Заманалда кьолел гьечIо

Россиялъул БакIал раялъул, архитектураялъул ва ЖКХялъул министерствоялда тIобитIана данделъи

 

Данделъи нухда бачана рехсараб министерствоялъул нухмалъулев Михаил Меницаги гьесул заместитель Андрей Чибисицаги. Гьеб гIуцIун букIана видео-конференция хIисабалда. Гьелда гIахьаллъана регионалиял министерствбазул вакилзабиги. Данделъиялда бицана «ЖКХ ва шагьаралъул сверухълъи» абураб аслияб проекталъулги капиталияб ремонталда хурхарал регионалиял проектазулги хIакъалъулъ.
Дагъистаналъул рахъалдаса конференциялда гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал тIуралев ХIасан Идрисовги, ДРялъул бакIал раялъул, архитектураялъул ва ЖКХялъул министрасул ишал тIуралев Ибрагьим Казибековги, ДРялъул бетIерав жилинспекторасул ишал тIуралев ГIали ЖабрагIиловги, республикаялъул Ка­пи­та­лияб ремонталъул фондалъул нухмалъулев МухIамад ГIалиевги, министерствабазул ва ведомствабазул вакилзабиги.
Регионазул нухмалъулез бицана жидер республикабазда «ЖКХ ва шагьаралъул сверухълъи» абураб проектги капиталияб ремонталъул проекталги гIумруялде рахъинариялъулги ккарал хIасилазулги хIакъалъулъ.
Дагъистаналъул вакилзабаз бицана, 2017 соналде ДРялъул хIукуматалъ къабул гьабураб планалъулги, гьелда рекъон, МахIачхъалаялдаги, Каспийскалдаги, Дербенталдаги, Избербашалдаги, Гъизляралдаги, Гъизилюрталдаги гIемертIалаяб 38 мина къачIаниланги. РакIалдещвезабуна, кап­ремонталъухъ гIарац бакIаризе захIмалъулеб букIинги.
* * *
Дагъистаналъул гIолилазул ишазул рахъалъ министрасул ишал тIуралев вукIарав МухIамад Къурбанов хъулухъалдаса эркен гьавуна. Гьединаб хIукмуялда гъоркь гъолбас гьабуна Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас.
Документалда хъван буго гьес министрасул тахбакI жиндиего бокьун танилан. Къурбановас гIолилазул ишазул рахъалъ министерствоялъе нухмалъи гьабулеб букIана сентябралдаса нахъе.
* * *
Дагъистаналъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместителасул ишал тIуралев Анатолий Карибов дандчIвана республикаялде рачIарал ПатихI — Султан Мехметил цIаралда бугеб Истамбулалъул университеталъул вакилзабигун.
Дагьаб цебе Турциялъул гьеб университеталъеги Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъги къотIи-къай гьабун букIана хIалбихьи бикьизе, цадахъ хIалтIизе ва бухьенал щула гьаризе. Аслияб къагIидаялда кIиябго университеталъ кIварбуссинабизе буго гуманитариябгун техникиял рахъазде ва гьединго тарих, адабият, мацI, архитектура ва маданият цебетIезабиялде.
* * *
ДРялъул ХIукуматалъул предсе­да­теласул тIоцевесев заместителасул ишал тIуралев Анатолий Кари­бовасул нухмалъиялда гъоркь тIо­битIараб данделъиялда бицана 2018 соналда Каспийскалда ГIали ГIа­лиевасул цIаралда бугеб Спортивияб кIалгIаялъуб тIобитIизе бу­геб эркенаб гугариялъул рахъа­л­ъ Европаялъул чемпионаталде хIа­дурлъиялъул хIакъалъулъ.
Эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионат Каспийскалда тIобитIизе буго 30 апрелалдаса анлъабилеб маялде щвезегIан.

 

Бюджет къабул гьабуна
30 ноябралда тIобитIана ДРялъул анлъабилеб ахIиялъул Халкъияб Собраниялъул 14-абилеб сессия

Сессия нухда бачана парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовас. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатал Валерий Газаевги, Юрий Левицкийги, пачалихъиял идарабазул ва жамгIиял гIуцIабазул вакилзабиги.
Сессия байбихьана политики­ял партиязул вакилзабазул кIалъаяздаса. КПРФалъул вакил Мурзадин Аве­зовас ракIалдещвезаруна сах­лъи­цIуниялъул масъалаби. «Ри­тIухъаб Россия» фракциялъул депутат Марат ГIалияровас бицана цIалдохъабазе лъикIаб даражаялъул квенги сахлъицIуниялъе квербакъулеб хIалхьиги чIезабизе кколин абун. «Цогояб Россиялъул» депутат НурмухIамад ГIалиевас бицана регионалда гидроэнергетика цебетIезабиялъул масъалаялъул хIакъалъулъ.
Депутатазул данделъиялда аграрияб политикаялъулги тIабигIиял сурсатал хIалтIизариялъулги комитета­лъу­л председатель Асият ГIалиевалъ бицана инвестициязул проектал гIум­руялде рахъинаризе кьурал ракьал пайдаялъе хIалтIизариялъул хIакъалъулъ. «ХIисабалъул палатаялъул вакилзабазгун цадахъ депутатазул къокъаялъ мухIканго халгьабуна «Дагъагрокомплекс» абураб инвестициязул проекталъул. 2012 соналдаса нахъе республикаялда гIумруялде бахъинабулеб буго «ДРялда гьанжезаманалъул техникагун технологиялги хIалтIизарун, росдал магIишат цебетIезабиялъул аслияб программа». Гьелда рекъон, хIадуризе ккола овощазул батIи-батIиял тайпабиги, могьолалгун тIоролал культурабиги. ХIисабалъул палатаялъул баяназда рекъон, гьеб проекталъе кьун буго ракьул 9,8 га Гъизляр ва Тарумовка районазда. Дагъистаналъул бюджеталдаса проекталъе биччан буго 2 млрд 462 млн гъуруш. ГьабсагIаталда гьеб предприятие лъазабун буго банкротлъун», — ян абуна гьелъ.
Владимир Васильевас абуна, гьаб­сагIаталда республикаялда расги лъикIаб хIал гьечIин. «ГIемерисел масъалаби тIуралел руго федералияб бюджеталдаса бачIараб гIарцухъ. Нилъер рес буго регион донорлъун букIине», — ян бицана гьес.
Сессиялда цебелъун букIана «2018 соналде ва планалъулал 2019 ва 2020 соназде ДРялъул бюджет» абураб суалги. Бюджеталъул проект тIоцебесеб цIалиялда къабул гьабуна депутатаз. Гьелъул хIакъалъулъ баяналгун кIалъазе вахъана ДРялъул экономикаялъулги территориалияб цебетIеялъулги министрасул ишал тIуралев Раюдин Юсупов. Цин гьес бицана гьаб соналъул 10 моцIрол болжалалда ккарал хIасилазул хIакъалъулъ. Хадуб абуна, тIасияб соналде хIадурараб бюджеталъул проект тIубанго кколин социалияб рахъалде цIайи бугеблъун.
Министрасул баяназда рекъон, гIаммаб хайир бахине ккола 724 млрд гъуршиде, республикаялъулги гIаммлъизабурабги бюджеталъу­л хайир – 33,2 млрд гъуршиде. РакIалда буго 95 млрд гъуршиде бахинабизе республикаялъул бюджеталъул хайирги.
Экономика цебетIезабиялде биччазе буго 100 млн гъуруш. ГьедигIанго кьезе ракIалда буго Дагъистаналъул росдал магIишаталъул нигIматал хIалтIизариялдеги гьелъие хIажатаб техника босиялдеги.
ДРялъул финансазул министрасул ишал тIуралев Юнус СагIадуевас бицана, налогалги цогидабги гIарац бакIарун, республикаялъе тIасияб соналда щвезе кколин 23,9 млрд гъуршидасаги цIикIкIун. Аслияб хайир щвезе буго халкъалъул буголъиялдаса – 39, цIатариялъулгун мехтизарулел жалазул акцизазухъги – 27,4, идарабазул мулкалъухъги – 13,9 ва хайиралдаса налогалъухъги –16,5 процент.
Хасгьабун бюджеталда бихьизабун буго коммуналиял хъулухъазухъги, медицинаялъул идарабазе дарабигун кванил нигIматал росизеги, цогидалги бигьалъаби гьаризегиян бицана финансазул министрасул ишал тIуралес.
Муса Азаев