Республикаялъул онкологияб центр. Гьелъул азбаралда чIезе ккаразда бичIчIулеб батила гьел лахIзатаз унтул согIлъиги къисматалъул къварилъиги. Гьеб мехалда батIиял бераздалъун ралагьулел ратула гьел гIумруялъул берцинлъиялъухъ. Гьелде щвезегIан бихьичIеб гьеб берцинлъиялдаса гIорцIулелги ратиларо гьел. Гьелдасаги хIалуцарал рукIунел ратила УЗИ—аппараталда лъезе иргаялда чIарал минутал. Гьелъ бицаралда, бихьизабуралда бараб букIунелъулха унтарасул хадусеб къисматги. Гьединлъидал гьеб аппараталда хIалтIулезул букIине кколеб батила, цогидазул гьечIеб гIадаб, сабруги, недегьаб мацIги, унтаразул жидедаго ракIчIолеб гIадаб хIеренаб балагьиги.
Гьеле гьединайлъун ятана дида гьеб централъул УЗИ-аппараталда хIалтIулей йигей ПатIимат ГIисаева. Дица гьелъул кабинеталъубе нуцIа рагьарабго, дандего бачIана сверухълъиго къалъизабулеб гIадаб тохтуралъул гьими. Гьабуна лъай-хъвай. Гара-чIварана.
Ва, тIоцебесеб иргаялда, дие бокьана гьей магIарулалъул нужееги бицине, хIурматиял цIалдолел.
ПатIимат ккола Шамил районалдаса. Гьаюна ва гIуна МахIачхъалаялда. Шагьаралъул №8 лицейги меседил медалалда лъугIизабун, цIализе лъугьана МахIачхъалаялде, медицинаялъул академиялде. ЛъугIизабуна республикаялъулаб клиникияб больницаялда (централияб больница) цебе бугеб интернатура.
2008 соналдаса нахъе хIалтIулей йиго централъул диагностикияб хъулухъалъул заведующаялъун. Гьединго ПатIимат ккола тIадегIанаб категориялъул тохтурги. Гьей гIемер гIахьаллъана Халкъазда гьоркьосел, ТIолгороссиялъул съездазда, гIелмиял конференциязда ва семинаразда.
Масала, гьей гIахьаллъана Австриялда тIобитIулеб онкологазул конгрессалда. Гьелъ жиндирго хIалбихьиялъул хIакъалъулъ бицана Пятигорскиялда тIобитIараб гIелмияб конференциялда. ПатIиматица жиндирго лъай борхизабула улкаялъул кIудиял онкологиял центразда:
Санкт-Петербургалъул Петровасул цIаралда бугеб центр. Москваялъул Блохинил, Герценил, Склифосовскиясул цIаразда ругел онкоцентрал.
ПатIимат ГIисаева жийгоги ккола анлъго цIияб технологиялъул авторги. Гьединго гьей гIахьаллъула тохтурзабазда гьоркьор тIоритIулел батIи-батIиял конкурсазда.
Масала, гьей ккола исана декабралъул авалалда Россиялъул онкологазул ассоциациялъ тIобитIараб конкурсалъул призерги.
Хъизанги, лъималги, цинги гьадинаб жавабчилъи цIикIкIараб хIалтIи гьабизе кингIаги дур заман гIолебилан гьикъидал, ПатIимат гIедегIичIо жаваб кьезеги:
— Гьеб кIудияб балъголъи гуро ие цIакъ бокьула дирго хIалтIи. Гьайгьай, лъала, бичIчIула гьелъул захIмалъиги. Амма дида кIола, дихъа бажарула унтаразул гIумруялде бугеб рокьи тIад буссинабизе, гьезул кумекалдалъунха. ГIемерисел унтарал рачIуна цIакъго кватIун. Гьеб заманалде унтуца щулияб бакI ккун букIуна гьезул чорхолъ. Кумекилан ахIулеб гьезул гьаракь рагIулеб мехалда, ургьиб бугеб ракI букIуна къватIибе кIанцIун бачIине хIадурун. Гьеле гьеб мехалда захIмалъула тохтурасе унтарав хвасар гьавизе. Гьел гьединал лахIзатаз черх сородула диргоги – унтаразда бицине ккола гьезул унтул гIилла. Унго—унгоги рекIелъ букIунеб бакIлъи, гьезда онкологиялъулаб унти бугин гьезулин лъазабулеб мехалда. Хасго гьеб батула руччабазул курмузда, — ян бицана ПатIиматица.
ХIакъикъаталдаги кватIулел руго руччаби тохтурасухъе ине. Дагьго гурого щолел гьечIо гьел маммологазухъеги, букIунеб гьечIо гьезул бухьен УЗИ-аппараталъулгунги.
Онкоцентралъул тохтурзаби хIадур руго руччабазе кумекалъе. Жалго бетIергьанал клиникабазулалдаса багьаби учузал ругониги, «онкология» абураб рагIиялъукьагIаги хIинкъулел ратила, ахиралда гурони, гьенире рачIунел гьечIо.
Тохтурасул хъизамалда гIурай ПатIиматица ракIунтун бицунеб букIуна руччабазул гьеб унтул. ПатIиматил инсуца, ДРялъул мустахIикъав тохтур ГIабдулкъадир ГIабдулаевас, кьучI лъуна республикаялда колопроктологиялъул отделениялъе.
Вац Шамилги ккола тохтур. Гьев хIалтIулев вуго МахIачхъала шагьаралъул №1 больницаялда колопроктологиялъул (чехь-бакьалъул унтабазул) отделениялъул заведующийлъун.
ПатIимат ГIисаевалъул гьариялдалъун кьолеб буго гьелъ руччабазде жалгоги гIумруги цIунеян гьабулеб хитIаб:
ХIурматиял руччаби!
— Къоялдаса къоялде цIикIкIунеб буго курмузул рак унти. Ахирисеб анцIго соналда жаниб гьелъ унтулел руго 19—30 соназул ригьалда ругел руччаби. Гьеб бараб буго промышленность цебетIеялда бан чороклъулеб бугеб экологиялдаги. Щияй чIужугIаданалъул унтул букIуна жиндирго хаслъи. Гьеб халатбахъине бегьула кIигоялдаса анцIила микьго соналде щвезегIанги. Гьединлъидал чIужугIаданалда тIадаб буго санайил тохтурасухъе ине ва УЗИ аппараталде лъезе. ЦохIо маммография гьабун тIубаларо. Гьениб бихьичIого хутIараб бицуна УЗИялъ. ЛъагIалида жаниб цо—кIиго нухалъгIаги тохтурасухъе ине ккола, хасго гIолохъанал руччаби — гьезул унти дагьаб хехаб букIуна ва гьелъ хIаракат бахъула «киса—кибего щвезе». Цудунго тIатараб унти сах гьабизе бигьалъулеблъиги кIочонге. ГIемерисел руччаби рачIунел руго, унтуца кьалбал риччазе байбихьараб мехалда. Гьеб мехалда захIмалъула кумек гьабизе. ХIасилги цIакъго къваридаб ккезеги рес буго.
— Щай кватIарайилан, нижеца бадибчIвай гьабидал, къварилъахъдилаго, жаваб кьола заман букIинчIила, хIалтIи гIемер букIанила, лъимал гIисинал рукIанилан абун. Щай нужер ботIролъе пикру бачIунареб, нуж гьечIого хутIани, лъималазул букIинесебги цебечIун. КигIан захIматаб жо бугеб нужерго сахлъиялде кIвар кьей. Унтуца зуризе байбихьидал, инегIан чIечIого, а маммологасухъе. КIвахIаллъуге. Масала, нужго гьарураб къоялде гьабе нужеего сайгъат. Гьелдаса кIудияб сайгъат щибха букIинеб – нужерго сахлъиялде кIвар кьей.
ПатIиматихъ ялагьидал, рухIдаллъизе бачIунеб букIана тохтурасул махщелалда. Унго-унгоги, гьеб бугеб кири кIудияб хIалтIи. Къойил къабул гьаризе кколел унтарал, щивасе бицине кколеб хIеренаб мацI. Цо-цо унтараздаги гьеб кинабго бичIчIулереб куцги цо-цо мехалда. Унтиялъ къварид гьарурал гьезие меседалъул бакIалда чIолел ратила ПатIиматил хIеренал рагIаби. ТIадегIанас гьелъие кьун бугеб берцинаб сабруги, гьелдаго хьолбохъ къалъун бугеб гьуинаб гьимиги…
БАЯН:
Онкологиял унтабазда гьоркьоб руччабазул курмузда рак унтуца кколеб буго тIоцебесеб бакI. Санайил дунялалда гьеб унтуца унтулей йиго 1 250 000 чIужугIадан, Россиялда – 54 000 чIужугIадан. 40 ва тIадехун санал ругел руччаби унтиялъул хIужаби цIикIкIунел руго. Ахирисеб къого соналда жаниб унтаразул къадар цIикIкIун гурони, дагьлъулеб гьечIо.
Унтул байбихьуда захIмат букIуна гьеб лъазе. Щайин абуни, кинал ругониги гIаламатал тIатунаро, загьирлъуларо. Унтул кIиабилеб стадиялде загьирлъула гьелъул гIаламатал:
Керен унтизе лъугьуна;
БакI—бакIалдаса къвакIула керен;
Керемалъул форма хисула;
Къвалакь бакIал къвакIула;
Каранда жаниса чвахизе лъугьуна лъамалъи яги би.
Гьединлъидал 40—ялдаса тIаде сонал ругел руччабазда тIадаб буго кIиго лъагIалида жанибгIаги цо нухалда маммография гьабизе. Гьелъ рес кьезе буго унти байбихьудаго тIатинабизе. Маммография гьабиялъул кинабгIаги зарал букIунаро.
Курмузул рак щвезе бегьула ирсалъеги. Гьединлъидал лъикIаблъун бихьизабун буго, масала, 45 сон бараб мехалда, эбелалъул гьеб унти бугони, ясалъ жиндирго сахлъиялде кIвар кьезе ккола – онкологияб идараялда учеталда лъезе ккола гьелъ жийго, 35 сон бараб мехалда.