Лъайкьеялъе – миллиард гъуруш

Дагъистаналъул 22 школалда буго лъабго смена

 

22 ноябралда «Гьудуллъиялъу­л рокъоб» тIобитIана данделъи. Гьениб бицана республикаялъул лъайкьеялда ругел масъалабазул хIакъалъулъ.
Данделъи нухда бачана ДР­я­лъу­л бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас. Гьелда гIахьаллъана РФялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Ольга Васильеваги.
Владимир Васильевас абуна, федералияб бюджеталдаса гIарац кьезе бугин Дагъистаналъул школазда лъабго сменаялъул цIалиялъе ахир лъеялъул мурадалда. «Россиялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министер­ствоялъ Дагъистаналъе кьезе буго 925 млн гъуруш. Гьелъ рес кьела школазда лъабго сменаялъул цIали тIагIинабизеги, республикаялда ругел жагъалал школазул бакIалда цIиял разеги. Гьединаб 130 школа буго ни­лъе­р», — ан бицана гьес.

Дагьал комплектазул
школал къаге
Дагъистаналъул нухмалъиялъул баяназда рекъон, 2014 соналда республикаялда букIана 308 дагьал комплектазул школа. Гьенив цIалулев вукIана щуазаргогIанасев цIалдохъан. Хадубккун, оптимизация гьабулебинги абун, къана дагьал комплектазул 90 школа. МугIрузул районазда рукIарал щугоялдаса 50-ялде щвезегIан цIалдохъан вугел школалги къан, гьел лъимал хьвадизаруна цогидал школазде.
Лъайкьеялъул масъалабазул хIакъалъулъ бицараб данделъиялда Ольга Васильевалъ абуна, дагьал гурони цIалдохъаби гьечIониги, республикаялъул росабалъ хIалтIулел дагьал комплектазул школал цIунизе кколин. «Регионалъул щуго школалда гьоркьоса ункъо ккола росдал яги дагьал комплектазул школа. Жакъа дун дандчIвана росабазул школазулги муниципалитетазулги нухмалъулелгун. Кьуна гьезие суал: «Бегьулищ дагьал комплектазул школал къазе?» — ян. Гьез цокIалго жаваб кьуна, бегьуларин, школа къани, росу биххулин абун», — ан бицана федералияй министралъ.