17 декабралда тIобитIараб Россиялъул президент Владимир Путинил пресс—конференциялда г1ахьаллъизе ун рукIана Дагъистаналдаса журналисталги. Гьел ккола «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул ишал тIуралев ГIумахан ГIумахановги, «Дагъистан» РИАялъул директор МухIамад МухIамадовги, «Народы Дагестана» журналалъул бетIерай редактор ШугIайнат МухIамадоваги, «Дагестанская правда» газеталъул журналистка Динара Токъболатоваги, «Мирмол» сайталъул журналистка Диляра Давудоваги.
Пандемиялъул заман букIиналъ исана пресс—конференция тIобитIана видео—бухьеналдалъун.
Владимир Путин цеве вахъана Ново—Огарёвоялда бугеб жиндирго резиденциялдаса. Федералиялги къватIисел пачалихъаздасаги журналистал ракIарун рукIана Москваялда бугеб Халкъазда гьоркьосеб дармил централде. Регионалиял журналистал рукIана цогидал шагьаразда. Масала, СКФОялда гьединаб шагьарлъун тIаса бищун букIана Ставрополь.
Владимир Путиница санайилго гьединал пресс—конференциял кьола 2001 соналдаса нахъе.
Исанасеб пресс—конференциялда цебе гIадамаз гьесухъе суалал ритIизе байбихьун букIана 6 декабралдаса нахъего, гьединго интернеталдасанги.
ГIумахан ГIУМАХАНОВ («ХIакъикъат»):
— Пресс-конференциялъул заманалда дихъ кодор ккун рукIана «Ботлих» ва «Слава врачам» абун хъварал игIланал.
Залалъур рукIарал телевидениялъул Т1оцебесеб каналалъул журналистаз гьикъана гьезул магIна щибилан. Дица жаваб кьуна диего рахIат толареб кIиго суалалде президентасул кIвар буссинабизе ургъараб жо бугин. Масала, «Ботлих» абураб хъвай-хъвагIай. Владимир Путин Болъихъе чанцIулго щвана, гьединлъидал гьев нижее гьобол гIадав чи вугин бичIчIизабуна дица залалда вукIарав рехсараб каналалъул мухбир Павел Красновасда.
БукIаниги, дидеги, нилъер гьаниса цогидал журналистаздеги суалал кьезе ирга щвечIо.
«Слава врачам» абураб игIланалъул магIна кколаан «Журавли» комплексалъул бетIергьан, Шангъодаса МГУялъул профессор МухIамад МухIамадовас тохтурзабазе исана тIобитIараб акция, пачалихъалъ кумекги гьабун, улкаялда киса-кибго тIобитIизе бегьуларищан суал лъей. Ковидалда данде рагъ барал улкаялдасаго тохтурзабазул 523 чи чIового сахлъизавизеги, кIи- кIи анкьица хIухьбахъизеги тана гьес комплексалда. Гьеб киналдего тIадеги жиндирго гIарцул лъебералда хадуб миллион гъурущ харж гьабун буго МухIамадица. 45 соналъ тохтурлъун хIалтIарай жиндирго эбелалъ гьарун тIобитIараб акция бугин МухIамадица гьебилан «ХIакъикъаталдаги» хъван букIана гьелъул хIакъалъулъ.
КIиабилеб суал букIана ополченцазда хурхараб. Гьез жидецаго гьарун букIана дида гьеб суал кьеян. Масала, ополченцазул статус чIезабуниги, хасаб сияхIалда гъорлъе гIицIго шапакъатал кьурал чагIи гурони ккун гьечIин руго гьел.
ШугIайнат МУХIАМАДОВА («Народы Дагестана»):
— Дун цееги чанцIулго гIахьаллъана Москваялда тIоритIарал гьединал пресс-конференциязда. Президентасда жалго рихьиялъе гIоло ургъуларел жалги рук1унаро цо-цо журналистаз – кополал игIланал цере ккун яги ахIдон. Амма гьаб нухалда гьединаб хъуй букIинчIо, гIодобе биччараб ахIвал-хIалалда ана. Хасго СКФОялъул журналистал ракIарараб залалда рукIинчIо гьединал игIланал.
Суалал кьезе цереккунго хIадурарал журналистал рукIунин абураб пикруги мекъаб буго. Президентасе суал кьезе щвей буго икъбалалда бараб жо. ТIадежоялъе, онлайн-режималдалъун гара-чIварулеб мехалда президентасда рагIизе къваригIараб суал кьолев хасав чи кив гIодов чIун вугевали бихьизеги захIмалъиларищ.
Дие бокьун букIана Каспий ралъдалъ холел ругел тюленазул суал борхизе (гьанжегIагар ракъдаде рехун батана лъабнусгогIанасеб тюлень, гьелъие гIиллаги лъалеб гьечIо – ред.).
Гьел рухIчIаголъаби хунгутIиялъе сабаб ургъеян гьаризе бокьун букIана президентасда. Масала, Каспий ралъдалъе чваххулел хутIелал рацIцIад гьаризе хасал алатал лъезе рукIиналъул бицен буго цебегоялдаса.
Гурони, тIадеялдаса тIаде зарал кколеб буго ралъдаеги. Гьал къоязда киса-кибго бицунеб буго гьадингоги дагьлъулел рукIиналъ Россиялъул БагIараб ТIехьалде росарал тюленазде сундасан бачIарабали лъачIого, балагь рещтIун бугилан.
МухIамад МУХIАМАДОВ («Дагъистан» РИА):
— Гьаб пресс-конференция ракIалда чIана Владимир Путиница Алексей Навальныясда сверухъ улкаялда бугеб ахIвал-хIалалдехун, бакътIерхьул улкабаздехун загьир гьабураб бербалагьи. Бицана нилъер улкаялъул жанисеб политикаялде сунде кIвар кьезе бугебалиги, асар гьабуна пачалихъалъул кумек хIисабалда лъималазе тIадеги щуазарго гъурущ кьезе президентас гьабураб хIукмуялъги.
Рес щварабани, дица президентасда гьарилаан магъалабаздаса предпринимателал дагьаб мехалъ эркен гьаризе бегьуларищин. Щайин абуни, пандемиялъул заманалда нилъер республикаялдаса гурелги, тIолабго Россиялдасаго предпринимателал руго хайирги щоларого, кутакаб захIмалъиялда.
Динара ТОКЪБОЛАТОВА («Дагестанская правда»):
— Дие кутакалда бокьун букIана президентасе гьекъолеб лъел рахъалъ Каспийскиялда лъугьун бугеб ахIвал-хIалалда тIасан суал кьезе.
Халат рахъун рарал цIадаз хъублъизабуна КОРалдаса «Рыбье» хIорихъе чваххулеб лъим. Гьеб ккола Каспийск гуребги, Избербаш шагьарги гьекъолеб лъедалъун хьезабулеб аслияб хIор. Лъим бацIцIад гьабулеб къайи-цIа гьениб лъун букIана 1970-абилел соназдаго. Гьелдаса нахъе басралъарал гьел я къачIачIого яги хисичIого тун руго.
Гьединлъидал Каспийскиялда гIадамазе гьекъолеб лъим бихьизарурал сагIтал рикIкIун кьола. Гьанже абуни халкъалъухъе гьеб МЧСалъ баччун щолеб буго.
ПалхIасил, шагьаралда гьеб масъала тIубазе ккани, тIубан киналго рогIрал хисизе ккола, гьединго рагIалде бахъинабизе ккола МахIачхъалаялдаса Каспийскиялде ва Избербашалде бачунеб лъел мухъ. «Юг России» абураб федералияб программаялда рекъон, 2008 соналдаго байбихьараб гьеб хIалтIи, гьелъие биччараб гIарац 2013 соналда гьоркьобги къотIизабун, чIезе тун букIана. Гьеб заманалдехун анкьго километралъул манзилалда гьабун букIана гьениб хIалтIи.
Гьединлъидал гьеб программаялъе цIидасан гIарацги биччан, лъел иш рагIалде бахъинабиялъе квербакъеян гьаризе бокьун букIана президентасда.
Диляра ДАВУДОВА («Мирмол»):
— Нижеца хIаракат бахъулеб букIана залалда вугев ведущиясул нижедехунго кIвар буссинабизе. БукIаниги, рес рекъечIоха суал кьезе. Гьеб рахъалъ битI ккечIониги, СКФОялдаса рачIарал киналго журналистазда гъорлъ рукIиналъ, лъикIаб асарги гьабуна. Регионал батIи-батIиял ругониги, нилъ цо улкаялъул гIадамал рукIиналъул асар ккола гьеб.
Путиние кьезе бокьун букIана гIолохъанал хъизамазе жанир чIезе рукъзал росиялъул суал. Кумек хIисабалда пачалихъалъ кьолеб гIарац дагьабги цIикIкIинабизе бегьуларищин гьаризе бокьун букIана гьесда.
Дихъе щварал баяназда рекъон, тIадеялъул гьеб мурадалъе гIоло бюджеталдаса ичIго млн гъурущ гурони биччан гьечIо. ГIолохъанал хъизамазул къадар абуни тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб буго. Масала, гьеб гIарац щвезе иргаялда чIараб хъизан Дагъистаналда цIакъго гIемерлъун.