па­латаялъул нухмалъулевлъун вукIарав Абулмуслим МуртазагIалиевас презентациялда ракIалде щвезабуна палатаялъул тIоцересел вакилзаби гIакъилал, цебетIураб пикруялъул гIадамал рукIанилан. Масала, респу­бликаялъул тIалъиялъеги гIезегIан малъа-хъваял гьарулаанин гьез. Амма «рекомендуем» абун республикаялъул тIалъиялде жидеца ритIулел рукIарал кагътазул тIарада ЖамгIияб палатаялъ гьабураб хъвай- хъвагIай хъулухъчагIазда цо-цо ме­халда мекъиги бичIчIулеб букIанилан бицана МуртазагIалиевас.

 

Дагъистаналъул тIоцевесев прези­дент МухIу ГIалиевасгицин махсара гьабун букIанила кватIичIого жин­деги ирга щвелила гьезул рекомен­дациязул. Щунги буго.

 

 

Инсанасул ихтияразул ва гражда­нияб жамгIияталъул рахъалъ ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб сове­талъул нухмалъулев ва «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул за­меститель Зикрула Ильясовасги абу­на цIубараб пикруялъул жамгIиял хIаракатчагIи гьоркьоре лъугьиналъ республикаялда цо-цо ишал битIараб нухде кканин. Гьединал чагIазул цо­явлъунги жинда Алюсет ГIазизханов вихьулин.

 

А. ГIазизханов ккола лезги милла­талъул чи. Цо-цоязда ракIалде ккезе бегьула магIарул газеталдасан лезги­ясул бицунеб бугинги. Амма гьесул­гун лъай-хъвай бугеб къого соналда жаниб цо нухалдацин дида гьесулъ миллатчилъи халлъичIо. Кутакалда гIадатаб гIамал-хасияталъул, гъва­ридаб лъаялъул, сверухъ ругездехун недегьаб бербалагьиялъул чи вуго Алюсет. Гьединлъидал тIехьалъул презентацияги гьесда жиндаго релъ­лъун ана — гIадатго, рихьдае жал гьаричIого, щивас Алюсетилгун бу­геб лъай-хъваялъул ва ккара-таралъул хIакъалъулъ ракI тIаде цIалел харбалги рицунаго.