ГIадамазе гIорхъи чIвана

Республикаялъул Роспотребнадзоралъ лъазабуна хварав чи вукъу­леб мехалъ гIемерал гIадамал хабаде хьвадугеян.

 

ГIорхъичIваял лъазариялъе ас­лияб гIилла ккола республикаял­да ковидалъ унтулел гIадамазул къадар цIикIкIунеб букIин. Гье­динлъидал ДРялъул аслияв са­нитарияв тохтур Николай Павло­васда лъикIаблъун бихьулеб буго ахIвал-хIал гIодоцинегIан хабалазде гIадамал хьвадичIого чIей.

 

Гьел гьукъа-къаял хъатIизе гьечIо чи вукъулеб бакIалда чара гьечIого гIахьаллъизе кколел гIадамазда ва хварасул цересел гIага-божаразда.

 

 

Хас гьабун мажгитазде ва хаба­лазде гьарулел зияратал щай гьукъу­лелин гIайиб-гъвел гьабулел чагIиги камуларелъул, мисалалъе, жамгIияб транспорталда щай рекIине бегьу­лелин абулеб буго гIадамаз.

 

Гьелда бан «МахIачхъалаялъул гIолилал» жамгIияб багъа-багъа­чариялъул нухмалъулев, жамгIияв хIаракатчи Къородаса Шамил ХIасанхIусеновас гьадин бицана:

 

Тохтурзабазги, Роспотребнадзоралъги абураб гIадахъ босичIого чIей гIакълу гуро. Г ь е д и н л ъ и д а л нижецаги (гIолилазул жамгIиял гIуцIабаз) кисакибго абула цIодорлъи гьабейин, гIемер гIадамал ракIарараб бакIалде инчIого чIани, лъикIаб бугилан.

 

Амма цоцо гIолилаз, гьединго чIахIиял чагIазги абулеб рагIула дида гьеб унтудаса жив хIинкъуларилан. Гьединаздаги абизе бокьун буго, дурго ургъел батичIони, дудаго аскIор ругел гIагабожаралниги щвайин гьединаб мехалъ ракIалде.

 

Мисалалъе, гьеб унтиялъ каву рагьичIеб цониги росу, хъизан батиларо. Гьебги бихьун, гьанже кIиабилеб карачел байбихьидал, цIодорлъи гьабулел чагIи цIикIкIунел руго. Гьеб гуребги, унтул тIоцебесеб карачел тIибитIулеб заманалда гIадамазда гьелъул хIакъалъулъ лъалеб ва бичIчIулеб жо дагьаб букIиналъги хIалуцинабун букIана иш. Гьанже республика­ялъул тIалъиялъги, Динияб идара­ялъги, гьединго информациялъулал алатазги кьолеб баян г1емерлъидал иш лъалаго лъикIаб рахъалде хиса­на. Гьелъ лъикIаб хIасил кьунищин гьикъани, узухъда, кьуна. Дида све­рухъ гьедин бугоха, ракIалде ккола цогидал бакIаздаги гьедин батилин.

 

 

Хабалаздего гIадин, мажгитазде хьвадиги дагь гьабейин лъазабун букIана Роспотребнадзоралъ. Гьеб пикруялъул рахъги ккун, гIадамазде хитIаб гьабуна республикаялъул Динияб идараялъги.