Рамазан ГIабдулмажидов, ДНЦялъул археологиялъулгун тарихалъул ва этнографиялъул институталъул нухмалъулев. МахIачхъалалялъул аэропорталда ккарал лъугьа-бахъинал киса-кирего рагIана, гьелъ гIураб ахIи-хIур гьабуна республика бахун къватIибехунги. Полициялъулгун би гIодоб тIурал тункагIусиял ккана гIолохъабазул. Гьеб буго нилъер республикаялда жамгIиябгун политикияб ахIвалхIал хIалуцинабизе, халкъалда гьоркьоб питнагун жахIда-хIусуд цIикIкIинабизе мурадгун, ургъунго гьабураб иш. Жакъа Дагъистаналъул халкъалъул пикру буссун буго Палестинаялде. Гьенир...





