Жакъасеб къоялъул къваридаб сарин 2014 соналдаса байбихьун, жакъа къоялде щвезегIан гIезегIанго чи чIвана Сириялда нилъер республикаялдаса, гIемерал руго хабар лъачIого тIагIаралги Ахирал соназда нилъер республикаялда цебечIараб балагьаб суаллъун лъугьана Сириялда унеб бугеб рагъулъ террористазул рахъалда нилъер гIадамаз гIахьаллъи гьаби.Гьеб рагъул кор боркьизабуразда гьоркьор руго батIи-батIиял къуваталги политикиялгун рагъулал гIуцIабиги. Гьезул цояблъун ккола ИГил (Исламияб...
